Ц1ваби кунч1ула, гвангъула ва г1орхъи-рахъ гьеч1ел зобалазда жалго г1адал миллиардал цогидазда гьоркьоб цо лах1заталдаго т1аг1ун уна гьезул цо-цоязул канлъи. Амма районалдаги республикаялдаги свин гьеч1еблъун гвангъизе хъван бук1ун буго К1ахъа Ах1мадил Мух1амадил «хвалчен» ц1ваялъе. Цебесеб г1асруялъул 70 соназ волейбол бокьулезда гьоркьоб кунч1араб гьелъ, соналдаса соналде гвангъунги бач1ун цо бихьулеб бак1 ккуна республикаялъул спортивияб г1умруялда. Абиларо бигьаго бук1анин гьеб кунч1и гвангъизабураб нух нахъа тезеян, бицинаро «Хвалченил» церет1еязулги. Дол рик1к1адал студентлъиялъул соназ Буйнакскиялъул педучилищеялъул, хадубго ДГПИялъул спортзалазги улкаялъул регионазда гьев торг1огун цеве вахъарал площадкабазги нуг1лъи гьабула Мух1амадил зах1маталъеги, т1ад хвараб зах1маталда рекъон щварал бергьенлъабазеги.
Квер ккунан абухъе, Мух1амадица гьит1инго тарг1иде ругьун гьаруна волейболалде рокьи бижарал ва хадубккун спорталъул гьеб тайпаялда церет1урал, гьанже жалгоги тренераллъунги рахъун хадусеб г1елалда гьеб малъулел г1олохъабиги дагьал гьеч1о. Руго гьел районалъул школаздаги, республикаялъул ВУЗаздаги, бат1и-бат1иял идарабазда х1алт1улаго х1ай рехун теч1елги. Хвалченил г1ел гьанже спорталъул ригьалда ветераналлъун рик1к1уна. Амма гьезул г1емерисез торг1оги площадкаги рехун теч1о. К1удиял г1ун рук1аниги г1олохъанаб жанги спортивияб къварт1ги бихьула гьезул щивасулъ.
Живго Мух1амад, Кизилюрталъулд ВТЕКалъул начальник Г1алибегов Г1амир, бихьинчияб г1амалалъул инсан, милициялъул подполковник Зайрбегов Асх1абг1али, таможениялъул х1алт1ухъан Хунзахъа Мух1амадов Мух1амад (Левша), Г1ободаса Хваджаев Мух1амад, спорткомитеталъул председатель Х1айдарбеков Г1абдукъадир, гъанхъал, ДЮСШялъул тренер Маламух1амадов Зубаир ва предприниматель Мух1амадх1ажиев Патах1, гьел гурелги волейбол бокьулел районцоялгун г1емерал гьалбалги рак1арун, райадминистрациялъулги спорткомитеталъулги х1аракаталадалъун ц1ар раг1арав торг1оялъул махщелчи гьавуралдаса 65 сон т1убаялъул х1урматалда Мух1амадил г1агараб К1ахъ росулъ цодагьаб цебег1ан т1обит1ана республикаялъул волейболалъул ветераназул турнир. Росда аск1об Мух1амадилги к1ахъиязул г1олохъабазулги жигаралдалъун хасгьабун гьеб къоялде х1адур гьабураб майданалда данделъана турниралъул г1ахьалчаг1и. Спорткомитеталъул председателасул заместитель Малачиев Шамилица командаби х1аязде х1адур ругилан г1уц1иялъул комитеталъул председатель С. Юсуповасе рапортги кьун рагьана турнир. Гьениб Ах1мадовасда баркиялъулаб к1алъайгун цеве вахъарав Саг1ид Камиловичас бицана Мух1амадица нахъа тараб зах1маталъулаб нухалъул, бихьизабуна районалда спорт, хасго волейбол цебет1езабиялда гьес к1удияб бут1а лъун бук1ин. «Гьанжеялдаса дица к1одо гьаризе руго район цебет1езабиялъулъ к1удияб бут1а лъурал г1адамал, гьелъие х1адур гьабун буго хасаб шапакъат-«За заслуги перед районом» медальги»,-ян абуна районалъул бет1ерас ва «г1айибиясул» каранда бана т1оцебесеб гьединаб медаль.
К1алъаялъул ахиралда Юсуповас раг1и кьуна к1ахъиязе волейболалъул лъик1аб площадка гьабизе. Баркиялъул к1алъаял рук1ана Дагъистаналъул волейболалъул федерациялъул президент Аджиевасул, г1агарлъиялъул рахъалдасан федералияв судья Муслим Мух1амадовасул, Нурмух1амад Гъазиевасул ва цогидазулги.
«Хвалчен» Мух1амадие сайгъаталъе хвалченги, дагьабги багьаяб конвертги кьолаго барки гьабуна ДРялъул Пенсионнияб фондалъул нухмалъулев Г1исаев Мух1амадил вакил Мух1амад Бат1аловасги. Юбилярасда г1андадерил буртина рет1ана балъхъадерил волейболистаз, рук1ана цоги-цоги сайгъат-саламги, гьесул рахъалъан абулел рек1елъ асар толел раг1абиги.
К1ахъ культураялъул директор Хадижат Г1абдулкъадировалъ ах1ана куч1дул. Гьенибго рик1к1ана Мух1амадил лъик1ав гьудул Т1анусиса Г1абдулхаликъов Х1ажица гьесие сайгъат гьабураб кеч1ги. Лъуг1ана турнир рагьиялъул официалияб бут1а. Къват1иб баг1арун бук1иналда бан х1аял Ц1ада спортзалалде рахъана. Бат1и-бат1иял районазул анлъго команда дандч1вана гьениб. Бергьенлъи цо гурони бук1унарелъул чемпионлъун бахъана Лаваша районалъул ветераназул команда. К1иабилеб бак1алде бач1ана т1аса рищарал волейболалъул махщалилаздасан г1уц1ун бук1араб «К1ахъ» команда. Гьенибго абила, турниралъул киналго х1аяздаса къураб бук1инч1о гьенир х1арал нилъер районцоял – ветераназул х1айги, амма спорталда бергьенлъи цо лъидалха бук1унеб.
Лъуг1ана турнир. Ах1мадов Мух1амадица рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго жив к1одо гьавун гьеб г1уц1изе х1аракат бахъарав Саг1ид Юсуповасе, Г1абдулкъадир Х1айдарбековасе, Шамил Малачиевасе, республикаялъул Пенсионнияб фондалъул бет1ер Мух1амад Г1исаевасе «К1ахъ» командаялда х1арал ветераназе, Ц1адаса Г1амир Г1алибеговасе, «Возраждение» банкалъул директор Къурамух1амадов Мух1амадие. Гьаниб т1убараб сиях1 лъугьунеб бук1иналъ киналго рехсеч1ониги гьеб ишалъулъ квер багъаранщинасеги баркала. Гьабулелъулъ икъбалги цебет1ейги киназего. Жеги халатал соназул свин гьеч1еб гвангъи Ах1мадов Мух1амадил «Хвалчен» ц1ваялъе.
Хвалчен Мух1амадиде
Гъунив мун Ахмедов,
К1к1арат1а хвалчен,
Хунзахъ т1алъиялда
К1ахъа Мух1амад.
Мун спорталъул устар
Тарг1ил махщелчи
Спортсменазда гьоркьов
Х1урмат т1ок1ав вас.
Г1адамазда гьоркьов
Ях1алъул х1уби,
Х1алеб майданалда
Вах1шияб хвалчен.
Дур махщалил бицун
Чи божиларо
Дур удар щвеч1есда
Гьеб бич1ч1уларо.
Мун г1емерав х1ана,
Ганч1ал рехана,
Ч1ч1алде-бохалъуде
Цеве вахана.
Щварал шапакъатаз
Рукъ ц1ун батила.
Медал- киласазул
Музей батила.
Хунзахъ т1алъиялъул
Команда г1уц1ун
Мун щвеч1ел шагьарал
Дагьал ратила.
Доб Белгородалда,
Краснодаралда,
Анапа – Россия
Дуца сверана.
Мустах1икъав тренер,
Лъик1ав муг1алим,
Дур кверзукьан инч1ев
Спортсмен хут1ич1о.
Дуца ругьун гьарун
Хунздерил васал
Борхатал х1ок1азде
Т1аде рахана.
Ц1ар раг1арал васаз
Волейболалъул
Къиматаб ц1ар хъвач1еб
Бак1 киб хут1араб?
К1ахъиясги бана
Хассаб памятник
Хунзахъ т1алъиялъул
Т1ад ц1ар бик1араб.
Х1. Г1абдулхаликъов, Т1ануси росу.
|