28 ноябралда Хунзахъ культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана нилъер гьайбатал руччаби-улбузул х1урматалда г1уц1араб щибаб соналъ ноябралъул ахирисеб гьат1ан къоялъ к1одо гьабулеб рохалилаб данделъи-мажлис-эбелалъул къо.
Улбузда х1урматияб байрам-улбузул къо баркизе рач1ун рук1ана райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камилевич Юсупов, гьесул заместителал Шамил Мух1амадович Г1аммаев, Асадг1али Зайнудинович Г1абдуразакъов.
Эбелилан абураб раг1ул хинлъиги, хиралъиги, гьелъул х1еренлъиги лъала нилъер щивасда. Гьей ккола нилъер гъанситухъ ц1а ц1унулейги, ц1адухъ т1аг1амаб квен гьабулейги, лъик1аб тарбия-лъай кьун лъимал г1езарулейги г1адан, ц1одорай, бег1ерай, г1акъилай насих1атч1ужуги. Ч1ужуг1адан камураб х1алт1ул г1уц1и нилъер улкаялда кибниги гьеч1о. Гьей г1ахьаллъула бихьиназда цадахъ к1вар бугел пачалихъиял ва политикиял х1укмаби гьарулелъул. Улбузул к1удияб к1вар буго щибго г1айиб гьеч1ел г1адамазул г1умру хвезабулел террористазде данде гьабулеб къеркьеялъулъги.
Улбузда гьезул гьайбатаб байрамги баркун, мажлис рагьана ва лъуг1изег1ан гьеб берцинго бачана Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Г1айшат Тажудиновалъ. Хадуб гьелъ к1алъазе раг1и кьуна С. К. Юсуповасе. Гьес ц1акъго берцинал раг1абаздалъун баркана улбузда гьезул х1урмат ц1унараб байрам. Нилъ, нилъер кинидахъ ахх бачарал, нилъ реэдарал лъик1аб тарбия кьун нилъ г1езарурал улбул, жакъа улбузул къоялда гуребги, щибаб къоялъ къадруялда ц1унизе ва х1урмат гьабизе мустах1икъал ругилан абуна гьес. Эбел кколила киса-кибго нилъеда хадуб ялагьулей, нилъ ц1унулей г1адан. Лъималазул рохел-эбелалъул рохел, лъималазул пашманлъи-гьелъул рах1ат хвей.
Г1умруялъул 45 сон культураялъе кьурай Ц1ада росдал культураялъул рукъалъул нухмалъулей Мух1амадова Изах1атица руччабазе гьабураб баркиялдаса хадуб бицана жинцаго районалъул культураялъул г1умруялда жаниб лъураб к1удияб бут1аялъул, цебе культураялъул х1алт1ухъабаз гьабулеб бук1араб х1алт1ул. Киназего рек1ее асар гьабуна улбузе сайгъат гьабун гьелъ ах1араб кеч1алъги.
Улбузе сахлъи, рохел гьарун к1алъазе яхъарай Гиничукь росдал клубалъул нухмалъулей Саг1идова Багьжатилги бук1ана цебесебги гьанжесебги культураялъул х1алт1и данде ккураб рек1елъе бортулеб к1алъай. Дагьаб х1алт1и гьабун гьеч1о гьелъги культураялъе кьураб 40-50 соналда жаниб. Цере ч1езаруна цо-цо рак1алдаса унарел лах1затал.
- улбузул рак1азе к1удияб асар гьабулеллъун рук1ана Хунзахъ бугеб культурияб рек1елгъей гьабиялъул централъул директор Х1ажиева Ханикал, Харахьи культураялъул рукъалъул директор Пат1имат Мух1амадовалъул, Бакьагьеч1и культураялъул рукъалъул х1алт1ухъан Къадиева Умагьанил, Х1ариколо культураялъул рукъалъул директор Г1абдурах1манова Хадижатил, райадминистрациялъул бет1ерасул заместителал Шамил Г1аммаевасул, Асадг1али Г1абдуразакъовасул. Жиб-жиб баркиялъулаб к1алъаялдаса хадуб улбузе сайгъат гьарурал куч1дул ах1ун, кьурдаби гьарун байрам берцин гьабуна жалго культураялъул х1алт1ухъаби: Дагъистаналъул мустах1икъай артистка Г1айшат Тажудиновалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Чаран Султ1анбеговас Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабаз, Хунзахъ «Малыш» ясли-ахалъул гьит1ичаз, Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Саг1адуева Пат1иматица ва гьел гурел г1емерал цогидазги. Улбуз лъик1аб къимат кьуна культураялъул х1алт1ухъабаз бихьизабураб «Эбел, яс ва базарган» абураб сценариялъеги. Улбул разиго хут1ана жидеего г1уц1араб рохалилаб байрамалдаса ва гьез рак1-рак1алъулаб баркала кьуна данделъи г1уц1арал культураялъул рукъалъулаб х1алт1ухъабазе.
|