Четверг, 18.04.2024, 13:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 8 » СТАЛИНГРАДАЛЪУЛ РАГЪУЛ БАХ1АРЧИ.. БАРКАЛА, К1УДАДА, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУХЪ.
14:38
СТАЛИНГРАДАЛЪУЛ РАГЪУЛ БАХ1АРЧИ.. БАРКАЛА, К1УДАДА, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУХЪ.

Дир к1удада Г1умар Г1умаров гьавуна Хунзахъ районалъул Т1ануси росулъ. 1941 соналда гьев х1алт1улев вук1ана росдал колхозалъул бухгалтерлъун. Рагъул ах1и бахъараб мехалъ, Г1умариеги рокъов ч1езе къабуллъич1ого, г1арзаги хъван, жиндиего бокьун фашистаздаса улка эркен гьабизе рагъде ана. Гьесда цадахъ рук1ун руго ц1ар раг1арав коч1охъан, Ч1алдаса Гъазимух1амад, Хунзахъа Малах1усенов Камил, Бакьагьеч1иса Мух1амадх1ажияв ва цоги маг1арул г1олохъаби.

Байбихьуда гьел рагъизе х1адуризе лъабго моц1алъ гуржиязул Кутаиси шагьаралде рит1ун руго. Гьезул командир вук1ун вуго Жунгуталдаса Мух1амад.

Жавабчилъиялде 12 солдатги кьун, Г1умар отделениялъул командирлъун т1амун вуго. Курсал лъуг1арабго, гьеб бук1ун буго т1оцебесеб марталъул къо, г1олохъанал рагъухъаби Украинаялъул фронталде рит1ула. Харьков шагьаралде аск1оре щварабго, рикь-рикьун, бат1и-бат1иял рагъулал частазде ккола. Г1умарида цадахъ вук1ана Унсоколоса Г1абдула. Микьабилеб марталда тушманасде гьужум гьабулаго ккараб г1асияб рагъда, бах1арчилъиялда вагъулаго ч1вала Г1абдула, лъукъула Г1умарил кверги бохги. Немцаз сверун кквеялда х1инкъи бугеб х1алалде ккарал нилъер солдатал, рагъ гьеч1еб рахъалдехун нахъекъалел рук1ана. Чуязул чанагъалдаги рек1инавун, Г1умар рагъул майданалдаса нахъе хъамула. Аск1об бук1инч1о я росу, я жанир ч1езе бак1. Авлахъалда щола гьесие т1оцебесеб медицинаялъулаб кумек, дару гьабуна ругъназе ва вит1ана Воронежалъул госпиталалде. Гьенив гьесда дандч1вала зах1матго квер лъукъарав рагъухъан Унсоколоса Х1амзатов Мух1амадг1али. Гьев, инвалидлъиги ч1езабун, рокъове вит1ана. Г1умарил ругънал Саратовалъул госпиталалда гурони сахгьаризе к1веч1о.

1942 соналъул щуабилеб маялда аскаразул парад къабул гьабизе Саратовалде вач1ана Совет Союзалъул маршал К. Е. Ворошилов. Ч1агояв Ворошилов вихьи Г1умарие бук1ана к1удияб лъугьа-бахъин ва рохел.

Сахлъун хадув Г1умар вит1ана Смоленскалде, лъабабилеб Белоруссиялъул фронталде 58-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 244-абилеб гlapaдабазул полкалъул г1арадаби ц1олев чилъун.

Г1емераб заман бана Смоленск шагьаралъул вокзалалда аск1об оборона ккун, тушманасул гуллица цере риччаларого. Рагъуе бугеб гьунарги х1инкъи-къай гьеч1ого гьужумалъ цеве ине бугеб гъираги бихьун, Г1умар гьенив коммунист партиялъул мухъилъе восула. Жинде гьабураб божилъи лъугьана рагъухъанасе к1удияб рохеллъун.

1943 соналда Г1умарил часталдаса 400 коммунист рехула Сталинградалъул ц1адулаб рагъулъе. Ич1го-анц1го къоялъ г1ахьаллъана гьев г1асиял гьужумазулъ, эркен гьабула Сталинград. Гьениса коммунистал нахъеги Смоленскалде рехула ва жиде-жидер частазде рит1ула. Г1умарил часталъе буюрухъ бач!ана "бакъ баккаралдаса сордо бащалъизег1ан лъалхъизе теч1ого, тушманасде г1арада бай, т1аде к1анц1изе теч1ого, нахъе хъаме" абун. Буюрухъ бергьенлъиялда т1убазабуралъухъ г1арадачаг1азул часталъе кьуна гвардиялъулаб абун х1урматияб ц1ар. Г1умар мустах1икълъана рагъулаб медалалъе.

Пуланаб росулъ ккараб цо рагъулъ г1ахьаллъула Г1умарги 70 гьесул рагъулав гьалмагъги. Сардилъ т1аде к1анц1ун, немцаз гьел киналго гъурула. Г1умарги часталъул командирги гьениса рорч1ула. Рогьалилъ реч1ч1ун бач1араб г1арададул гуллаялъ командирасул бет1ер т1аса босун уна. Бох лъукъун, г1одов ккарав Г1умариде аск1обе командирасул къаркъала гебегун бач1араб мехалъ, гьев рак1 тамахлъун лъугьуна. Гьениса лъабго сордо-къоялъ хъурщула гьев нилъерал ралагьулаго, щола цо росулъе ва росдал г1адамаз госпиталалде щвезавула.

"Минск шагьаралде щолеб цо бак1алда ч1ун бук1ана нижер полк", - ан бицунаан Г1умарица. -Полкалъул командир Чурбин вач1ана немцазул рет1ел рет1арай г1аданги ячун. Данде ах1ун киналго командирзабигун, гьес бицана пуланаб росдал рукъзабахъ немцаз нилъер руччаби х1акъир гьарулел paг1улилан. Ункъ-ункъ чиясдасан къокъаби гьарун, гьеб росулъе рит1ана ниж.

Немцал жанир ругеб бак1ги лъазабун, хъурщун щвана минаялде аск1оре. Цогидазе мисал бихьизабун, чолодасан азбаралъуве т1оцеве к1анц1ана Г1умар. Рагъухъабаз жиде-жидер бак1 ккуна. Г1умар горда гъоркь ч1ана. Командир Зайкиница мал бан нуц1а т1езабула ва рокъобе граната рехула. Бахъараб кьвагьиялъ виххизавурав немцазул офицер, гордухъан гъоркье к1анц1ун вач1уна, Г1умарица гьев бак1алдаго ч1вала. Гранатаялъ ч1ван ватана немцазул ункъо рагъухъан. Ккараб рагъда советиял рагъухъабаз г1емерал немцал ч1вала, хут1арал лъутун popч1ула, тушманасдаса росу эркен гьабула. Нилъеразе щола немцаз гъоркьго тараб мотоциклги, г1емераб ярагъги, квана-гьекъолеб жоги. Гьеб операциялда бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Г1умарие "За отвагу" абураб медаль кьуна.

Тушманасдаса росабиги шагьаралги эркен гьарулаго церехун унел рук1ана советиял рагъухъаби. Цо нухалда полкалъул командирасул заместитель Ростовалдаса Ушаковас, немцазул х1ал-х1укму ц1ехезе разведкаялъ вит1арав лъабго солдатасул цояв вук1ана Г1умар. Немцал ругеб бак1алда г1агарлъухъ гьез гъоркьч1ел гьабуна. Фашистал рохьосан рач1ине кколаан. Хъущт1ун г1одов кколев капитан вихьун, немцаз реч1ч1араб гуллица гьев лъукъула. Г1умарил автоматалъ немцазул к1игояв ч1вала ва цояв лъукъула. Гьес командирлъи жиндего т1аде босула. Ца­дахъ вук1арав к1иявго солдатги тушманасул х1ал-х1укму ц1ехезе вит1ун, лъукъарав капитанги асир гьавурав фашистги вачун, Г1умар жиндирго часталде т1адвуссуна. Гьеб бах1арчилъиялъе г1оло Г1умарие кьуна "Баг1араб ц1ва" орден.

Хъамулаго фашисталгун, советиял рагъухъаби щвана Украинаялъул ракьалде. Фашистаздаса эркен гьабуна Киев. Унел рук1ана г1асиял рагъал. Рагъ гьоркьоб къот1араб мехалъ, тира-сверизе арав Г1умарие, тохлъукьего ватарав лъукъарав немцав штабалде щвезавуралъухъ шапакъат щвана.

Варшаваялдаса рик1к1ад гьеч1еб цо г1урул раг1алда нилъер солдатазда вихьула г1уруца восун унев чи. Х1инкъи-къай лъазе теч1ого г1урулъеги к1анц1ун, Г1умарица хвасар гьавурав чи г1урусав ватула. Хадуб, цоцазухъе кагътал хъван, хвезег1ан гьоркьоблъи хвезе теч1о гьез.

Церехун унаго, гьебго г1урул раг1алда, тушманасул гуллица лъукъула Г1умарил бох. Госпиталалда инвалидлъиги ч1езабун, каранда рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе нуг1лъи гьабулеб медальги бан, 1944 соналда гьев г1агараб росулъе т1адвуссана ва байбихьана ракълилаб г1умру г1уц1изе. 1945 соналда Г1умар вищана г1агараб росдал советалъул председательлъун, щуго соналъ гьабуна колхозалъул председательлъи, х1алт1ана жавабиял хъулухъазда. Кинаб х1алт1уда вугониги, щиб т1ад-къай кьуниги, Г1умарица, рагъдаго г1адин, х1алт1улъги бихьизабуна коммунистасулаб рак1бац1ц1алъиги, х1алт1уде жавабчилъиги, г1адамаздехун бугеб т1алабги, сундулъго бажариги. Масала, 1971 со­налда гьев х1алт1улев вук1ана колхозалъул минаби ралезул бригадирлъун. Гьесул бригадаялъ х1алт1ул план кидаго ц1ик1к1унги т1убазабулаан.

Г1умар вук1ана унго-унгояв жамаг1атчи, жигараб г1ахьаллъи гьабулаан росдал г1умруялъулъ. Г1емер дандч1валаан школалъул ц1алдохъабигун, гъираялда бицунаан рагъул нухазда ккарал бах1арчиял лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ.

Нижер школалъул хасаб альбомалда руго рагъдаса т1адруссарал солдатазул х1акъалъулъ хъварал макъалаби. Дида т1адкъан бук1ана дир к1удада Г1у­маров Г1умарил х1акъалъулъ хъвазе. Бит1ун бицани, дун нечана, гьесул х1акъалъулъ дида лъалеб жого батич1олъиялдаса. Гьесул шапакъаталги инсул имг1алас шагьаралде росун ун ратана. Лъазе к1вана Г1умар Смоленскалда ва Сталинградалда бах1арчилъиялда вагъулев вук1араблъи. Дица бадибч1вай гьабуна инсуеги к1удадаеги. Г1умар ч1аго вугеб заманалда, гьанже г1адин, видео бук1инч1о. Амма бегьулаан, дос бицанщинаб кагътидаги хъван, нижее нахъе ц1унизе. Дица щулияб раг1и кьолеб буго дир к1удада Г1умаров Г1умарил рагъул нухалъул х1акъалъулъ г1ат1идго лъазабизе ва гьелъул бицунеб ч1ух1араб альбом г1уц1изе. Дун ч1ух1ула дир инсул к1удияв эмен Г1умаров Г1умаридаса. Гьес к1удияб бут1а лъуна Ват1анияб рагъда Советияб халкъалъ босараб Бергьенлъиялъулъ.

Х1урматиял рагъул бах1арзал! Г1одое къулун х1урмат гьабула дица нужер бах1арчилъиялъе ва къо х1ехьеялъе. Ахиралда дие бокьун буго, бах1арчияв к1удада рак1алдещвезавун, Бергьенлъиялъул къоялде хъварал гьал коч1ол раг1аби киналго рагъул г1ахьалчаг1азе сайгъат гьаризеги:

Ч1ух1ула дудаса дун, к1удидада,

Г1асияв тушмангун мун вагъаралъухъ.

Эбел-Ват1аналъул эркенлъи ц1унун,

Гьеб бергьенлъиялъулъ бут1а лъуралъухъ.

Дур рагъул нухазул сурат цебеч1ун,

Чвахула бадиса бух1араб маг1у.

Сталинградалъул рагъул бах1арчи,-

Чанги къо бихьана, амма къуркьич1о.

Доб вах1шияб рагъул нуг1зал-дур ругъназ,

Бицуна бук1инч1ин гьениб бигьаго.

Дур гьунарал руго нижей мисаллъун,

Баркала, к1удада, Бергьенлъиялъухъ.

Пат1имат Г1умарова, Т1ануси росу.

Просмотров: 1080 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz