Среда, 24.04.2024, 00:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Декабрь » 30 » УНТАРАСУЛ БАЩДАЛ Г1УЗРАБИ ТОХТУРАСУЛ КАЛАМАЛЪ САХЛЪУЛА.
13:02
УНТАРАСУЛ БАЩДАЛ Г1УЗРАБИ ТОХТУРАСУЛ КАЛАМАЛЪ САХЛЪУЛА.

Ч1ух1иялъул ва рохалил асар бач1уна рек1елъе район тун къват1ирехун, республикаялда, улкаялда ракьцоязул лъик1ал ишал ва рак1бац1ц1адаб хъулухъ рехсолеб раг1идал «Нижер Хунзахъаха гьев гьалмагъ (гьей г1адан)!»-илан борч1ула дихъани гьаракь. 1996 соналъ республикаялда рагьараб Республикаялъул медицинаялъул центр Дагъистаналда рик1к1уна бищун лъик1аблъун ва г1адамазе гьабулеб хъулухъ т1адег1анаблъун. Х1исаб гьабеха, гьеб рагьаралдаса нахъе щуго нухалъ ц1ик1к1инарун руго сахгьариялъул г1уц1иялда тохтурзабазул ва медперсоналалъул штатал! Араб лъаг1алида жаниб централде рач1арал унтаразул къадар бахун буго анлъазаргоялде. Газеталдасан баркала кьезелъун редакциялде г1емерго рач1унаан гьений х1алт1улей йигей нилъер районцояй, Г1обода росулъа Мух1амадова Узлипат Г1усмановналъул рахъалъ кагътал. Дие ц1акъ бокьун бук1ана гьей Гиппократил гьаялъе рит1ухъай, 24 сон медицинаялъул стаж бугей инсаналъулгун лъай-хъвай ккезе. Ва гьале, бит1ун ц1ияб соналда цебе районалъул газеталъул байрамалъулаб номералъул гьоболлъун лъугьана гьей г1ажаибго иман-бахьи бугеб г1амалалъул тохтур. Республикаялъул медицинаялъул централде гьоркьобе унеб поликлиникаялъул бет1ерай врач. Унго-унгояй маг1арулай. Х1акъикъияй хунзахъей. Хасиятаб къадругун, чилъигун.

-Узлипат Г1усмановна, киг1ан мех бараб дуца гьаб медицинаялъул централда х1алт1илей, бук1анищ къо медицинаялъулгун г1умру бухьиналдаса рак1 бух1араб?

-цебеккун РМЦялъул ветераназул госпиталалда бет1ерав врачасул заместительлъун х1алт1илей йик1арай дун, Ибрагьим Мух1амадович Ибрагьимовас 2010 соналъ ячана гьаб поликлиникаялъул бет1ерай врачлъун. Гьеб к1удияб божилъи рит1ухъ гьабизелъун х1алт1ана дун т1оцебесеб къоялдаса нахъе. Узухъда, щивав тохтурасул г1умруялдаги камуларо рек1екълъулел къоял, рак1буссин. Дур суалалъе дица гьадин кьела жаваб – гьаб х1акимлъуда гьеч1ого цее дунго ч1езайизе дие зах1матаб суал гуро. Гьаб дие я ирсалъ кьураб, я т1адаб бук1араб бак1 гурелъул. Ва амма, сахлъи ц1уни гуреб, цойги бут1аялда, бат1ияб хъулухъ-пишаялда дунго цее ч1езайизе дихъа бажаруларо. Медицинаялда г1умру бухьин бук1ана дир рек1ел анищги г1умрудул маг1наги. Гьелдаса рак1 бух1ани дун щийха ккелей?

- Нужер г1уц1и буго ц1ик1к1унисел ригь арал г1адамал сах гьарулеб бак1. Дун г1ажаиблъун йик1ана гьаниб щивав херасухъ г1енеккун, коридоралъусан малъа-хъваял, гьуинаб калам гьабулаго, гьел т1орит1улеб бихьидал. Кин к1олеб додинаб бербалагьи гьаб чилъи лъуг1араб заманалда ц1унизе, борч1улищ цо-цониги сабру лъуг1и?

-Жакъа бугеб жамг1ият буго г1емер г1узрабаз унтараб, г1унгут1аби г1емераблъун. Узухъда, нижедаги гьеб хъат1ич1ого хут1уларо. Щивав г1адатав инсанасулго г1адал зах1малъабиги къварилъабиги дандч1вала тохтурзабаздаги. Борч1улеб батила хъач1го к1алъан инги, сордо-къоялъул 24 саг1аталъ аваданлъиялда, кеп-г1оркьалда щивниги вук1унарев г1адин, тохтурги хут1илищ? Амма дица дирго х1алт1ухъабазда лъазабун бук1уна нуж ругин Аллагьас сабабалъе ракьалде т1амурал чаг1и, гьеб к1очон тогейин. Бищун дагьалдасан анц1го чи вач1уна щибаб къойил нижехъе, гьаниса рохун нахъе ине жидее берцин гьабун бич1ч1изабураб каламцин г1олел. Цо-цо х1ужа бук1уна кроваталъул раг1алда г1одов ч1ун тохтурас унтарасул кверги ккун гьуинаб хабар бициналъцин гьезул бащдал унтаби т1аса унеб. Ялгъузлъиялдаса рорч1изе, г1адамазда гьоркьор рук1ине, г1адатаб инсанасулаб общение х1ажалъунцин рач1уна унтарал нижехъе. Дозухъ балагьун бич1улеб бук1уна лъималаз дагьаб к1вар кьун теялъ рагъарарал «унтаби» дозулъ рук1ин. Хасго ветераназул госпиталалде рач1унезулъ. Дие бокьиларо Дагъистаналда херазул х1урмат нахъег1ан цураблъун бук1ине. Гьеб бищун цебе лъезе ах1ула нилъ Исламалъги умумузул къадруяб мисалалъги.

-Мун божулищ тохтурзабазул к1иго тайпа «Врач от Бога» ва «Врач, не дай Бог» ругин абуралда?

-Медицинаялъул ц1алул г1уц1иги лъуг1ун, цо къоялъни унтарасулгун хурхен ккарав чи гьедин, «Аллагьас ц1унагиян» киналго т1урулевлъун ватилин дида кколаро. Лъидаса лъуг1аниги, медикасдаса киданиги лъуг1изе бегьуларо чилъи. Бегьуларо гьедин. Рук1уна тохтурзаби-гумманистал, инсан хириял, унтаралгун х1алт1изе бокьулел. Рук1уна тохтурзаби-лъик1ал статистал. Рук1уна тохтурзаби-г1уц1арухъаби. Дица рик1к1уна, гьел унтаразе къабуллъуларел «не дай Бог» тайпаялъулазда жеги сахлъи ц1униялда жидецаго кквезе кколеб бак1 батун гьеч1илан.

-Дуцаго нухмалъи гьабулеб сахгьариялъул г1уц1иялъулги бицеха дагьабго. Рук1анищ дур бокьулеб ишалъулъ мисалиял, релълъарайлъун йик1ине бокьарал чаг1и?

-Нижер поликлиникаялда бугеб стационаралда буго 80 унтарасе регизе бак1. Гьел кидаго ц1унги рук1уна. Лъабго г1уц1и: госпиталь, гериатриялъул центр ва нижер поликлиника уна РМЦялде гьоркьобе. Рагьаралдаса нахъе гьаб машгьурлъана унтараздехун гурх1ел-рах1муялъулаб бербалагьи гьабиялдалъун. Ц1ияб соналъги (ц1ияв нухмалъулев Ибрагьим Уцумиевичас гьелде к1варги буссинабулеб буго) жеги материалиябгун техникияб базаги щулалъун, дов инсан вокьиялъ араб ц1ар жеги борхалъизе гьарила дица пишацоязе. Гьелъие нижер киналго шарт1алги, чилъи гъорлъ бугеб, х1алт1и лъалеб коллективги буго.

Суалалъул к1иабилеб бут1аялъе жаваб дица гьадин кьела:

Лъиданиги релълъаравлъун вук1ун лъихъаго бажаруларо. Бокьиларо диеги гьединай йик1ине, дирго хаслъиги рехун тун. Ва амма чанго ц1ик1к1арал гьалмагъзаби рук1ана дир, жиделъ бугеб т1ок1лъи, махщел, рак1 лъик1лъи дица диего, дирго х1алт1уе босизе бахилал. Реццалъе мустах1икъал. Гьев ккола инсанасде, хасго унтарасдехун, адаб кквей т1адаблъун нижелъ куцарав Ибрагьим Мух1амадовичги, цойгидал г1емерал соназ гьанир х1алт1улел ругел мисалиял тохтурзабиги.

Гара-ч1вари унаго, чанго анц1-анц1 чиясул къвариг1ел т1убана Узлипатица х1еренаб гьимигун, гьаб кагъат-гьеч1ин, дорехун айин хъач1го гьел нахъч1вач1ого. Гьелда г1ажаиблъизе бач1арай дица цо Маг1лиса г1аданалда гьикъана рази йигищ дир районцоялъул бербалагьиялдасайилан. Кидаго дуг1адулъги кколин, жеги цониги нухалъ рек1екълъизе ккеялъул асар биччач1ого т1адмаг1арухъа яч1арай жиндир къвариг1елги т1убанин бет1ерай тохтуралъан долъ бициндал,дун ц1акъ ч1ух1ана Хунзахъа гьадинал сахал, чиясул къвариг1ел т1убалел г1адамал рук1иналдаса. Рагьулеб-къалеб нуц1аялъги, варххан чиясе Узлипатица гьабулеб бихьараб кумекалъги дун нечана халкъалъе пайдаялъе долъ х1алт1изабизесеб заман дицаго ч1валеб бук1иналдаса. Х1укму ккана Ц1ияб соналде районцояздехун тохтуралъул гьари-рахьиги хъван къват1ие лъугьине (авт).

-Узлипат Г1усмановна, щиб гьарилеб дуца районалда ругел дурго пишацоязе, ракьцоязе? Кинал малъа-хъваял гьарилел районалъул медиказдехун йиссун?

-Г1адада гуро абулеб, Аллагьас ц1унагийин хиса-басиязул заманалда г1умру гьабизе ккеялдасаян. Ц1ияб соналдасан г1емер хиса-басиял лъугьине руго сахлъи ц1униялдаги. Гьеб ккола рух1 рик1к1ун гьабулеб сурсатал риччайги (подушевое финансирование). Ай унтаразул къадаралда бараб бук1ине буго тохтурзабазул харж-мухьцин. Гьел хиса-басияз къуркьизарич1ого, ццим бахъинабич1ого хут1изе гьарула дица районалъул медиказе, Рецц Аллагьасе, киданиги раг1ич1о районалдаса рач1араз дора ругел тохтурзаби какулел. Ц1акъ лъик1ал раг1аби абула хирург Ах1мадил, г1урусай педиатралъул, терапевт Г1азимал ва гь.ц. х1акъалъулъ. Дун ц1акъ йохула гьелдаса. Пишацоялги ах1ила рак1 лъукъиларедухъ, щибго квеш бихьич1ого нахъе унедухъ унтарал къабул гьариялде, дол т1адехун рехсарал тохтурзабазда цадахъ жалго рехсоледухъ х1алт1иялде. Гьелъие нужее иманги, щулияб сахлъиги, къуватги кьеги, хириял. Районалъул г1адамазеги гьарила бач1унеб соналда к1ванаг1ан дагь гурого нижехъе ккеч1ого хут1изе, тохтурги ч1агояв инсан вук1ин х1исабалде босун, цо-цо нижехъаги рорч1улел хат1абаздаса т1аса лъугьине. Ракълилаб, баракатаб, рохалил лъугьа-бахъинал г1емераблъун батаги 2019 сон дир хириял районцоязе!

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.

 

 

Просмотров: 453 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz