Четверг, 18.04.2024, 12:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Февраль » 18 » ТАРИХАЛЪУЛ Т1АМЧАЛ РЕГУЛАГО. АКАДЕМИК П. К. УСЛАР ХУНЗАХЪ.
16:49
ТАРИХАЛЪУЛ Т1АМЧАЛ РЕГУЛАГО. АКАДЕМИК П. К. УСЛАР ХУНЗАХЪ.

Ц1ар раг1арав г1урусазул г1алимчи, цевет1урав Кавказ лъазабулев ва Дагъистаналъул мац1азул ц1ех-рехалъул бергьарав г1акъил академик Петр Карлович Услар гьавуна 1801 соналъ Тверь губерниялда Курово росулъ. Хъизамалъул мискинаб яшавалъ, г1олохъанав Усларил рес рекъеч1о университеталъулаб лъай босизе. Гьеб г1иллаялъ байбихьуда ц1ализе ккана Петербургалъул гимназиялда, гьениб загьирлъана мац1ал лъазариялде бугеб г1ишкъу ва гьунар. Хадув ц1алана Бет1ераб инженерлъиялъул училищеялда, Лъуг1изеги гьабуна 1836 соналъ. Училище лъуг1арав гьев вит1ула Кавка­залде рагъулаб хъулухъалде. 1837 соналъ Усларица хъулухъ гьабуна Дагъистаналда, гlaхьаллъана рагъулал экспедициязда. 1840 соналъ гьев Петербургалде т1ад вуссуна ва ин­женерлъиялъул академиялде лъугьуна. Гьеб лъуг1игун вит1ула Сибиралда хъулухъ гьабизе. 1850 соналъ Услар нахъойги Кавказалде т1ад вуссу­на. Хадусеб жиндирго т1олабго г1умру ахирисел къоязде щвезег1ан бухьинабуна муг1рузул улкаялда. Гьелдалъун хадусеб 25 сон г1умруялъул гьесул уна Кавказалъул, хасго Да­гъистаналъул г1емер миллатазулал халкъазул культура лъазабулаго, рагъулал хъулухъазда, г1елмиябгун лъай кьеялъул х1алт1иялда. Генерал-майорасул чиналде вахинег1ан гьениб хъулухъ гьабурав Услар, гьабулеб ишалъулъ ва пикрабалъ вук1ана г1алимчи ц1ех-рех гьабулев чилъун.

Г1алимзабазул къукъаялъул х1аракатчилъиялда 1851 соналда Тифлисалда г1уц1ана Г1урусазул географиялъулаб обществоялъул Кавказалъул отдел, гьелда бухьараб бук1ана гьесул г1елмияб х1аракатчилъиги. Гьеб г1уц1иялъулъ Услар вук1ана бищунго х1аракатаздасан цоявлъун ва гьелъул 16 х1акъикъиял членазул т1оцересезда гъорлъги. Гьениб гьоркьор лъуна Усларил Кавказ лъазабиялъул «Эриваналъул губерниялъул г1одорлъаби», «Эриваналъул губерниялдехун ва Араксалъул х1акъалъулъ географиялъулаб рахъалъ пикраби» г1адал къиматал г1елмиял х1алт1аби.

Хадуб Усларида т1ад къана Кавказалъул нек1сияб заманалъул ц1ех-рех гьабизе. Киг1анго хъулухъазул ишаз рег1ел гьеч1ого вук1аниги, гьес т1аде босана Кавказалъул мац1ал лъазаризе. Гьелда т1ад х1алт1улаго, хадувккун Услар вахъана мац1азул рахъалъ пачалихъалдаго ц1ар paгlapaв г1алимчилъун. Мац1азда т1ад х1алт1улаго ц1ик1к1араб х1албихьи щварав Усларица байбихьана Дагъистаналъул мац1азда т1ад х1алт1изе, гьезда гьоркьобги бищунго т1ибит1аpаб маг1арул (авар) мац1 лъазабизе, хадуб тумазул, даргиназул мац1азда т1адги х1алт1изе. 1871 соналъ лъуг1изабуна лезги мац1азул ц1ех-рех гьабиги. Ахирисеб Дагъистаналъул мац1азул гьев т1ад х1алт1араблъун бук1ана табасараназул мац1. Амма гьелъул грамматика т1убан раг1алде бахъинабизе гьесухъа бажарич1о, гьедин гьеб хут1ана лъуг1ич1еблъун. Мац1азда т1ад х1алт1и Усларица гьабулеб бук1ана бит1ахъего Дагьистаналдаги вук1ун. Гьелъие т1аса бищун бук1ана, доб мехалъ Дагъистаналхъул бук1араб тахшагьар Темирхан-Шура (гьанже Буйнакск).

1863 соналъ Шурае вач1арав Усларица, кват1ич1ого сапар бухьуна муг1рузул районазде. Бач1инахъего щола Гъуниве, гьенисан хъвана: «Рии т1амуна Гьоркьохъеб Дагъистаналъул бакьулъ бугеб Гъуниб, рес щвана г1емер миллатазул къавмлъун кколел маг1арулазулгун гара-ч1вари гьабизе». Бихьизабизе ккола, Кавказалда вугебг1ан заманаялъ гьес 20 г1ан кумекчи хисана бат1и- бат1иял миллатазул. Усларица хадуб хъвавухъе, хасго гьесие к1удияб кумек гьабуна Ч1ик1аса Айдемирица (маг1арул мац1). Г1абдула Г1умаровас (тумазул мац1), Казанфар Зульфукъаровас (табасаран мац1) ва гь. ц. Усларица г1уц1ун бук1ана Дагъистаналъул этнографиялъул картаги. Гьел­да рихьизарун рук1ана кинаб миллаталъул, диалекталъул, мац1азул группаялъул к1вар бугел г1адамаз кирехун г1умру гьабулел ругелали. Услар цох1ого мац1ал лъазариялда т1ад х1алт1и гуребги, вук1ана маг1арулазул лъай борхизабиялъулъ свак гьеч1ев х1аракатчилъунги. Гьес г1уц1араб алфавиталда рекъон къват1ире риччана маг1арул, тума­зул, лезги ва цогидалги мац1азда г1емерал ц1алул т1ахьал ва азбукаби. Усларил х1аракаталда 1865 соналъул август моц1алда Хунзахъ рагьана муг1рузул Дагъистаналда т1оцебесеб светская (динияб гуреб, аристократияб) школа.

Бит1ахъего гьеб школалда байбихьана Усларица гlyцlaраб грамматикаялда маг1арулазул (аваразул) лъимал ц1ализаризе. Гьес Хунзахъ рагьараб школалде росана 15 ц1алдохъан, учительлъун вук1ана Усларил нухмалъиялда х1алт1улев Ч1ик1аса Айдемир.

Кват1ич1ого гьеб школа, цо хасал г1иллабазе г1оло, Хунзахъа Шурабе бахъана

Бицинч1ого г1оларо, авар грамматика г1уц1иялъулъ, Усларие ц1ик1к1араб кумек маг1арулазул машгьурав г1алимчи гьеб заманаялъ Хунзахъ вук1арав Х1ариколоса Лачемиласги гьабун бук1инги. Усларица гьев жиндирго гьудуллъун рик1к1унаан, бегьула гьесул рукъов вук1ун ватизеги.

Хадубккун гьединалго школал Усларица рагьана Кумухалда ва Гъуниб. Гьес маг1арулазул мац1ал лъазариялъ миллатазда гьоркьоб ц1иял низамазде, хурхеназде рачана, гьелдаго цадахъ к1вар кьуна дагъистаниязда гlypyc мац1 лъазабиялдеги. Усларида бич1ч1ана маг1арулазда гlypyc мац1 лъазабиялъул бугеб к1вар, цоцаздехун, хасго Россиялъул пачалихъалдехун хурхен гьабизе гьеб лъаялъул бугеб х1ажалъи, миллатазда гьоркьоб бухьеналъеги цо г1аммаб мац1 гьеч1ого г1унгут1и.

Мац1ал лъазариялъул г1елмуялда т1ад х1алт1и гуребги, Усларица г1емераб х1алт1и гьабуна Кавказалъул халкъазул г1ажаибал тарихиял, фольклоралъул, этнографиялъул рахъалъ ц1ех-рехал гьариялъеги. Гьес данде бак1арана г1емераб архивалъулаб материал, кьуна гьелъие г1елмияб къимат. Гьеб кинабго х1исабалдеги босун, Кавказалда ва Дагъистаналда гьарурал ч1ах1иял ц1ех-рехазул г1елмиял х1алт1абазе г1оло 1868 соналъ. П. К. Услар вищана г1урусазул г1елмабазул Академиялъул Член-корреспондентлъун.

Ахиралдаги разилъич1ого г1оларо Усларие нилъер ракьцояв С. Габиевас кьураб къиматалда. Гьес жиндир заманалда хъван бук1ана: «Усларил Кавказалъе бугеб к1варалъе кьимат кьун бажаруларо. Гьесдасан байбихьана этнологияльул ва этнографиялъул ц1ех-рехазул рахъалъ нилъер ват1ан лъазабиялъул ц1ияб заман» абун.

М ЭЛЬДАРОВ,

Дагъпединституталъул доцент.

 

 

Просмотров: 508 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz