Среда, 24.04.2024, 20:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Сентябрь » 2 » ТОКАЛЪУЛ ИШ ЛЪИК1 ГЬЕЧ1О.
16:56
ТОКАЛЪУЛ ИШ ЛЪИК1 ГЬЕЧ1О.

Ахирал соназда Хунзахъ районалда бищунго зах1матаблъун ккола токалъул суал. Г1адамаз подстанциялде рехун, подстанциялъ г1адамазде рехун бук1уна нилъер районалда токалъул иш. Токалъул бут1аялда бугеб ах1вал-х1ал, дандч1валел ругел зах1малъабиги ц1ехон дун щвана РЭСалъул начальник Мусаев Г1алихъе. Гьале нижеда гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Г1али Сайгидг1умарович, кинаб ах1вал-х1ал бугеб жакъа районалъул токалъул мухъазда?

-Бит1араб бицани расги лъик1аб х1ал гьеч1о ва гьеб лъиениги балъголъиги батиларо. Районалда ругел токалъул мухъазул 80% руго араб г1асруялъул 60-70абилел соназдаго рачун рук1арал ва гьел басралъун руго. Гьединлъидал гьезда х1ехьезе к1олел гьеч1о рукъзал хинлъизариялъул ва цогидалги гьаб заманаялъул къуватал токалъул алатазул т1адецуй. Чанго бак1аздасан турун рортун иналде ккун руго х1убал. Бищунго к1удияб зах1малъи буго г1адамаз ток бикъулеб бук1иналъ ва бух1араб токалъухъ г1арац кьунгут1иялъ. Цо-цоязул гьезего гьеч1о счетчикал. Хасало г1адамаз бух1араб токалъул 70% г1арац кьоларо ва гьелдалъун нижее к1удияб зарал ккола. Бук1ине кколеб къадаралда киназго г1арац кьолеб бук1арабани нижерги рес рекъелаан х1убалги хисизе, мухъалги ц1и гьаризе ва трансформаторалги къач1азе.

-Араб г1асруялъул 60-70абилел соназдаса бахъараб щайдай ц1игьарич1ел районалда токалъул мухъал?

-Гьеб суалалъе мух1канаб жаваб щвезе ккани, ц1ехезе ккела дидаса цере рук1арал нухмалъулезда ва цебеккун районалъул бук1араб т1алъиялда. Амма дидаго рак1алде ккола советияб заманаялъ гьел ц1и гьаризе кутакаб х1ажалъи бук1ун батиларилан, щайгурелъул г1адамазул гьанжег1адаб ц1ик1к1араб токалде х1ажат бук1инч1елъул ва ругел мухъал г1олел рук1индал. Хадубккун СССРги биххун, улкаялда, гьелдаго цадахъ республикаялдаги бук1араб х1абургъиналда гъорлъан гьеб х1алт1уде рег1арав чиги вук1ун ватилароха.

-Киназулго г1арзал рук1уна токалъул г1ураб т1адецуй гьеч1илан, гьелъие г1илла щиб?

-Гьелъие г1илла буго г1адамаз ц1ик1к1араб къадаралда ток бикъулеб бук1ин ва бух1араб къадаралда рекъон г1арац кьолеб гьеч1олъи. Цо фаза гурони рокъобе бач1унарев чияс, балъго ц1алеб буго лъабго фаза, гьелдалъун цогидазе ток дагьлъулеб буго. Ц1ияб минаялде ток бачунаго, рукъалъул бет1ергьанас законалда рекъон жинцаго лъезе ккола счетчикги ц1азе ккола х1ободе щвезег1ан кваралги. Гьелдаса хадуб нижеца счетчикалъухъ халги гьабун гьелда пломба лъола. Хъвала гьесулгун къот1и-къайги. Гьениб бихьизабун бук1уна чан киловатт токалъул гьесул рокъобе биччалеб бугебалиги. Амма г1емерисез гьеб къот1и-къаялда бихьизабуралдаса ц1ик1к1ун ток бух1ула, гьелдалъунги цогидазе ток мукъсанлъула ва т1адецуй г1одобе ккола. Гьелъие данде кколел мухъал гьеч1олъиялъ, районалда лъиениги кьун гьеч1о токалдасан отопление гьабизе ихтияр.

-Щайха ихтиярги гьеч1ого отопление гьабизе тараб нужеца г1адамазе?

-Нижехъа гьукъун х1алк1олеб иш гуро гьеб. Нижехъа бажаруларо щибаб минаялъуре жаниреги ун гьениб отопление бугищали халгьабун. Бажараниги къот1и-къаялда рекъон бихьизабураб токалъул къадар отоплениялъеги х1алт1изабун, цогидал х1ажатазе къвариг1унеб ток бикъула киназго.

-Жакъа къанаг1атазулги бук1унаро щибаб моц1алъ токалъухъ кьезе 10-15 азарго гъурущ. Гьединлъидал г1емерисез бикъулебги буго. Дуда рак1алде кколарищ г1адамал токги щвани цогидабги бикъун гурони яшав гьабун бажарулареб х1алалде ккеялъе г1айиб пачалихъалда бугилан?

-Пачалихъалъул жаваб кьун нижехъа бажаруларо. Токалъухъ кьезе 10-15 азарго гъурущ гьеч1они бугеб ресалда рекъон бух1изе ккола. Маг1арухъги рук1ун печьги бакич1ого, г1и-боц1иги хьихьич1иго, хур-херги гьабич1ого бигьаяб г1умруялда т1убалищха. Узухъда 21 г1асруялдаги ругелъул киназего бокьила гьединаб рах1атаб г1умру, амма рах1ат ч1обого бук1унаро. Гьелъие рес г1олеб гьеч1они, бугелда г1ей гьабизе ккола. Масала, эбел-инсуца ц1ияб минаги бан кьун васасе ч1ужу ячуна, гьениб бук1уна добго отоплениеги хинал ч1абаралги, амма гьелъухъ г1арац кьоларо рес гьеч1илан. Рес гьеч1они бакун ц1улада печьгун рук1ине ккелаха.

-Г1адамаз токалъухъ г1арац кьунгут1иялъе аслиял г1иллаби кинал дуда рихьулел?

-Узухъда ратила рес гьеч1олъиялъ г1арац кьун бажаруларелги. Амма руго чанги г1ураб ресалда ругониги г1арац кьоларел ва бикъулелги. Цо-цо гьединазул пикру бук1уна токг1аги бикъич1они, т1ок1аб щибила бикъилебилан. Амма, дида бич1ч1уларо ц1огьодизейищ нилъ дунялалде риччан ругелали.

 

-Ток бикъиялда хурхун ва гьелъухъ г1арац кьунгут1иялда хурхун мискинчиясеги бечедасеги яги х1акимчиясе гьабулеб г1адлу бащадаб бук1унищ нужер?

-Бук1уна. Мискинав вук1а, бечедав вук1а, нижеца щивго ват1а гьавуларо. Законалда цере киналго ращад руго.

-Дида жеги раг1ич1оха цониги ресалда вугев яги х1акимчиясул ток къот1анин абулеб.

  • бух1араб токалъухъ г1арац кьола. Нагагь нужеда лъалев ватани цониги ток бикъулев яги г1арац кьоларев х1акимчи, хех гьабун нижеда лъазабе. Нижеца нужги цадахъ рачун бихьизабила киназего г1адлу бащад бук1ин, гьабила актги къот1ила токги.

-Киназдаго лъала хасало токалъул ц1акъго зах1матаб х1ал бук1унеблъи. Бегьуларищ цебеккунго хасел т1аде щвелалде х1адурлъизе?

-Бажарараб х1адурлъи гьабула нижеца. Амма гьелъие къвариг1уна оборудование, гьеб босизе г1адамаз бух1араб токалъухъ г1арацги кьолеб гьеч1они, сундухъ нижеца х1адурлъи гьабилеб. Нижеца цебеккунго г1арза кьола управлениялде къвариг1араб оборудование бит1еян, амма гьенисаги нижее щола х1ажатаб къайиялъул 10-15%.

-Учительзабазе, рагъул лъугьа-бахъиназул г1ахьалчаг1азе, инвалидазе ва цогидазе кинал рук1аниги бигьалъаби ругищ?

-Гьеч1о. Гьел киналго бигьалъабазул бак1алда гьанже г1арац кьолеб буго.

-Гьабсаг1аталда районалъул кинал росабалъ бугеб ц1акъго зах1матаб ах1вал-х1ал?

  • руго зах1малъаби, цо-цо росабалъ хут1изег1ан. Гьединаздасан ккола Х1ариколо, Ц1ада ва Харахьи участокалъул росаби.

-Рокъоб г1ураб т1адецуйги гьеч1ого цониги алат бух1ани, лъица гьелъул жаваб кьолеб?

-Рокъобе ток бачунелъул гьабулеб договоралда рекъон минаялъул бет1ергьанас рокъоб лъезе ккола т1адецуялъул отсекатель, гьелъ киналго алатал ц1унула. Гьединлъидал гьелъул жаваб кьезе ккола живго рукъалъул бет1ергьанас. Нагагь токалъул квар т1ун, х1уби бегун лъиениги зарал ккани, гьелъул жавабчилъи нижеде ккола, амма хьул буго гьединал лъугьа-бахъинал ккеларилан.

-Ахиралдаги щиб дуца абилеб районцояздехун?

-Дица киназдаго гьарилаан токалда сверухъ низам ц1унеян, бикъугеян ва гьеб исрап гьабугеян. Араб хаселалъ цо росулъе щвейдал гьениб цо рокъоб азбаралда лъел ц1ураб чирмакъолоде кваралги рачун гьеб хинго ч1езабун батана. Гьединал мисалал жеги г1емер рачине бегьула. Нилъер г1адамал ругьунлъун руго токалъухъ г1арац кьеч1ониги бегьулин абураб пикруялде. Интернеталъухъ, телефоназухъ, планшетазухъ ва цогидалги гьаб заманаялъул шарт1азухъ кьезе бук1унеб буго г1арац, амма токалъухъ кьезе батулеб гьеч1о. Гьединабго ах1вал-х1ал буго г1емерисел мажгитаздаги. Киб хъван бугеб мажгитахъ г1арацги кьеч1ого ток бух1изе бегьулин абун? Трансформаторазул щибго къварилъи гьеч1о нилъер. Районалда буго кинабниги 240 трансформатор, гьездасан 146 нижер т1алабалда бук1уна. Ай, трансформаторал г1ураб къадаралда руго, гьезде ц1акъго х1ал ккезабиялъ гьел рух1улелги руго. Цо-цояз спонсорал ралагьун яги жидецаго г1арацги бак1арун ц1иял лъолел ва къач1алел руго трансформаторал. Амма трансформаторал ц1иял лъурал г1оларо, гьезие гьабизе ккола хасаб хъулухъ, зама-заманалдасан хисизе ккола нах ва цогидалги т1аг1алаби. Гьединаб хъулухъ гьабизе нижерги рес бук1унаро, гьабсаг1атги 7-8 трансформатор буго г1одоб лъун къач1азе рес гьеч1ого. Гьединлъидал гьадинаб зах1матаб х1алалдаса рорч1изе буго цох1о нух-ток рекъон бух1и ва бух1аралъухъ г1арац кьей. Цо-цо г1адамазул харбал рук1уна нижер контролераз г1арац жидеего толеб бугилан. Гьебги гьереси буго. Нуж контролеразда божулел ратич1они интернеталдасанги почалдасанги ва жеги чанго бат1ияб къаг1идаялдалъун кьезе бегьула г1арац.

Доба-гьаниса хал гьабулезул къукъаби рач1индал, гьез ток къот1ич1ого бук1ине авал-къоноялъго данде бак1арун г1емераб г1арац кьола, амма гьезие кьолеб ришваталдаса г1емерго дагьаб бугониги, бух1араб токалъухъ нижее кьезе кколеб г1арац кьоларо. Хьул буго районцоязда дун вит1ун вич1ч1илин ва дир гьари гьез г1адахъ босилин. Гурони гьадинаб ах1вал-х1ал бугони, нилъер мухъаз г1емераб мех баларо.

-Баркала дуе заманги батун нижгун дандч1варалъухъ. Районалда токалъул иш роц1ц1инабизе дуе сахлъиги къуватги кьеги.

Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас.

 

Просмотров: 513 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz