900 ялдаса ц1ик1к1ун ч1ужуг1аданалъ г1ахьаллъи гьабуна «Россиялъул бук1инесеб-улбузда кодоб» ан ц1ар тараб регионазда гьоркьосеб форумалда 23-24 ноябралъ Шималияб Кавказалдасаго гурел, улкаялъул тахшагьаралдаса, бат1и-бат1иял регионаздаса руччаби рак1арун рук1ана «Дом дружбы» к1алг1аялде гьеб къоялъ. Сахаб, такъсирчилъи-терроризмалдаса рик1к1адаб жамг1ият г1уц1иялъулъ руччабазул бугеб к1варалъулги бицун, республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас баян кьуна т1асияб соналъ машгьурав шаг1ир Расул Х1амзатовасул «Ц1уне улбул» ан бугеб ах1иги т1ад бек1к1ун Дагъистаналда эбелалъе памятник базе бук1иналъул. Республикаялъул руччабазда байрам баркизе яч1арай Россиялъул Федерациялъул советалъул член, «Россиялъул улбул» г1уц1иялъул председатель Валентина Петренкоцаги г1емерал хинал раг1аби абуна улбузул рахъалъ, жиндирго рахъалдасан сайгъат гьабуна Дагъистаналъул цо школалъе медицинаялъул кабинет г1уц1изе сертификат щивав форумалда к1алъарас щияй эбелалъе кьуна т1адег1анаб къимат, бет1ер къулана г1умру гьабизе бигьаяб гуреб заманаялъ гьезулъ бугеб къох1ехьеялъе.
Нилъер районалдаса мустах1икъаздаса мустах1икъал улбулги г1ахьаллъана гьеб к1вар бугеб форумалда: гьал руччабазул советалъул председатель П. Набиева, ЗАГСалъул отделалъул нухмалъулей А. Г1умарова, районалъул Жамг1ияб Палатаялъул председатель Р. Г1усманова,
райбольницаялъул бет1ерав тохтурасул заместитель Г1. Х1амзалова, Ц1ада, Т1агьада библиотекабазул заведующиял А. Г1алибегова ва Г1. Г1алиева ва гь.ц. Форумалда республикаялъул нухмалъулес шапакъатал кьун к1одо гьаруразде гьоркьое ккана нилъер районцояй, Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул директор Мух1амадова Арайгьанатги. «Г1агараб ракьалде бугеб рокьиялъухъ» г1аламат кьуна педагогалъе район, республика цебет1еялъе гьелъ свак тун бахъулеб бугеб х1аракат бихьун. Рак1-рак1алъго Арайгьанатида щвараб шапакъатги баркулаго, гьелъиеги, районалъул т1олалго улбузеги гьарула парахатаб, лъималаздаса, гьезулги лъималаздаса рохараб г1умру, хъизамалъул гъанситухъ халатал соназ хинлъи, х1алт1улъ ва г1умрудулъ гьел мустах1икъал ругеб къимат щвей. Улбузул къогун, хириял руччаби!
Районалъул администрациялъул бет1ер С. Юсупов.
Райсобрание
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.
|