Пятница, 26.04.2024, 00:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 21 » УМУМУЗУЛ ГIАДАТАЛ.. ГВАЙ БАЙ.
22:00
УМУМУЗУЛ ГIАДАТАЛ.. ГВАЙ БАЙ.

Жакъа нилъеца нагагь-надир гурого ахIуларо некIсиял кучIдул, нилъер кьурдабазулъ хутIун гьечIо умумузул къартI, тадбиразда цебе гурого къватIире рахъуларо гъансиниса кIодоэбелазул хъабалаби, сушиял кванан ругьунаб ургьир «рекъоларин» кваналаро анкьумумузул квенал-нигIматал. Амма лъица-щиб бицаниги, халкъиябин рикIкIине бегьулебщиналъ бачIинабула пагьму-шагIирзабазе, художниказе, хореографазе, кочIохъабазе. Гьелдаса пайдаябги, миллаталъул хаслъи цIунулебги, мокъокъида расенгIан нилъеда рекъарабги щибго гьезеги гьечIо.

Гьеле гьел умумузул гIадатал цIигьариялъул, гIолеб гIелалда гьоркьор тIиритIизариялъул мурадалда, магIнаяб, лъикIаб тадбир тIобитIана гьал къояз Хунзахъ библиотекаялда. ТIаде ахIарал гьалбадерил цебелъеялде гьез босун бугоан «Гвай бай» гIадат. Умумузул рукIа-рахъиналъул, рукъ-бакIалъул, ретIа-къаялъул рагIа-ракьанде щварал чIагоял суратал гIуцIун ругоан библиотекаялъулаз.

МухIамадгIалил ва ПатIиматил хъизамалъе цIоросаролъил лъикIаб бачIин щун, росуцоязде кумекалъе ахIи баялдасан байбихьана тадбир. Цоял-бечедал тепсабигун, цойгидал-тIамур-жергъенгун, лъабабилел-чIагIдал рагIалгун жанире лъугьун рачIана мадугьалзаби, гIагарал-божарал. Байбихьана халатаб хасалил сордоги къокълъизабулеб, гьудуллъи-вацлъиги бижизабулеб гIаммаб хIалтIуде-цIоросаролъ чIучIиналде. Гьоркьо-гьоркьоб гьабсагIат рагIизего рагIуларел некIсиял кучIдузул гьаракь биччан, махсаро-хочIалда хIалтIулел ругоан «умумул». Балагьаразе интерес ккана, гвай балаго, гьез рихьизарурал «БицанкIо-кицаби чIвай»,«БакIиде рахъин» хIаязулги. ЦIакъго бегIерал, жаваб лъазе захIматал рукIана халкъиял бицанкIаби. Амма гьелдасаги цIакъ дие асар гьабуна бакIиде рахъунелъул ясал-васаз, дандиязул гъажалда, тамахаб бак1алда тIил кIутIун, цоцазде рикIкIунел рукIарал хочIалъулал кучIдуз:

 

-Месед-гIарацалъул чIагIа тIолеб жо,

Чанги васал руго мунилан холел

Чайи жаниб тIолеб гIарцул стакан,

Берцинав васасда кодоб босе чIа.

 

-Балхъали гьавурав хъули вижарав

Хъубаб кIалцIи балеб кIал кIудияб рагI,

Гьенисаги ЧIикье чIваркьарал берал

ЧIикьасан Гьамущий щвата гIадаб кIал.

 

-Дурги дирги гIадаб рокьиялдаса

Ракьа батIалъараб кьагIрил гьанго лъикI,

КIиязулго гIадаб балаялдаса

СуркIа рахьдал цIолеб хIораб гIала лъикI.

 

-МагIарда гIи бугев гIаг гьечIеб шарбал

ГIиялъ квидул ругев хвах гьечIеб тIажу,

Нижер хIамичалда хIатIал релъарав

ХIама кIартилалда кIутIби релъарав.

 

-ЧIунтараб гьабихъе гьабил рогIоро

Хадуй реханиги мун ячинаро,

Хабалазул къетIа богIорцу къвачIа

Духъ валагьулевги вас вукIуневдай.

 

-Нижер цагъуралда цаби релъарав

Цоргъол хъарщиялда гьумер релъарав,

Дуцани ячина дунги ячIина

ГIанкIудал мокъида мокъокъ кин чIелеб.

 

-Дица мун ячина чараб гормендо

Чидахъ ялагьичIей яс мун ятани,

Ячун рокъой тела, къоролалъул яс

Дун гурев вокьулев дур ватичIони.

 

-Мунги чийин абун чучун йикIана

БугIа гьоло балеб гьирил къандалъо

Чи мунилан абун кIалъан йикIана

Инсул кавудахъе канахIехь гIадав.

 

-Бегараб хурибе хвараб гIанхвара

Хадуй ячIаниги мун ячинаро

Хабалазул къетIе богIоло къвачIа

Херай эбел хьихьун рокъойго тела.

 

-Мунги чийин абун чучун йикIана

Чухъил лъороб лъолеб буртинадул лъел,

Чийин мунин абун кIалъан йикIана

ТIад чинкир бакъвараб бецаб цIулакьо.

 

БукIаниги, аваданал, кIал пагьмуял гIадамал рукIун руго нилъер умумул! Библиотекабазул ясазул гьунаралъ «цIа рекIинабун», бакIиде рахъун лъалел мухъал рикIкIана тадбиралде ахIарал районалъул нухмалъиялъул цо-цо вакилзабазгицин. ГIуцIа-кIутIараб,пайдаяб тадбир лъугьана гьеб. Гьединал, нилъерго гIадатал цIигьарулел, рекIел хIал бохулел тадбирал гIемерлъаги миллаталда гьоркьор. Гурони, букIинеселъ нилъеде гIарада некIого битIизабун буго.

Ф. МухIамадова

 

Просмотров: 642 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz