ЦIакъго Шималияб Кавказалъул ургъел бугев чилъун гIадамал руге-ругелъуб живго вихьизавиялдалъун машгьурлъарав журналист М. Шевченкоца жиндирго социалияб гьиналда лъеялдалъун гьал къоязда тIибитIун араб Дагъистаналъул БетIер Р.ХI. ГIабдулатIиповги хъулухъалдаса нахъе витIун, гьесул бакIалде РФ-ялъул Миллияб Гвардиялъул аскаразул бетIераб штабалъул начальник, полициялъул генерал-полковник С.М. Ченчик вачIине вугилан хабар, батIа-батIайиса къабул гьабуна гIадамаз: цоял миллияб цолъи-гъункиялъул аслуго кIочон тун рекерана рохун хабар тIибитIизабизе, цоял ургъалилъе ккана гьадигIанго квешищха Дагъистаналда иш бугебан, лъабабилез «Баккизе бакъ гурин, базе цIад гурин» санго гьабичIого тана. Лъиениги балъголъи гуро, жиндирго болжал лъугIидал республикаялъул вукIа, районалъул вукIа нухмалъулев унеблъи, ялъуни кIиабилеб, лъабабилеб болжалалъ добго ишалда хутIулевлъи, цояв индал цойгидав г1урусав Ченчик вук1а, Дагъистаналъул миллатазул цонигияв вук1а вач1унеблъи. Амма болжал лъугIилалдего раккулел харбаз жамгIияталда лъугьинабула бичIчIулареб рахIатхвей. Гъоркьехун кьолел руго тIадехун бицаралда тIасан «Фейсбук» социалияб гьиналда цо-цо гьалмагъзабаз лъурал пикраби.
Сайфудин Нажмудинов. Рагъулаб хъулухъалъул чи бетIерлъун тIамулев ватани, гьеб расги лъикIаб хIужа гуро, беге цо-цониги тарих.
МухIамад БисавгIалиев. Гьедин ккани "Черновикалъ" гIачияз кьураб рахьдал къадаралъул ва поэзиялъул хъвазе ккезе буго)))
Садрудин Шидибский. ГIабдулатIипов хвезегIан главалъун вукIине рекъарав инсан вуго, кигIан цо-цо яхI гьечIел магIарулаз каканиги. Гьев нахъе индал гьабизе буго гьесул къимат, ва бичIчIизе буго, бачидаги оцалдаги хъулухъалъул батIалъи. Аб щай ав ине кколев ва ине вугилан абун гуреб, батIиялъул бицун, интернеталда лъезе бегьулареб? Жакъаги даргияз Амировасул адаб-хIурмат гьабулеб буго, хIакъикъаталда диванги къотIун чIвадарухъанилан жанив лъуниги. Вай дир магIарулал, махIниги уммумузул гIамал щолебани нужее, яхIгун цадахъ, мацIалда рехсезе гуро! Гьелда рекъон цоцазул адаб цIунизеги. Дида цохIониги гIилла лъаларо ГIабдулатIипов нахъе ине ккараб ва гьесде бахараб яхIалъулги, уммумузул махIалъулги бихьинав хIакимчи магIарулазда гьоркьов жакъа гьечIо. Гьабзазе ракьа гIадин, жалго берцин рихьизе гъурщал кьей, гьеб жо я гIакълу кколаро, я яхI кколаро. Азарго нилъерги бикъун, нусго рихьдае мажгитазде букIа, мадрасазде букIа бикьи камиллъи гуро!!! Аллагьас цIунаги гьев Дагъистаналъе. Гьев дида телевизоралдасан гурони вихьарав чиги гуро, амма бугеб жо, бугилан абизе ккола!!! Ассалам гIалайкум!
МухIамад ДибирмухIамадов. Амма, жеги гIемер бачIинин ккола, дов ГIабдулатIипов вукIараб мехалдаго мадар букIанин абулеб заманги. ЛъикIаб хъван батаги.
ХIамзат ДарбишхIажиев. Киналго хIакимзабазе щуйилаб къимат (отлично) АРГ-ясе кидаго кIийил къимат лъей битIараб гьечIо.
ГIалиасхIаб ГIумаханов. Аварас аварав къахlан ккве, амма хисанани -нилъеда гьеб хисизе гьабизе бажариларо.
СалихI СалихIов. Унев виччанте, вачIунесе квал-квал гьабуге... Малаикзабазул бакI гьеб гурин...
МухIамад НурмухIамадов. МухIамадгIалил ва ГIамировасул заманалда моцIу хахун ругьунал, гьанже моцIуги кIалдиса бахъун цIакъ къварид руго. "Эхо Москвы" радиоялъул МахIачхъалаялда бугеб филиалин хIалтIулеб радиостанциялдасан щибаб къойил рукIуна ГIабдулатIипов какун передачаби. I6 аб январалдаги саг1атгун хадуб заманаялъ какана ГIабдулатIиповасул программаби-проектал. Гьенив Рамазан какун далилал рицун цIакъ кеп гIоркьалда релъа-рохун рукIана Далаян лъаларо Далян лъаларо Дагъфилиалдаса цоявги ва гьеб радиостанцилъул хIалтIухъанги (ведущий).
ГIабдулла ГIабдуллаев. Ченчикица ч1ич1идизаридал лъала Г1абдулат1ипов ...
Цо-цо тайпаби ругоха чlичlидизе гьаричloни гlакълуялда рачlунарел.
Заира ГIисаева. Мекъалде килищ битIун, кумек гьабе хIалт1изе, кинабго гIайиб речIун цохIо бетIер чIвачIого. Щивав инсан валагье жиндир рукъалъул рагьдухъ, гьеб лъухьизе жул босун, бетIер гурин вачIунев!)
Мухаммад Азаев. ВачIунев вугесдаса квешав гурони вукIинаро.
|