Четверг, 25.04.2024, 10:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Август » 26 » СИВУХЪ РОСДАЛ ТАРИХ.
19:00
СИВУХЪ РОСДАЛ ТАРИХ.

   Щивав чиясда лъазе ккола живго вижараб росу, росдал тарих, росдал гӀадат, гӀамал.Сивухъ росдалги буго цӀакъ цебегосеб, умумуз цоцахъе кьун цебеса-цебе бачараб гъваридаб тарих. Росдае кьучӀ лъуралдаса ун буго 2000 сон. Цебе росу букӀун буго Гъоркьсивухъ. Гьезул букӀун буго насранияб дин. Ӏ400 соналъ гьениб ккараб рагъулъ цӀа ккун бухӀун буго росу. Гьеб мехалъ росдаца хӀукму гьабун буго гьанже росу бугеб бакӀалда Шулалъул кьурда цебе росдае кьучӀ лъезе. Гьебго заманалда цойги гьитӀинаб росу букӀун буго ТӀалул рагӀалда Макьасилан абун. Гьеб росдал гӀадамал рачӀун руго сахъадерихъе гьарун жалги риччайин нужеда гъорлъе цӀияб бакӀалдеян. Гьедин Ӏ4Ӏ0 аб. соналъ кӀиябго росу цолъун бан буго гьанжесеб Сивухъ росу. Гьеб росдае тӀоцебе кьучӀ лъун буго кьурда цебе Иманил ГӀумарин абулев чияс. Гьеб росу баралдаса ун буго 600 сон. Гьелде щвелалде Ӏ300 аб. соналъго ханзабазул чуял хьихьизе Лаваша районалде ритӀун рукӀун руго Сивухъа лъабго гӀолохъанчи. Гьел гӀолохъабаз чуял чӀолеб бакӀалда бан буго жалго жанир чӀезе цо рукъ. Гьелдаса хадуб гьенирго рукъзалги ран чӀун руго гьел гӀолохъаби. Гьелда цӀарги тун буго Сивухъин. Дагьаб кӀудияб росу лъугьараб мехалъ гьеб росдада цӀар лъун буго Чунибилан, ай чуйин абуралдасан бачӀараб. Росдае Сивухъилан цӀар бачӀун буго Лалихъ мегӀералъул бетӀералда хъаравулзаби рукӀунеб хъошда аскӀоб бараб борхатаб сиялдасан. Цере хъачагъал тӀаде кӀанцӀун хъамун унел рукӀун руго гӀи-боцӀул рехъаби. Гьездаса цӀунизе толел рукӀун руго хъаравулзабиги. Гьениб цӀа бакун ахӀи балеб букӀун буго росулъе, хехго рахъине рукӀине цӀогьаздаса магӀишат цӀунизе. Сахъал руго мегӀер-гӀалах гӀемерал, цогидал росаби рачӀиналде гьезда кверщел гьабураб бечедаб росу.

   Революция ккун хадуб сахъадерил ракь кьун буго ракь дагьал мадугьалзабазе.Гьедин ун руго мугӀрул:Макьас госфондалъе,ОцомегӀер шатадерие,Хьунда мегӀер лъегӀелдерие,ЦӀаримегъ херехьдерие. ГьабсагӀат сахъадерил буго Ӏ900 га ракьул, 200 га рохьал, сахал накӀкӀил, махил, гьадил, макъаридул рохьал, гӀи-боцӀи хьихьизе цӀакъ санагӀатал,лъинал гьарзаял гӀатӀидал мугӀрул. МегӀер-гӀалах, ах-хур гьарзаяб букӀиналъ рукӀун руго бечедалги. Щиб къваригӀаниги къватӀир росаби Сивухъе рачӀунел рукӀун руго. Гьаб жакъаги нижер мугӀруздасан рачарал лъинал руго ЛъагӀилухъ, Гьамущи, Мущули, Харахьи,ГӀорутӀа. Цебе Хунзахъ базаралде унел хьиндалазги, Харахьи базаралде унел тӀадмагӀарулазги хӀамулги рачун рачӀун сардал ралел рукӀун руго Сивухъ. Цебе техникаги гьечӀеб, оцаз, хӀамуз хӀалтӀиги гьабулеб заманалда даран-базарги гьаниб букӀунеб букӀун буго. Нижер гӀадамал махщел бугел чагӀиги рукӀун руго. Буртаби лъолеб артелги Сивухъ букӀун буго, буртинахьиталги гьарулел рукӀун руго.

   Диналъул рахъалъги цебетӀураб, гӀалимзаби гӀемераб, гӀалимзабазул ватӀанилан абулеб росу букӀун буго Сивухъ. БукӀун буго къватӀиса лъималги цӀализе рачӀунеб кӀудияб мадраса. Росулъа вахъун вуго 60 гӀалимчи. Сверухъ росабалъ нижехъа вукӀун вуго 26 дибир. Росулъа гӀалимзаби рукӀун руго гӀарабиялдаги. Дамаск шагьаралда Абунур университеталда дарсал кьолев мугӀалим вукӀун вуго Сивухъа МухӀамаднур-хӀажи-Сивухъин абулев кӀудияв Шайих, гьанже нахъа 2000 аб. соналъ хварав. Сивухъ вукӀана Гъоргъочол МухӀамадилан кӀудияв Шайих. Гьесул букӀараб рукъалъул къадалги, къин гьечӀеб иццги гьанжеги цӀунун буго. Нахъ заманаялъ гӀемер чи хьвадулеб кӀудияб зиярат букӀине бугин гьанибин абулеб букӀун буго гьес. Гьев хун вуго Ӏ764 соналъ, аскӀойго юкъун йиго гьесул яцги.

Революциялъулзаманалда гӀалимзаби Сибиралде ритӀун, чӀван тӀагӀинарун руго. Гьедин 22 аб. соналъул марталда росулъ чӀван руго гӀалимзаби, хараби, руччаби-62 чи. Гьезул хобал руго тӀаса хабзалалъ хъирда цебе. ГьабсагӀатги хвечӀого 70 гӀанасеб хӀуржа буго кӀиябго хабзалалъ гӀалимзабазул хабада тӀад.

   Революция ккун хадуб Сивухъги гӀуцӀун буго колхоз. Колхозалъул тӀоцевесев председатель вукӀун вуго ГӀамирмухӀамадов Хочбар. ВатӀанияб рагъул бищун захӀматаб заманаялъ росдае председательлъи гьабун буго ГӀабдулаев МухӀамадица. Рагъде бихьиналги ун кинабго хӀалтӀи ах-хур, рекьи тӀаде ккун буго руччабазде. Аслиял хӀалтӀабазда цадахъ руччаби хӀалтӀулел рукӀун руго буртаби лъолеб артелалда, гьарулел рукӀун руго буртинахьитал.Ӏ94Ӏ-45 соналъ ВатӀанияб рагъде ана Сивухъа 96 гӀолохъанчи. Гьезул 5Ӏ чияс рухӀ кьуна ВатӀаналъе гӀоло. Гьеб заманаялъ росулъ букӀана 4 сонил школа. Хадуб, Ӏ946 соналъ рагьана 7 сонил школа, тӀоцевесев директор вукӀана МухӀамадов Рашидудин. Гьелдаса хадуб тӀадегӀанал цӀалул заведениязде батӀи-батӀиял шагьаразде цӀализе ун рахъана гӀалимзаби, тохтурал, махщел бугел гӀолохъаби. БатӀи-батӀиял гӀелмабазул доктораллъун рахъана МухӀамадов Дибир, МухӀамадов Рашидудин, ТӀагьиров Насрулагь, НурмухӀамадов Шамил ва цогидалги.МухӀамадов Дибир вукӀана обкомпартиялъул секретарьлъун,Культураялъул министрлъун, Шамилил фондалъул председательлъун.Доктор НурмухӀамадов Шамил хӀалтӀулев вуго университеталда. Полковник НурмухӀамадов ГӀабдулагьица тӀолабго гӀумру бухьинабуна рагъул ишалда, хӀалтӀана батӀи-батӀиял районазда военкомлъун. Гьев кӀодо гьавуна хӀукуматалъул гӀемерал орденаздалъун. ГӀакъилов ГӀабдулхабир хӀалтӀана хӀукуматалъул хъулухъалда, полковник ХӀайдаров ХӀайдар, полковник ХӀайдаров ХӀажи хӀалтӀулел руго жавабиял хъулухъазда. Полковник МухӀамадов КъурбангӀали хӀалтӀана университеталда рагъул кафедраялда преподавательлъун, гьесде божилъи гьабун буго МахӀачхъалаялда кӀудияб мажгит балаго бажари бугев снайперин абун къилба битӀун чӀезабизе. Журналист-поэт ПатахӀов МухӀамад хӀалтӀулев вуго писательзабазул союзалъул секретарьлъун, авар секциялъул руководительлъун,«ХӀакъикъат» журналалъул редакторлъун. Будунов МухӀамад вукӀана Владимиралда тракторазул заводалда кӀудияв инженерлъун, хадув вукӀана Каспийскиялда заводалдаги. Рагъда хадусел соназ районалъул бухгалтерзаби хӀадурулеб курсалъе нухмалъи гьабулеб букӀана бухгалтерзабазулги бухгалтерин абулев ГӀакъилов КъурбангӀалица.

   Росдал магӀишаталдаги кидаго цебесеб кьерда букӀана Сивухъ «ЦӀияб гӀумру» колхоз. Нижер колхоз МухӀамадов Нуридин председательлъун вугеб заманалда букӀана республикаялъулхӀурматалъул хъорщода, кидаго букӀунаан районалъул хӀурматалъул хъорщодаги. Гьел соназ рекьарал хаслихъе культурабазул 200 гаялъул щибаб гаялдаса бакӀарулаан 40-42 центнер тӀорщалил. Щибаб гӀакдадаса бечӀчӀулаан 3000-3200 литр рахьдал. Гьединго гӀемер мехалъ колхозалъе председательлъи гьабуна БатирхӀажиев МухӀамадица. Росдал администрациялъе бетӀерлъи гьабуна ХӀайдаров АхӀмадица, школалъе директорлъи гьабуна МухӀамадова СалихӀатица. Хваразе алжан кьеги, чӀагоязе сахлъи кьеги.Гьедин магӀишат цебетӀезабиялъе гъеж гурун хӀалтӀарал колхозникалги кӀочон течӀо хӀукуматалдаги, кьуна орденал, медалал, сайигъатал. Гьединаздасан ккола колхозалъул председатель МухӀамадов Нуридин (кӀицӀул орден кьурав), бригадир МухӀамадгъазиев ХӀажи, механизатор ХӀусенов МухӀамад, механизатор ПатахӀов КъурбангӀали, доярка ГӀабдулхабирова Шумайзат, завферма Шагьрудинов МухӀамад.

Гьанже кинабго чоргараб, риди тӀаде, тӀорахь гъоркье ккараб заманалда лъикӀаб жо нилъеда бихьиларо, амма нилъеда кӀочене бегьуларо умумулги, гьезул яхӀги, къвакӀиги, къохӀехьейги, цебесеб тарихги. Нилъеда хадуб бачӀинеб жо лъаларелъул, чӀунтизе тезе бегьуларо росулъ минаби. ЛъикӀалъеги квешалъеги росулъе рачӀинеги кӀочене бегьиларо. ГьабсагӀат Сивухъ буго 400 цӀараки, амма росулъ 80 гурони гьечӀо. Дир гьари буго хадуб гӀолеб гӀисинаб гӀелалде росуги росдал гӀадаталги, умумузул ракьги воре кӀочене тогеян. Аллагьас тавпикъ кьеги малъизеги малъараб босизеги.

Автор.Къурбанг1али Патах1ов.

Просмотров: 1101 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz