Пятница, 26.04.2024, 02:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 8 » УЧИТЕЛЬ ГЬЕЧ1ОГУН ЧИ ЛЪУГЬИНАРО.
16:16
УЧИТЕЛЬ ГЬЕЧ1ОГУН ЧИ ЛЪУГЬИНАРО.

Г1умруялъго инсан х1ажатавлъун вук1уна ц1и-ц1ияб лъай т1алаб гьабиялде. Учитель вук1инч1ев, учителас дарсал кьеч1ев чи гьаб заманаялъ къанаг1атги ватиларо нилъер улкаялда. Гъваридаб лъаялъул, бег1ераб г1акълуялъул, камилаб махщалил, жидер ц1арал наслабазе ч1ух1илъун хут1арал муг1алимзаби дагьал рахъинч1о нилъер районалда. Жакъаги дагьал гьеч1о районалда лъималазе лъик1аб тарбиягун лъай кьолел педагогал.

Лъималазе тарбиягун лъай кьеялъул мухъалда х1алт1улелщинал к1одо гьарун, учителасул къоялъул х1урматалда 6 октябралда Хунзахъ культураялъул рокъоб г1уц1ун бук1ана байрам. Гьелда г1ахьаллъана республикаялдаса гьалбалги.

«Лъималазе г1оло х1алт1и гьаби-гьеб ккола зах1матаб, к1вар ц1ик1к1араб иш. Гьединаб хъулухъ гьабулеб буго учительзабаз. Нужер щивасе к1удияб баркала ва рецц буго. Нилъер аслияб масъала ккола школа лъуг1ун унел ц1алдохъаби, хадубккун нилъ нечоларедухъ, лъай бугеллъун рук1инари»,- ян районалъулго рахъалдасан муг1алимзабазда гьезул байрамкъо баркана районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. Гьес к1удияб къимат кьуна районалъул лъай кьеялъул ва г1олилазул ишазул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровасул рак1 унтараб, рахъи ц1ик1к1араб х1алт1уе. Районалъул нухмалъиялъ лъай кьеялда лъик1ал шарт1ал ч1езарулел ругин ва ч1езаризеги ругин абуна районалъул бет1ерас.

«Лъай кьей, сах гьари ва диван къот1и-гьел ккола Т1адег1анасдасан инсанасе рач1арал махщелал. Гьезул т1оцебесеб махщел г1адамасе кьола учительзабаз»,- ян пишацоязе т1адег1анаб къиматги кьун, жидерго профессионалияб байрам баркана лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Х1асановичас. Районалъул нухмалъиялъ лъабго соналда жаниб, къват1исан бач1инч1ого, 80 миллионалдасаги ц1ик1к1ун г1арац харж гьабунин лъай кьеялдаян (ц1иял ц1алул бак1ал разе, къач1азе, школалъул мебель ва цогидалги т1аг1ел-алатал росизе) бицана гьес.

 

Саг1ид Юсуповас ва Залимхан Г1умаровас ДРялъул Лъай кьеялъул министерствалъул шапакъатаздалъун к1одо гьаруна церет1еял рихьизарурал педагогал. «ДРялъул лъай кьеялъул отличник» абураб ц1ар кьуна Т1ануси гьоркьохъеб школалъул директор Дибиров Хъайнтмазие, Гьамущи гьоркьохъеб школалъул директор Аминов Мух1амадт1агьирие, Харахьи гьоркьохъеб школалъул учительница Х1ажиева Загьрае ва Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалъул учитель Г1алибегов Х1ажимурадие.

Жидер рак1бац1ц1адаб хъулухъалъухъ ДРялъул лъай кьеялъул министерствалъул х1урматиял грамотаби щвана: Дайтова Загьрае (Харахьи школа), Харахьи школалъул коллективалъего, Абулпазлуева Х1алиматие (Т1ануси школа), Гьиматов Мух1амадие (Г1арани школа), Г1алиева Зумрудие (Бакьагьеч1и школа), Мух1амадинов Мух1амадсайгидие (Г1арани интернаталъул директор), Хат1ипова Заирае (Т1ануси школа), Г1умаров Мух1амадие (Ц1иябуц1ра школалъул директор)-гьесие кьуна профсоюзалъул рескомалъул шапакъатги, Мах1мудов Мух1амадие (районалъул лъай кьеялъул профсоюзалъул председатель), Х1асанх1усенова Махружатие (Г1обода школа), Раджабов Мух1амадие (лъималазул творчествалъул рукъалъул директор), Х1асанова Асиятие (Гьоц1алъ школа), Магрибова Заирае (Хунзахъ №1 школа), Мусаева Умагьание (Ц1ада школа), Асадулаев Асадулагьие (Сивухъ школалъул директор), Г1алиханов Мух1амадие (Г1ахьалч1и школалъул директор), Мух1идинова Анжелае (Шотот1а школа) ва Дибирчуева Рукъигатие (лъай кьеялъул отделалъул методист).

Бищун к1удияб рохеллъун бук1ана 59 соналъ Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъе г1умру кьурав, т1ок1 борч1ун х1исаб г1елму жинда лъалев муг1алим-насих1атчи Ниматулаев Х1амзатие Дагъистаналъул мустах1икъав учитель абураб т1адег1анаб ц1ар кьей. Гьеб шапакъат кьезеги, муг1алимзабазда байрам баркизеги районалде вач1ун вук1ана цоги махщел камилав учитель, лъик1ав тарихчи, мунагьал чураяв Ясулов Х1ажил вас ДРялъул Бет1ерасул ва х1укуматалъул администрациялъул нухмалъулесул заместитель Ясулов Камил. Пишацоязда байрам баркана Ниматулаев Х1амзатицаги. Г1умруялъго учительлъун вук1арав жиндир эмен вук1анин жиндие мисаллъунан бицана Х1амзатица.

Ракьцоязда байрам баркана халкъияй шаг1ир, нилъер ч1ух1и Фазу Г1алиевалъул вас «Лезгинка» ансамблялъул гендиректор Мух1амадов Жамбулатицаги. Г1агараб ракьалъухъ урхъун вук1унин живилан, районалде щвеялдаса жиндирго бугеб к1удияб рохел загьир гьабуна гьес. Ц1акъ берцинал, гъваридаб маг1наялъул раг1абаздалъун къимат кьуна Жамбулатица учительзабазе.

Районалъул лъай кьеялъул профсоюзалъул председатель Мах1мудов Мух1амадица ва Т1ануси школалъул директор Дибиров Хъайитмазица профсоюзалъул грамотабаздалъун к1одо гьаруна: Ах1мадова Зарема (Хунзахъ №2 школа), Насух1ова Маймунат (Бакьагьеч1и школа), Х1анапиев Мух1амад (Х1ариколо школа), Мух1амадова Мадина (Г1ахьалч1и школа), Г1абдулхаликъова Пат1имат (Т1ануси школа), Исмаг1илова Пат1имат (Шотот1а школа), Г1абдурах1манов Г1абдурах1ман (Гьоц1алъ школалъул директор), Абакарова Султану (Ч1ондокь школалъул директор), Сайгидах1мадов Мирзабег (Г1оч1ло школалъул директор) ва Х1асанбегов Мух1амад (райадминистрациялъул бухгалтер).

Гьанжесел учительзаби гурелги, гьит1инал сайгъатаздалъун рохизаруна байрамалде ах1арал, мустах1икъаб х1ухьбахъиялда ругел муг1алимзабиги.

Баркиялгун шапакъатал гурелги, учительзабазе х1адурун рук1ана кеч1-бакъаналъул, кьурди-хъаталъул сайгъаталги. Ц1адаса Х1амзатил «Учитель» кеч1 пишацоязе сайгъат гьабуна К1ахъа Гъазиев Нурмух1амадица. Куч1дул ах1ана районалъул культураялъул х1аракатчаг1аз. Берцинал церерахъинал рихьизаруна Г1арани гьоркьохъеб школалъул, искусствалъул школалъул Хунзахъ, Г1арани, Г1ахьалч1и филиалазул ц1алдохъабазги.

Байрамалде рач1араз лъик1аб къимат кьуна гьеб нухда бачарай Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Шаг1банова Шамсиятил махщалие.

Гьедин рохалида гурони данделъизе хъван батугеги нилъее. Лъай кьеялъул даражаги, лъай босизе гъира бугел лъималги ц1ик1к1аги районалда.

П. Гунашева.       

     

Просмотров: 562 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz