Четверг, 25.04.2024, 22:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Март » 11 » САРАТ МУХ1УМАЕВА: «ДУН АВАР МАЦ1АЛЪУЛ ДАРСАЛ РАЧУНЕЙ, ДИРГО ХАЛКЪ ХИРИЯЙ МУГ1РУЛ ЯС ЙИГО»
14:17
САРАТ МУХ1УМАЕВА: «ДУН АВАР МАЦ1АЛЪУЛ ДАРСАЛ РАЧУНЕЙ, ДИРГО ХАЛКЪ ХИРИЯЙ МУГ1РУЛ ЯС ЙИГО»

«Х1укуматалъ учителасдехун гьабулеб бербалагьи пачалихъияб сиясат ккола-ян абун буго Отто фон Бисмаркица-гьелъ бицуна улкаялъул заг1иплъиялъул ва къуваталъул. Рагъазулъ бергьенлъаби росуларо генералзабаз, гьезда бергьуна школазул муг1алимзаби ва рух1иял церехъаби». Лъаларо, унго-унголъунги жий мустах1икъай къиматги пачалихъияб квербакъи-шапакъатги щванищ нилъер районалъул Тумагъариса муг1алим Сарат Мух1умаевалъеяли, амма гьале чанго соналъ т1ат1ала авар мац1алъул фестивалалда г1ахьаллъизе щвеялъ дида рак1ч1ун абизе к1ола: Сарат йиго Аллагьасго жий учительлъиялъе, цеехъанлъиялъе, маг1арул ясазул ассиллъиялъе йижарай инсан. К1удияб х1арпалдасан Муг1алим. Жинца хадур рачуней. Умумузги ц1алдохъабазги жиндир адаб ккурай маг1арулай.

Кизилюрталда гьаюниги, Саратица школа лъуг1изабула г1агараб районалъул Г1ах1алч1иб. Гьит1инаб къоялдаса нахъего муг1алимзабазухъ жиндирго бергьараб иллагьияб рокьуца гьей ах1улей йик1уна педагогикагун г1умру бухьине. Амма къисматалъ г1олилалъе бат1ияб хъван бук1уна. «Школа лъуг1ун хадуб жо ккеч1о рахьдал мац1алъул муг1алим яхъинелъун Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталде ц1ализе лъугьине. 1992 соналъ ана рос-рукъалде, лъаг1алидего гьавуна вас. Бук1аниги, школалъ дун жиндего ц1алейго-ц1алей йик1ана. Ц1ик1к1арав вацги къадаралде щун ками ккана хъизамалда жанибги. Рек1ел ч1ва т1едал, дида кколаан т1ок1алъ гьимизего гьимиларин ва г1умруялда гьанже сундулго к1вар гьеч1илан. Рак1 чучиялъе Бет1ергьанас дие кьуна яс. Щиб гьабилеб, г1умруялъул маг1на ц1илъизе ккана. Ц1илъана муг1алимлъиялде дир бук1араб рокьиги. Яцалдасан лъана Хасавюрталда ДГПУялъул филиал рагьулеб бук1ин. Филологияб факультет доб мехалда бук1инч1о, таваккал т1амуна байбихьул классазул факультеталде лъугьине»-ян рак1алде щвезабуна Саратица. Кверда ч1ван малъг1анаб лъимергун кьола маг1арулалъ пачалихъиял экзаменалги, хъизам-рукъги, ц1алиги, жамг1ияб х1аракатчилъиги цадахъго бачун лъуг1изабула баг1араб дипломалда университетги. Кизилюрталъул 7 абилеб школалда вожатаялъун х1алт1изе лъугьиналдасан 2000 соналъ байбихьула Саратие муг1алимлъиялъул зах1матаб нух. Лъималазул творчествоялъулаб рокъоб рагьараб интеллектуалияб кружокалда х1алт1арал 2001-2002 соназ Мух1умаевалъ к1удияб х1алт1и гьабула жиндирго гьит1инаб къоялдаса нахъе ц1айи бук1араб г1агараб ракьалъул тарих, маданият, г1адатал, мац1 лъазабиялда сверун. Хасаб программацин г1уц1ула гьеб мурадалда. Кизилюрталъул телевидениялдасан къват1ибе кьола «Годек1ан» илан ц1ар тараб, жиндирго авторлъиялъул передача. Херазеги г1олилазеги, бихьиназеги руччабазеги къабулаб передачалъун лъугьуна рахьдал мац1, адабиятгун маданият ц1унизе ах1араб Саратил телепроект.

Дун балагьана 2005 соналдаса нахъе рахьдал мац1алъул учительницалъун х1алт1улаго, ракьцоялъул ц1алдохъабазул олимпиадабазда г1ахьаллъиялъул таблицабазухъ. Нуж божа, щибаб соналъ школалъул ва шагьаралъул этапазда т1оцересел бак1ал, республикаялъул роцада т1обит1араб соналъин абуни-гьебго т1оцебесеб ва к1иабилел бак1ал! Гьеб кколарищ учителасул х1алт1ул х1асилги, лъималазе жиндирго предмет бокьизабиялъе бугеб махщел-гьунарги?! Жиндирго авторлъиялда гъоркь х1алт1улъ х1алт1изабураб 13 ц1илъи! Гьеб гурищ т1адег1анаб реццалъе мустах1икълъи?

2012 соналъ Сарат бергьуна «Кизилюрт шагьаралда рахьдал мац1алъул бищун лъик1ав учитель» конкурсалда, гьебго соналъ Шималияб Кавказалда т1обит1араб гьединабго конкурсалда босула к1иабилеб бак1. Амма муг1алималъул, ункъго лъимадул эбелалъул х1алхьи гьеч1еб рак1 гьелда г1ей гьабун ч1оларо. 2014 сон Сарат Мух1амадовналъе лъугьуна унго-унголъунги икъбалаблъун: март моц1алда шагьаралда «Бищун лъик1ай рахьдал мац1алъул учительлъунги» яхъун, гьалъ иргадал ч1ел босула республикаялъул ва Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьосеб гьединалго конкурсазда. Мух1умаевалъул дарс жюриялда вук1анщинав чияс рик1к1уна бищун пайдаяблъун ва интересаблъун. Гьезда лъалеб бук1ун батиларо доб мехалъ, ноябралда т1обит1изесеб Т1олгороссиялъулаб рахьдал мац1азул учительзабазул мастер-классалдаги Сарат Мух1умаева бергьенлъигун нахъюссине йик1ин. Ва амма г1иц1го лебалай маг1арулалда жиндаго лъалаан киг1ан зах1мат гьелъие бук1араб бусада лъурав унтарав бет1ергьанчигун, къват1ир ц1алулел ругел студентал-лъималгун гьеб кинабго к1игъеж гьабун баччизеяли. Гьаниб дица муг1алималъе суал кьуна учительлъиялъул махщел т1аса бищиялдаса киданиги рак1 бух1анищан. Гьимизеги гьимун Саратица жаваб кьуна: «Рак1 кин бух1илеб бокьун т1аде босараб жоялдаса? Бат1ияб иш гьабун дихъа г1умруялъ бажарилароан. Дун йиго рух1г1ан бокьулеб ишалда нахъа, дирго бак1алда». Кинабго цадахъ бачине к1веялъул балъголъиги ц1ехеч1ого тезе к1веч1о дида гьай анкьгьунаралда. «Х1алт1уде лъугьунаго, дие эбелалъ малъа-хъвай гьабун бук1ана, щибаб къойил бет1ергьанчиясе кумекалъе, хъизамалъе бет1ербахъиялъе, ват1аналъе пайдаялъе г1олоян бац1ц1адаб нигатгун къват1ие яхъаян. Дица эбелалъ малъухъеги гьабуна. Ват1аналъе г1оло гьабулеб жо диналъе г1оло гьабулеб ишлъун рик1к1ине бегьулелъул батила, Аллагьас дие сундулъго квербакъана, рехун теч1о, альх1амдулиллагь. Г1езег1ан зах1мат бук1ана, сахлъиги татуги унебги батана. Чанги бук1ана х1ужа х1алт1удаги рукъалдаги гьоркьоб бищизе ккедал, дица т1оцебеселъе нух кьураб. Гьабулеб иш бокьизеги, гьеб бит1араб бук1иналда рак1ч1езеги ккола - гьеле цо гьит1инабго балъголъи».

Мух1умаевалъул шапакъатазда гьоркьор руго школалъул, шагьаралъул, бат1и-бат1иял министерствабазул рик1к1ен г1емерал х1урматалъул грамотаби, баркалаялъул кагътал гурелги, х1атта, РФялъул лъай кьеялъул министерствоялъул, Пачалихъияб Думаялъул шапакъатги.Ккола «Дагъистан республикаялъул мустах1икъай учитель». Амма гьел гуро Саратица рик1к1унел жиндирго махщел камиллъиялъул роценлъун. Жиндирго ц1алдохъабазда предмет лъай, цо кинаб бук1аниги конкурсалда гьел бергьин-гьеле муг1алималъул мурад,анищ т1убай. Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къоялде къват1ибе унеб материал бугелъул, «Ч1ужуг1аданалъулъ бищунго бокьулеб г1амал-хасият щиб?»иланги гьикъана дица мустах1икъай районцоялда. «Ч1ужуг1аданалъулъ гуреб, бихьинчиясулъги дие бищун бокьула г1акълу. Гьеб гьеч1олъиялъ инсанас гьабун батула г1емераб квешлъи. Г1акълу иналда цадахъ ун батула иманги, сабруги, умумузул г1аданлъи-г1адатлъиги-кинабго! Х1атта, рахьдал мац1аздехун бугеб т1аса-масагояб бербалагьиги г1акълу гьаваялде иналъул х1асил ккола. Маг1арул ч1ужуг1аданалъул хасиятал рехседал, сипат цебе бач1уней, нахъзаманалъул хъубаб гьуриялъ хисизайич1ей мисалияйлъун йик1ана дие г1умруялда эбел. Гьелдасан кинабго босизе х1аракатги бахъана дица. Сабруялъулъ, г1акъиллъиялъулъ, иманалъулъ. Гьел г1амалал ц1унараллъун рук1ине сахлъи кьеги дир г1агараб районалъул т1олалго руччабазеги».

Амин, Сарат. Мун г1адал г1еги учительзабазул ц1иял г1елал. Дуда релълъарал лъугьаги районалъул г1олил ясал: яслъун, лъадилъун, яцлъун, эбеллъун ва гьелдаго цадахъ Учительлъун, ц1аралда т1анк1 лъоларедухъ, йик1ун бажарарай, лебалай маг1арулай.

 

Ф. Мух1амадова

 

Просмотров: 1303 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz