ХIурматиял районалъул захIматчагIи, рагъул ва захIматалъул ветеранал, тIолалго районцоял! Гьале нилъеца тарихалъубе регIана иргадулаб 2018 сонги ва дандчIвай гьабулеб буго 2019 соналъулгун. Араб сон букIана нилъер гIумруялъулъ хиса-басиял ккараблъун. Районалъул администрациялъ ва райсобраниялъул депутатаз ракI-ракIалъго баркулеб буго т Iолго Хунзахъ районалъул жамагIаталда тIаде щолеб сон. Лъугьайги нилъее тIаде бачIунеб сон баракатаблъун, рохел гьарзаяблъун, рекIел анищал тIуралеблъун, цIиял бергьенлъабаз нилъ рази гьарулеблъун. Г ь а р у л а районцоязе щулияб сахлъи, халатаб гIумру, хIалтIулъ бергьенлъаби. Араб соналда рукIана рохалил къоялги, амма хутIичIо камиял ккечIогоги. ГIумру буго гIумру. Кин-щиб бугониги, 2018 сон букIана гIемерисезе жиндир рекIел гIемерсоназулал мурадалгун анищалги, лъикIал къасдалги тIубараблъун. Божи ва хьул буго ЦIияб соналъги щибаб хъизаналъе Аллагьас сайгъат гьабилин талихI, щибаб рукъалъе хинлъи, щивав чиясе сахлъи. Рагьдухъ рещтIун ЦIияб сонгун бокьун буго районалъул нухмалъиялъул рахъалдаса ракI-ракIалъ баркизе районалъул тIолалго гIадамазда ЦIияб соналъул байрам. Гьаризе щивав чиясе цIияб талихIгун рохел. Риччанте тIуразе щивасул рекIелъ ругел лъикIал къасдалгун мурадал, лъикIлъизе гIумру-яшав, бугелда баракат лъезе, тIаде рачIунел нигIматал гьарзалъизе. Биччанте, ЦIияб 2019 сон букIине ургъел-балагьал рикIкIалъараблъун, ракълилаблъун ва талихIаблъун, рос-лъади, хъизан-лъимал, тIолалго гIадамал цоцада ричIчIараблъун, районалда церечIарал масъалаби тIураялъе, районалъе ва гьелъул гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъиялъе гIоло районалъул халкъ, киналго районцоял гъункулеблъун ва цолъулеблъун. ЦIияб соналъ кинаб нухккун нуж унел ругониги, дандчIваге абе нужеда ургъелгун балагьал, къварилъабигун захIмалъаби. Гьарула нужер щивасе щулияб сахлъи, рекъел, хъизанрукъалъулаб талихI, икъбал. ЦIияб сонгун, цIияб талихIгун, хIурматиял ва хириял районцоял!
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул администрация.
Райсобрание.
Ваг1алайкум салам, барка Ц1ияб сон,
Ярагъ цадахъ гьеч1еб бач1ун батаги.
Рекъел щулалъаги, г1умру борхаги,
Г1и-боц1ул илхъабаз азбарал ц1еги.
Унти-балагьазул бут1рул къот1аги,
Берцинаб г1умруялъ сверухълъи г1еги.
Ц1ад-бакъ рекъезабун, хурзал ц1илъаги,
Ц1ик1к1ун маг1ишаталъ баракат лъеги.
Лъимадул рохелаз рукъзал канлъеги,
Кини къвариг1инч1еб къо бач1унгеги.
Берцинлъи, х1еренлъи, х1ажатаб адаб
Ирсилазе кьолел кьерилаз ц1еги.
Рохелалъе гуреб хабар лъагеги,
Лъик1лъиялъе гуреб бакъ къалъугеги.
Къадруяб Дагъистан даим гвангъаги,
Гучаб Россиялъул борхалъи г1еги.
Редакция
|