Цоги рохалилаб хабар щвана районалъул спорт бокьулезухъе. 3-5 ноябралда Рязань областалъул Касимов шагьаралда т1обит1араб ММАялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда т1оцебесеб бак1 босана нилъер ракьцояв, Ч1ондокьа Муртазаг1али Шамхаловас. Турниралъул чемпионлъун вахъингун гьесие щвана рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул спорталъул мастер абураб т1адег1анаб ц1арги. Т1олалго районцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула Муртазаг1алида гьесие щвараб бергьенлъиги т1адег1анаб даражаялъул ц1арги.
Щулияб сахлъи ва жеги ч1ах1иял бергьенлъаби дуе.
Айзанатил иргадулаб бергьенлъи
Нилъ кидаго рохула ва ч1ух1ула нилъер районалъул спортивиял бергьенлъабаздаса. Гьале иргадулаб рохалилаб хабар бач1ана нилъехъе рик1к1адаб Германиялдаса. 13 ноябралда гьеб улкаялъул Хайденхайм шагьаралда т1обит1араб халкъазда гьоркьосеб шпажисткабазул турниралда нилъер ракьцояй Муртазаева Айзанат яхъана чемпионкалъун. Гьелдаса цебе Айзанатица бергьенлъи босун бук1ана дагьаб цебег1ан Олимпиялъул х1аязул к1иц1ул чемпион Михаил Бурцев рак1алде щвезавиялъул мурадалда т1обит1араб «Юность Москвы» абураб турниралдаги. Рак1-рак1алъ баркула нилъер гьит1инай спортсменкаялда гьелъие щварал бергьенлъаби, рак1ч1ола хадубккунги Айзанат жиндирго бергьенлъиялъулаб нухдаса кьурунгут1иялда.
|