Гьал ахирал соназда районалъул бищунго рах1ат хвезабулеб ишлъун ккола токалъул суал. Г1адамаз х1акимзабазде рехун, х1акимзабаз г1адамазде рехун рук1уна кидаго токалъул ругел г1унгут1абиги.
13 июналда гьеб суалалда хурхун х1алт1улаб сапаргун районалде вач1ун вук1ана ц1иг1уц1араб «Дагэнерго» ОАОялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв Гьимат Гьиматов. Гьев вач1иналъе г1илла ккана бух1араб токалъухъ г1арац бак1ариялъул рахъалъ нилъер район т1олабго республикаялдаго рач1ч1алда бук1ин. Рехсараб суалалда хурхун районалъул администрациялда т1обит1ана данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ерас, гьесул заместителаз, росабазул бегавулзабаз ва цогидазги.
Данделъиялъул байбихьуда Гьимат Гьиматовас бицана республикаялъул энергетикаялъул системаялда ккарал хиса-басиязул. Гьедин, цолъизарун руго киналго токалъухъ г1арац бак1арулел идарабиги подстанциялги. Нилъер районалда гьединаб цолъизабураб г1уц1иялъул нухмалъулевлъун тун вуго цебе г1арац бак1арулеб идараялъул вук1арав начальник Мусаев Г1али. Гьес бицана районалда токалъухъ г1арац бак1ариялъул иш ц1акъ зах1матаб х1алалда бугилан. Гьелъул х1асилалда жидер рес кколеб гьеч1ила турарал токалъул х1убалги басралъарал трансформаторалгун кваралги хисизе ва къач1азе. Ц1акъ г1емерлъун ругила г1адамаз ток бикъиялъул х1ужаби, чангиязул гьезего гьеч1ила счетчикал. Гьедин, исана май моц1алда районалъе биччараб токалъул 64 % араб бак1 лъач1ого т1аг1ун буго. Раг1и кьуна г1агараб к1иго моц1ида жаниб дагьабниги гьеб суал цебе бачине к1ванани, район токалдалъун хьезабизе жиндица к1вараб х1алт1и гьабилилан. Гьединго бицана гьал къоязда Пятигорскиялдаса районалде бач1ине бугеб комиссиялъул ва росабазул бегавулзабазда гьарана гьелгун цадахъ х1алт1еян.
Саг1ид Юсуповас абуна район цебет1ураблъун бук1ине ккани, гьелъул киналго рахъазда х1алт1и х1асил кьоледухъ бук1ине кколилан ва бегавулзабазда лъазабуна къокъаб заманалда жаниб бач1араб комиссиялъул вакилзабигун цадахъ жиде-жидер росабалъ рехсараб г1унгут1и т1аг1инабизе х1аракат бахъеян. Гьеб х1алт1уда хадуб халкквезе т1адкъана жиндирго заместитель Г1аммаев Шамилида. Ахиралда бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги.
Данделъиялдаса хадуб бегавулзабигун цадахъ Гьимат Гьиматов щвана районалъул токалъул ц1ик1к1араб х1инкъи бугел бак1аздеги.
И. Мух1амадов.
|