Четверг, 28.03.2024, 11:34 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Октябрь » 8 » «Т1ОЦЕБЕСЕБ ИРГАЯЛДА Ц1АЛИ»
16:55
«Т1ОЦЕБЕСЕБ ИРГАЯЛДА Ц1АЛИ»

1971 соналда Дагъистаналъул педагогикияб институталъул физикаялъулгин математикаялъул факультетги баг1араб дипломалдалъун лъуг1изабун, муг1алимасул лъик1аб махщелги щун, г1агараб районалде х1алт1изе вач1ана Шамсудин Х1амзатович. Х1алт1ана Харахьи, Г1ашилт1а, Гьоц1алъ гьоркьохъел школазда. 1977 соналдасан байбихьун жакъа къоялде щвезег1анги х1алт1улев вуго Буц1ра гьоркьохъеб школалда. Гьениб араб 41 соналдасан, 35-яб кьуна гьес школалъе нухмалъи гьабиялъе. Районалъул школазул директорзабазда гьоркьов, бищунго ц1ик1к1арал соназ директорлъи гьабурав муг1алимлъун ккола Шамсудин. Узухъда, гьелгощинал соназ х1алт1арав Шамсудинил буго к1удияб х1албихьиги, лъайги, бажариги, гьединго жиндирго х1алт1ухъабаздехун к1удияб т1алабчилъиги, жавабчилъиги.

Школалда х1алт1улел руго х1алт1уде к1удияб рокьиги, х1алт1изе гъира ва махщел бугел къогоялдаса т1аде арал муг1алимзаби. Гьездасан ункъгоял ккола т1адег1анаб категориялъул ва щугоял т1оцебесеб категориялъул махщалилал. Гьез лъайгун тарбия кьолеб буго 79 ц1алдохъанасе.

Директорасул аслияб масъалалъун ккола школалда лъималазул ц1алул даража борхизаби, гьелдаго цадахъ х1алт1ул х1асил ккей, районалда, республикаялда т1орит1улел тадбиразда гьез цересел бак1ал роси. Гьев г1емер къеркьола ц1алдохъаби жалго жидедаго ч1ун х1алт1изариялъе ва жидерго пикраби, хадургъей, гьез творческияб къаг1идаялъ х1алт1изабиялъе г1оло.

Шамсудин Х1амзатовичас жиндирго дарсазда г1акъилго х1алт1изарула гьанжесел педагогикиял ва информациялъулал технологиял. Гьез рес кьола ц1алдохъабазулъ предметалде к1удияб рокьи бижизабиялъе, кинабго рахъалъ цевет1урав инсан куцаялъе.

Х1амзатовасул т1адч1араб х1асиллъун ккола, гьев школалъул нухмалъиялде вач1аралдаса жакъа къоялде щвезег1анги школалъ къойидаса къойиде лъик1ал х1асилал росулел рук1ин. Араб соналда цогоял пачалихъиял экзаменал ЕГЭ кьолелъул ккарал х1асилазул кьуч1алда, школа т1оцебесеб бак1алда бук1ана. Ц1ик1к1ана математикаялъул, физикаялъул олимпиадабазда ц1алдохъабаз росулел бак1азул къадарги. Шамсудиница абула т1оцебесеб бак1алда ц1али, хадусеб иргаялда кинабгоги бук1ине кколилан.

Аслияб къаг1идаялда ц1алуде к1вар кьуниги, Шамсудиница берзукьа биччаларо, школалъул класстун къват1ибехун гьабулеб х1алт1иги, школалъул г1уц1и-к1ут1иги. Росулъ бана гьанжесел т1алабазе жаваб кьолеб ц1ияб школа, спортивияб зал. Гьеб баралдаса лъик1лъана спорталъул рахъалъ ц1алдохъабаз росулел х1асилалги. Волейбол х1аялъул рахъалъ школа бач1ана цересезул кьеразулъе. Къад спортзалалде хьвадула школлъимал, къасимехалъ г1олохъанаб г1ел.

Спортзал баялъул кумек ккана школалдаса эркенаб заманалда, лъимал, бата-батаралде руссун рук1инч1ого, пайдаяб ишалде-спорталде руссине рес щвеялъе, школалда ва т1убараб росулъго г1адлу-низамалъул иш лъик1лъиялъе. Мисалалъе босани, жакъа росулъ вихьуларо цониги хъалиман ц1алев, наркотикал х1алт1изарулев г1олилав. Гьединго данд ч1валаро г1овул г1ужде рахинч1ел гъалмагъир гьабурал лъимал х1исабалде росулел полициялъул отделалде ккарал г1олохъабиги.

Буц1ул руго зах1мат хириял, жидеего хасиятал г1адаталги, г1адлу-низамги бугел г1адамал. Рокъоб эбел-инсуца кьураб ва школалда муг1алимзабаз кьураб тарбиялъул х1асиллъун бук1ине ккола жакъа къоялда жаниб гьениб г1олохъанаб г1елалъул бугеб мисалияб хьвада-ч1вади.

Шамсудин Х1амзатовичасул х1алт1ул х1албихьи цо нухалда гуро гьоркьоб лъураб районалъул лъай кьеялъул методикияб советалда. Гьев ккола т1адег1анаб категориялъул специалист, учитель-методист. Гьесие щвана «РФялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан» абураб ц1арги.

Шамсудинил къимат гьабула цадахъ х1алт1улел муг1алимазги, ц1алдохъабазги. Гьелъие гьев мустах1икълъана жиндирго профессионалияб махщелалъги, хьвада-ч1вадиялъги, вук1а-вахъине лъаялъги, коллективалда гьоркьоб бугеб цоцазда рич1иялъги, ц1алдохъабазегун учительзабазе гьес бихьизабулеб мисалалъги.

Просмотров: 460 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz