Четверг, 28.03.2024, 21:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июль » 9 » САПАРАЛ, ДАНДЧ1ВАЯЛ, Г1АДАМАЛ.
17:07
САПАРАЛ, ДАНДЧ1ВАЯЛ, Г1АДАМАЛ.

Районалъул г1умруялда бат1и-бат1иял ишаздалъун бечедаб, г1адамазе пайдаяблъун бук1ана нилъеца нахъа тараб анкь. Гьеб байбихьана администрациялъул аппараталъул, х1алт1и т1адал идарабазул нухмалъулелгун цадахъ хъутабазе сапарги гьабун, гьенир ч1арал районцоязул г1умру-яшавалъе г1олел-г1оларел рахъалги ц1ехон Саг1ид Юсуповас г1адамал т1аде къабул гьариялдалъун. Гьеб ишалъулаб сапаргун районалъул бет1ерасул х1алт1улаб къокъа щвана гочинабун г1и-боц1и хьихьиялъул Хасавюрталъулги Бабаюрталъулги зонабазда ругел Т1ануси, Гьамишт1а ва Г1оч1ло росабазул хъутабазде.

Цебеккунго гьабураб къот1иялда рекъон ц1араб заманалда к1алт1е щварал сапар цадахъал гьалмагъзаби-СМИязул пишацоялгун нухда рахъана ниж. Сордоялъ т1аде щубил къат1раго т1инк1ич1ого беч1ай рехараб г1урччин хералъги муг1рул, щобазда нахъасан гьанжего-гьанже т1алъиялда т1ирит1ун рач1унел бакъулч1ораз гвангъизабураб хъах1ил зобалъги, цудунаб рогьалил г1уж бук1аниги бицунеб бук1ана къо бакъулаб, баг1арараб бук1инеблъи. Операторал Х1амзатилгун Ах1мадилги, суратчи Мух1амадилги, мухбир диргоги махщелал бат1и-бат1иял рук1аниги, ункъасулго мурад цо-районалъул бет1ерасул х1алт1и г1адамазда бихьизаби, Сиражудинилин абуни, шофер х1исабалда нуха квал-квал ккеч1ого хъутаналде нахъе ниж щвезари бук1ана.

Риидалил хур-хералъул х1алт1аби т1адрараб, «ц1вабурулъан» буц1улдерица абухъего цоцазде г1адан рег1ич1еб завал бугоан г1ат1иракьалда. Хурзабахъа хаслихъе культурабазул бач1ин бак1арулел комбайназулги хер бецулеб, бецун бакъвараб гьеб данде гьабун тюкал, рулонал къалеб, къараб раг1и-хер къавабазде баччулеб техникаялъул хъуй сордо-къоялъго гьоркьоб къот1улеб батиларо гьаниб сезон лъуг1изег1ан.

Т1анусдерил хъутан бук1ана т1оцебе Саг1ид Камиловичасул къокъа т1ад решт1ине х1исабалде босараб, гьез г1адамал къабул гьаризе ругеб бак1. Контораялдеги ах1ун пиринч1алъул чеказда лъим дагьлъун бугин, коллекторалдасан гьеб ц1ик1к1инабизе х1аракат бахъеян, лъалъадухъабазул бригадирасе малъа-хъваял гьарулев вугоан колхозалъул председатель Мух1амадов Зиявудин ниж гьенире щвараб мехалъ. Гьалбадерида дандч1вазе х1адурлъизе рег1изего толев гьеч1ила, хуриве ани харибак1алда батулила цо г1унгут1и, гьенив кват1ани фермаялдасан щолила хабар щибалиго г1олеб гьеч1илан, х1ухьел ц1азе ч1езецин заман бук1унарила гьаниб сезоналдаян, гьурмадаса г1ет1ги бац1унаго нижер кверал росана председателас. Сон къоялъги баг1ариялъ х1алт1унго бажарич1ила, бакъанида баччанила фермаялде къараб хер, жакъаги бихьуларищха радалго боркьун бугеб куцан 35 градусалъул хинлъи бихьизабулеб къеда бан бугеб термометралъухъги балагьун хабаралде жувана гьенивго ватарав Г1ебут1а колхозалъул председатель Г1умаров Х1асанги. Киг1анго х1алт1аби рук1аниги т1обит1изе бугеб тадбиралда г1ахьаллъизе т1анусдерил хъутаналде рак1аризе лъугьана сверухъ ругел маг1ишатазул нухмалъулел, г1адатиял зах1матчаг1и. Щивасул бук1ана унтараб, районалъул бет1ерас т1убазе хьул бугеб суалги, гьесдехун бикьизе ургъелги.

Гьале т1аде щвана Саг1ид Камиловичги гьесул х1алт1улаб къокъаги. Байбихьана ишалъулаб данделъиялде. Районалъул бет1ерасулгун т1оцебесеб дандч1вай гьабуна т1анусдерил хъутаналъулаб школалъул директор Абулпазлуева Г1аишатица. Исана школалда ЕГЭ, ОГЭялъул ккарал х1асилазулги бицун, ц1ияб ц1алул сон байбихьилалде учительзабазулгун ц1алдохъабазул диспансеризация гьабиялъул суал борхана директоралъ районалъул нухмалъулесе. Гьебго суал жакъа чанц1улго борхизе бугила, гьелъие ч1ван-къот1араб х1укму гьабизе кколилан к1алъана лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Г1умаров Залимхан. Х1алт1улаб къокъаялда гъорлъ райбольницаялъул бет1ерав тохтур гьеч1ониги, ц1алул сон байбихьилалде диспансеризация гьаби раг1алде бахъинабизе гьесда т1ад къалилан раг1и кьуна Г1аишатие Саг1ид Камиловичас. Лъик1аланго росу к1одолъун бук1иналъ т1оцебесеб к1варалъул суалал рорхана цогидал жамаг1атчаг1азги росдал бегавул Г1абдулаев Мух1амадицаги. Хъутаналде рач1унеб нух къач1азеги лъел артезиан бац1ад гьабизеги кумек гьарана Гъоркьколо колхозалъул председатель Г1абдулаев Г1абдулаца. Бук1ана гьадинаб суалги: Г1ебут1а колхоз жиндие налъукь бугилан гьелъул председатель судалде кьун вугоан колхозчи Нурмух1амадов Муртазаг1алица. Колхозалъул бак1алда ц1иг1уц1араб СПКялъул счеталда копек г1арацги бук1инч1ого Х1. Г1умаровасухъа кват1аралъухъ т1ад пеняги лъун, судалъ Муртазаг1алие хайралъе, бахъун буго лъик1аланго ц1ик1к1араб къадар г1арцул. Гьелда т1адеги Муртазаг1алие щун руго хухалги машина ц1ураб херги. Гьебги г1еч1ого хъвадаризе лъугьарав гьес, гьанжеса судалъги къун, СПКялъе т1адбуссинабизе кколеб буго цебеккун щун бук1анщинаб. Кьеларилан ав, кьеч1ого теларилан добцояб рахъ-жидер даг1баялъе ахир лъеян цоцат1асан хъварал г1арзабазги, судалъул х1укмабазги, бухгалтериялъул х1исаб-суалалъул документазги, бат1и-бат1иял идарабаздаса кагътазги понц1озарурал папкабазул къвал ц1урал гох1ал лъуна Саг1ид Камиловичасда цебе к1иябго рахъалъ. Рит1ухълъи бергьиндал республика тун къват1ивеги хъвадарич1ого даг1баялъе ахир лъеян лъазабуна Муртазаг1алида Юсуповас, мунги гьалда рекъон ч1аян Х1асанидаги абун, рукъ ц1урал нуг1задерида цебесан к1иязго квералги рачун рекъел гьабизе т1амуна даг1бадулал. Т1анусдерилги гьезда сверухъ ругел маг1ишатаздаса г1адамазулги суалал дагьалги рук1ана. Гьезие рекъарал жавабалги щвана, бак1алдаго т1уран бажарич1ел, ч1ван-къот1ун гьаб заманалде т1уралин раг1иги кьуна.

Гьанжеса ирга бук1ана Гьамишт1а хъутаналде. Къаде какдаса хадуб баг1ари х1ехьезе к1веч1ого рокъо-рокъоре арал г1адамал, громкоговорителалъ г1ак1аги ах1ун рач1инаруна данделъиялде. Баг1арийин абуни 41 градусалде бахун бук1ана гьениб. Ждановасул ц1аралда бугеб колхоз рух1-х1алалда бугеб советазул заманалъ районалда бечедал цогидал г1аммал маг1ишатаздаго г1адин к1удияб контораги дагьабги к1удияб клубги бана гьамишт1исезул хъутаналдаги колхозалъ. Жакъасеб гвангъараб бук1инеселъеян доб «рик1к1аде бихьулеб» политикаялда рекъон росабиги к1одолъилин, гьенир г1адамалги г1емерлъилин абураб пикру бук1ун батила гьеб киназулго. Бит1араб буго, росабиги к1одолъана г1ат1иракьалда, г1адамалги г1емерлъана гьенир, амма г1адамазул рух1ияб рахъ хъарцинлъана. Гьанже кинавго чиясул пикру г1арцуде буссиналъ, маданиятги адабиятги к1очон толеб буго г1емерисезда. Доб мехалъ росуго берцин гьабулеб бук1араб клубалъул ч1ух1араб мина, араб рак1алде щвеялъул пашманаб нуг1лъун хут1ун буго. Гьеле гьеб клуб спортзал гьабизе, колхозалъул контора ясли-ахалъе къач1азе кьеян гьари бук1ана гьамишт1исезул районалъул бет1ерасдехун. Цоги унтараб суаллъун гьезул бук1ана трассаялдаса хъутаналде рач1унеб нух х1акъикъаталдаги бакъул къоялъ х1уруца цебе бугеб жо бихьулареб, кьерхиндал х1арщуца хьвадизе толареб нух лъиеха къвариг1араб. Саг1ид Камиловичас Мах1ачхъалаялдаса автодоралъул вакилзабиги рачун гьезул мурад т1убазе раг1и кьуна. Школалъул директор Нурмух1амадова Умакусумицаги Т1анусибго г1адин диспансеризациялъул бицана, рук1ана г1адатияб г1умруялдасан рижарал суалалги. Бак1алдго кинабго раг1алде бахъунарелъул, ресалда рекъараб кумек гьабизе раг1и кьуна гьамишт1исезеги сверухъ ругел маг1ишатаздаса вакилзабазеги Саг1ид Камиловичас.

  • киназулго тату хун бук1ана ниж г1еч1ендерил хъутаналде щвараб къалъул г1ужалъ. Жалго г1еч1ен гурелги Харахьиса, Сивухъа, Лъаг1илухъа, Г1орут1аса вакилзабиги рук1ана районалъул нухмалъулевгун дандч1вазе, гьесулгун ургъел бикьизе бокьун рач1арал. Школалда директоралъул кабинеталъуб т1обит1ана дандч1вай. Ц1акъго церелъурал г1унгут1абазухъ бадибч1вайги гьабун т1оцебесеб иргаялда Юсуповас жиндихъего ах1ана школалъул директор Х1амзатова Сапият. Гьелъ Саг1ид Камиловичасда гьарана школалъул азбаралда къоно ч1езе, ц1алдохъабазе бат1и-бат1иял х1аязе площадка гьабизе кумек бук1инарищан, гьанибго рак1алде щвезабуна добго диспансеризацияги. Мун кколила районалда лъай кьеялъул иш кодосев Х1амзатовалъул гьариги хъутабазда диспансеризация гьабиги дуца т1убазе кколилан З. Г1умаровасе т1ад къай кьуна гьенибго. Росдал бегавул Г1абдурашидида цадахъ рук1арал жамаг1аталъул вакилзабазул мурад т1убазеги раг1и кьуна гьес. Каналалъул раг1ал ккун валалда т1асан хъутаналде рач1унеб нух къач1азеги школа сверун къаялъеги хурзалгун харибак1ал лъалъаялъеги кумек гьарун колхозалъул председатель Батирх1ажиев Дибирида цадахъ рач1арал сахъадерил вакилзабиги щвана мурадалде. Лъег1елдерил бегавул Х1асанх1осенов Халидгун жамаг1аталъул вакилзабазги гьарана росда ак1осан унеб газалъул трубаялде хурхинеги гьабун жидее «хъах1илаб ц1атари» щвеялъе, хъутаналда ФАП рагьиялъе ва артезиан бац1ад гьабиялъе кумек гьабеян. Т1оцебесеб суалалдасан Мах1ачхъалаялде т1адаб идараялъул х1акимасухъе телефоналдасанги к1алъан хъутаналда жанисан унеб газил трубаялде росу хурхинабизе х1алт1аби гьаризе к1удияб зах1мат унеб батич1они, гьенире специалистал рит1иялъул иш данд бана Саг1ид Камиловичас. ФАПалъеги артезиан бац1инеги смета гьабеян бегавуласдаги абуна. Районалъул бет1ерасда заман батана цогидал г1адамазулгун рак1 рагьараб хабаралъеги. Гьесул мурад бук1ана г1адатияб халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъизабиялъе шарт1ал г1уц1изе пикру г1унт1ич1ел рахъал рагьи ва гьелъул х1асилалда г1адамазе бажарараб кумек гьабизе ресал рати. Г1умру бугелъуб ч1аголъиги бук1унин абухъе, ч1агояб ишалъулаб ах1вал-х1алалда ана хъутабазде гьабураб сапар.

Р. Х1амзатов

Просмотров: 570 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz