Пятница, 19.04.2024, 06:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Январь » 15 » ЩИВАСДА Т1АДАБ БУГО ЖИНДИРГО САХЛЪИ Ц1УНИЗЕ.
22:11
ЩИВАСДА Т1АДАБ БУГО ЖИНДИРГО САХЛЪИ Ц1УНИЗЕ.

Гьал ахирал соназда районалда киназулго к1алухъ бугеб г1уц1илъун ккола районалъул централияб больница. Г1адамазул ч1еч1ого г1арзал рук1уна гьенир дараби ратуларин, регизе бак1 щоларин, цо-цо тохтурзабазулгун медсестрабазул унтараздехун хъач1аб бербалагьи бук1унин ва цо-цо мехалда «хехаб кумек» кват1ун гурони бач1унарилан. Гьел г1узрабазулги районалда сахлъи ц1униялъул бугеб ах1вал-х1алги ц1ехон, дун дандч1вана райбольницаялъул бет1ерав врач Зайнулг1абидов Зайнулг1абидгун. Гьале нижеда гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Зайнулг1абид Шахшаевич, цебеккунги лъик1аб хъулухъалда вук1арав мун сунца гьесизавурав гьаб г1узрабазул ц1урабин рик1к1унеб ва жиндасан кидаго г1арзал лъуг1ич1еб больницаялъул бет1ерав тохтурлъун х1алт1изе вач1ине?

-Гьанив цеве вук1арав бет1ерав врач хъулухъалдаса нахъе унев вук1иналда бан, дие предложение кьуна гьесул бак1алде х1алт1изе вач1ине. Абулеб бук1ана къвариг1ун вугин гьанив гьавурав, районалъул г1адамалги гьезул ах1вал-х1алги лъалев чиян. Чанго къоялъ ургъун хадув дун разилъана. Зах1малъабиги г1узрабиги киналго х1алт1абазулъ рук1уна. Гьел къезаризе хьулалда вач1арав вуго дунги.

-Кинал х1алт1аби гьарун бажарарал дур нухмалъиялда гъоркь?

-Дун вач1инег1анги больница х1ажатаб техникаялдалъун хьезабун бук1ана, бицинег1ан кутакал г1унгут1абиги дида гьанир ратич1о, амма г1иси-бикъинал жал камунги рук1инищха. Гьедин г1унгут1и бук1ана больница лъедалъун хьезабиялъул. Хасало лъимги ц1орон гьеб баччизе кколаан. Райадминистрациялъул кумекалдалъун лъел ц1ияб мухъги бачун гьеб г1унгут1и лъуг1изабизе к1вана. Гьединго законалъул т1алабазда рекъон т1охикье бачана медицинаялъул къишни-къул балеб бак1. Х1адурана санитариял автомашинабазе хъулухъ гьабулеб площадка. Рат1а гьаруна дежурнияв тохтурасул ва хехаб кумекалъул кабинетал. Т1оцебесеб т1алаялдаса лъабабилелде бахъана реанимациялъулаб отделениеги.

-Кинаб даражаялда бугеб гьабсаг1аталда районалда сахлъи ц1уни?

-Абизе ккола аслияб къаг1идаялда районалъул сахлъи ц1униялъе райбольницаялъ жидедаго т1адал ишал т1уразарулел ругилан. Гьелъие киналго шарт1ал г1уц1унги руго. Больницаялда регаразеги ч1езарун руго къвариг1унеб дару-саба, квен-т1ех, хинлъи ва цогидалги х1ажатал шарт1ал. Нагагь ток свани унтаразе бищунго х1ажатал аппаратал х1алт1изаризе нижер буго дизелалъулаб генератор. Цогидал аппараталги киналго х1алт1улел руго.

-Кинабго лъик1 батани, щайха г1адамазул г1арзал ругел больницаялда регизе бак1 щоларин, дараби гьеч1ин ва цо-цо тохтурзабазул унтараздехун хъач1аб бербалагьи бугилан?

-Г1адамаз рицунел киналго харбазда божизе бегьуларо, гьел ккола къват1ул харбал. Г1емерисел гьединал харбал рицуна мух1канго медицинаялъул х1алт1ул х1акъалъулъ лъаларел г1адамаца. Дарабазул рахъалъ нижер щибго г1унгут1и гьеч1о, божуларев чи хас гьавун дихъеги вач1ине бегьула, дица гьесда бихьизабила дараби рук1ин. Унтаразе регизе бак1 г1оларого бук1уна г1иц1го терапиялъул отделениялда. Гьениб 30 унтарасе гурони вегизе бак1 гьеч1о, амма гьенибги ц1акъго халатаб ирга бук1унаро. Унтарал рук1уна нахъбахъич1ого регизаризе кколелги ва планалда рекъон ирга щвезег1ан тезе бегьулелги. Нахъбахъич1ого вегизавизе кколев унтарасе нижеца щиб гьабунги бак1 бахъула. Планалда рекъон регизаризе кколел чанго къоялъ иргаялда ч1езе кколаха.

Тохтурзабаз унтараздехун хъач1аб бербалагьи гьабиялъул х1ужаби х1акъикъаталдаги камуларо. Амма дица гьеб суал кидаго дирго хасаб бербалагьиялда гъоркье босун бук1уна ва щибаб данделъиялда гьелъул биценги гьабула.

Нижер буго 8 хехаб кумекалъул автомашина ва цо бригада. Гьезул 3 буго участковиял больницабазда. Цо-цо ккола хехаб кумек к1иго бак1алде цадахъ ах1арал х1ужабиги. Гьединаб мехалда цо бак1алдаса хехаб кумек т1адбуссинег1ан тезе бегьулеб х1ал унтарасул батич1они нижеца цоги машина къват1ибе бахъинабула ва больницаялда ругел тохтурзабазул бригадаги г1уц1ун унтарасухъе.

-Кинаб ах1вал-х1ал бугеб росабалъ ругел медпунктазда?

-Квешаб х1ал гьеч1о. Кинабниги дир нухмалъиялда гъоркь буго 50 медпункт. Гьезул 11 ккола гъутаналда. Капиталияб ремонт гьабун къач1ана 23 медпункт. Узухъда гьенирги г1иси-бикъинал г1унгут1аби камун ратилищха. Мисалалъе, рук1уна хасал унтарал зама-заманалдаса жидехъе рокъоре щвезе кколел. Харбал рук1уна нижер х1алт1ухъаби гьезухъе унарилан. Гьедин батизеги бегьула. Гьединлъидал гьеб бут1аялда жеги гьабизе х1алт1и цебе буго.

-Советиябги гьаб заманалъулги медицина данде ккуни кинаб къимат дуца кьелеб?

-Цебеялде данде ккун жакъа сахлъи ц1униялъул технологиял цере т1урал руго. Раккун руго советияб заманалда рук1инч1ел унтарал сах гьариялъул г1емерал ц1и-ц1иял къаг1идаби. Амма тохтурзабазул г1аданлъиялъул ва ях1-намусалъул рахъ босани цебе г1емер лъик1 бук1анин тола дица. Гьединаб ях1-намусги кинаб нух батунги унтарасе кумек гьабизе бажариги г1олеб гьеч1о жакъасел тохтурзабазе.

-Кинал зах1малъаби дандч1валел нужер х1алт1улъ?

-Цониги учреждениялда зах1малъаби камун рук1унаро. Аслияб зах1малъи буго ФОМСалъ биччараб г1арац г1олеб гьеч1олъиялъ. 2017 соналда нижер бюджет бук1ана 164 млн гъурущ. Гьеб г1арцул 93% уна х1алт1ухъабазе харжал кьеялъе, хут1араб дагьабго къадар г1арцул дарабиги росизе квен-т1ехги ч1езабизе налогалги кьезе ва цогидабги х1ажатаб жоялъе харж гьабизе г1олеб гьеч1о. гьединлъидал гьаризе кколел руго налъаби. Гьабсаг1аталда больницаялда буго 23 млн гъурущ налъи. Хьул буго финансовияб рахъ дагь-дагьккун лъик1лъилин ва гьел налъабиги рец1изе к1велилан.

Цоги зах1малъи буго цо-цо специалистал гьеч1олъиялъ.

-Ахиралдаги щиб дуца абилеб бук1араб районцоязда?

-Т1оцебесеб иргаялда дица районцоязда абилаан нижедасан рицунел къват1ул харбазда божугеян. Нижги ч1агоял г1адамаллъидалха гъалат1ал ккеч1ого нижехъаги хут1уларо. Х1алт1улел чаг1азухъа кколеб г1адат буго гъалат1. Гьединлъидал нужеда пуланаб хабар раг1ани яги цониги г1унгут1и бугони нахъасан гаргадич1ого, дихъе рач1ине бегьула, дица бугеб х1акъикъат бицина ва бажарараб кумек гьабила.

Цоги нилъер г1адамазул г1адат буго ригьда хал гьабизеги рач1инч1ого, унти т1убанго чорхолъ бессизег1анги тун, ахиралда ц1акъго зах1матаб х1алалде ккедал гурони больницаялде рач1унарел. Узухъда, гьединаб х1алалда унтарасе гьабизе к1олеб кумекги дагьаб гурони бук1унаро. Бокьараб унти сах гьаби бараб бук1уна гьеб байбихьудаго т1атинабиялда. Гьединлъидал, дир к1удияб гьари буго киналго районцояздехун лъаг1алида жаниб цоц1улг1аги медосмотр гьабизе рач1аян. Щивасда т1адаб буго жиндирго сахлъи ц1унизе. Бет1ергьанчиясул чехь унтич1они, чияр мугъ унтуларин абухъего бищун цебе нужецаго ц1унизе ккола нужерго сахлъи. Инкар гьабизе ккола киналго заралиял жалаздаса, лъик1аб буго спорталъулгун гьудуллъи ккуни ва кванил низам ц1унани. Больницаялда регун ругел 10-15 къоялъ гьабураб дару-сабабалъ хроническиял унтаби ругел г1адамал т1уранго сах гьаруларо. Гьез хадубккунги жидецаго хъаравуллъи кквезе ккола жидерго сахлъиялда хадуб. Гьаризе ккола врачас рихьизарурал дарабиги ц1унизе ккола низамги. Гьединго гьари буго нижеца рихьизарурал прививкаби гьаризе инкар гьабугеянги.

Дица киназего гьарула щулияб сахлъи, халатаб ва талих1аб г1умру, хъизан-лъималаздаса рохун тайги нуж.

Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас

Просмотров: 563 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz