Госбанкалъул отличник
Ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамазухъ г1енеккараб мехалъ нилъее рес щола г1умру хисараб куц лъазе, гьезул г1олохъанаб мехги гьанжесеб заманги дандекквезе, СССРалда бук1араб г1умруги гьанже нилъ ругеб куцалъулги бат1алъи бихьизе. Интересаб г1умру нахъа тана Хунзахъ росулъа Айтберова Сиядатица.
Завфинотдел Айтберов Мух1амадх1ажиясул ва Рукъигатил хъизамалда 1928 соналъул 24 августалда гьаюна Сиядат. Гьебго хъизаналда гьаруна, гьей гурейги, ясал Пат1имат ва Умужат, вас Айтбер. Мух1амадх1ажияв живгоги ц1ала-къали бугев, гьелъул къимат гьабулев чиги вук1ун, гьес лъимал гьит1инаб къоялдасанго ц1алиялде к1вар кьезе, гьелда т1ад ч1езе т1амулел рук1уна. Доб заманаялъ лъимал, хасго ясал, ц1ализе рит1и къанаг1атаб иш бук1ана. Мух1амадх1ажияс киналго лъимал рит1ана ц1ализе. Жидер эбелалда, рокъоб х1алт1и гьабизе т1амич1ого, лъимал дарсал гьаризе теян абулаан инсуцаян бицана Сиядатица. Ц1алудаса хадубги лъик1аб хъулухъ-ишалда рук1ана гьел.
Пат1имат х1алт1ана Къах1иб ва Хунзахъ районазда женотделлъун, хадуб Мах1ачхъалаялда «Баг1араб байрахъ» («Х1акъикъат») газеталда. Умужат йик1ана Мах1ачхъалаялда Росдал маг1ишаталъул техникумалъул преподавательлъун. Гьелда цадахъ Хунзахъ Ахбердиева Багиги х1алт1илей йик1анилан рак1алде щвезабуна Сиядатица. Гьезул вац профессор Айтберил ц1ар Дагъистаналдаго лъала. Тарихчи Айтберов Тимур ккола гьезул вацг1ал. Айтберовазул яцал-вацазул гьабсаг1ат цох1о Сиядат йиго нахъе, хут1арал абадияб рокъоре ана. Киназдасаго гьит1инав Айтбер бищун цеве хванилан рак1 къварилъана гьелъул.
К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб 1941 соналъ Сиядатил лъуг1ана г1агараб росдал школалъул 7 класс. Хадусел соназ гьезул хъизан, эмен х1алт1изе вит1ун, Къах1иб районалде рахъуна. Инсул вац Насрудин, Ват1ан тушманасдаса ц1унизе арав чи, Харьковалда т1аг1уна.
7 класс лъуг1арай Сиядат, рагъул заман бук1аниги, 2 соналъ Буйнакскиялда финансовияб техникумалда ц1алула. Ц1алиги лъуг1ун 1943 соналъ Сиядат Айтберова х1алт1изе лъугьана Къах1иб банкалде бухгалтерасул заместительлъун. Рагъ лъуг1илалде Къах1иса т1ад вуссун Хунзахъе х1алт1изе т1амула Мух1амадх1ажияв. Хъизанги г1агараб росулъе т1ад буссуна.1946 соналъ Айтберова Сиядат х1алт1изе лъугьана Хунзахъ банкалде. Гьеб мехалъ банкалъул управляющийлъун вук1ана Г1алиев Х1амид. Жиндие т1оцебе 19 гъурущ бак1анила харжилан бицана Сиядатица. Доб мехалъ 82 копеекалде щолеб бук1ун буго чакаралъул кило. Рагъулги рагъда хадуселги сонал ракъарал рук1ун руго. 1941-42 соназ хъизаналда чи рик1к1ун кьолеб бук1ун буго к1инус-нус грамм чадил. Х1алт1ул къо лъуг1идал, г1адамал рахъинарулел рук1ун руго колхозалъул хур-хералъул х1алт1аби гьаризе. 30 соналъ х1алт1ун йиго Сиядат банкалда. Цадахъ х1алт1улел рук1аразул, гьабсаг1ат жийги Махулова Нуцалайги хут1ун ругин нахъеян бицана гьелъ.
Сиядатил х1алт1уе бугеб махщел-гьунарги бихьун, 1957 соналъ пачалихъалъ гьей к1одо гьаюна «Отличник Госбанка» абураб х1урматалъул ц1аралдалъун. Гьелъие гьеб ц1ар кьун буго 993 номералда гъоркь. К1удияб СССРалда гьеб ц1ар 993-леб щвей г1езег1ан к1удияб х1аракат ккола. Гьеб ц1ар нилъер районалда къанаг1ат гурони чиясе щунги батиларо.
Шапакъат щваниги, х1алт1и лъик1 лъалеб бук1аниги, жиндирго лъаялда г1ей гьабич1о гьелъ. 1955-59 соназ Сиядат заочно ц1алана СССРалъул Госбанкалъул Астраханалъул учетниябгун-кредитнияб техникумалда. 1976 соналъ гьей ц1алана Дагъистаналъул республикаялъул счетоводниябгун-бухгалтеразул школалда.
Банкалда гурейги, Айтберова Сиядат х1алт1ана райфинотделалда к1удияй бухгалтерлъун, росдал маг1ишаталъул управлениялда экономист-контролерлъун, «Сельхозтехника» г1уц1иялда, «Дагводремстрой» тресталда к1удияй бухгалтерлъун. 1990 соналъ х1алхьиялде инег1ан, 49 соналъ х1алт1анила жиян рак1алде щвезабуна Сиядатица. Т1оцебе 125 гъурущ пенсия щолеб бук1ун буго гьелъие.
Сиядатица нахъа тараб зах1маталъулаб нух пачалихъалъ к1одо гьабуна «Отличник Госбанка» ц1аралдалъун гуребги, «За доблестный труд в Великой Отечественной войне 1941-45 годов» ва «Ветеран труда» медалаздалъун, чанго грамотаялдалъун.
Доб СССРалъул заманаялъгицин, гьанжейищин лъик1аб бугебин ц1ехана дица Сиядатида. Гьелъ дие гьадин бицана: - Ниж х1алт1улеб заман, х1алт1уда цадахъ, колхозалъулги рукъалъулги х1алт1иги, хур-херги гьабизе кколеб, боц1и-панзги хьихьизе кколеб, гьанжег1адин машинаби гьеч1еб, зах1матаб заман бук1ана. Нижер эменги лъималги коммунистал рук1ана, эбел кидаго как-к1алги гьабулей, чохт1оги къалей ч1ужу йик1ана. Цебе росулъ иццал къанаг1ат рук1ана. Эбелалъ черей-хелеялъе лъим лъарат1аса ц1олаан. Лъарги цебе бац1адаб бук1ана. Гьекъезе лъим ц1езе бук1ине дица г1ерет1 радал х1алт1уде унаго банкалде босулаан. Цебе банк гьанже Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул байбихьул школа бугеб паркалда бук1ана. Гьениб иццдаса лъимги ц1ун, баччун г1ерет1гун унаан рокъое. Г1адлу-низам, кьварараб заман бук1ана. Цо минуталъги кват1улароан ниж х1алт1уде, х1алт1уда чай гьекъей, кванай бук1араб жоцин бук1инч1о, гьеб бук1ине бегьулин абураб жоги бук1инч1о. Гьанже кие щваниги чаял гьекъолел ратула. Нусго нухалъ Сталинил заман бокьила дие. Нижее Сталинил тарбия щвана, гьес нижеда малъана бикъугеян, х1алт1еян. Гьаже цо гьит1инабниги къвариг1ел т1убазе ккани г1арац къвариг1уна.
Х1алт1изе лъугьаралдаса нахъе маг1арул газетал хъван, гьоркьоб цо х1арп теч1ого ц1алулеб бук1ун буго Сиядатица. Ахирисеб к1иябго соналъ берзул канлъи дагьлъун ц1алдон бажарулеб гьеч1о гьелъухъа. Кват1ич1ого беразе операция гьабизе ине рак1алда бугила жинда.
Сиядатил гьеч1о лъимал. Бажарухъе жийго жинцаго т1уян, 3-4 г1анк1у- х1елекоги, к1иго кетуги хьихьун йиго гьей. СШАялъул президентлъун Барак Обама вищараб къоялъ гьабураб ч1ег1ераб катит1анч1ида гьесул ц1ар лъун, жиндир Обама бугила гьаб-ан бицана к1одоца. Жиндие бажарараб кумек мадугьалзабаз, хасго Шамсудинил Пат1иматица ва гьелъул вас Дибирица (ветлечебницаялъул х1алт1ухъан) гьабулин, гьезие баркала-кириялда йигоан гьей. Дунял квачайдай Сиядат жидедего аск1ое ячуней йиго гьелъул яцалъул ясалъ. Гьедин, берцинаб х1алалъ, бет1ергьанасе т1аг1ат-г1ибадат гьабун т1амулел руго жиндирго къоял Сиядатица. Аллагьасул къоял жиндие ратани, чияде ккеч1ого йик1ине канлъи бокьилаанилан абуна гьелъ.
Нижецаги Сиядат Айтберовалъе гьарула гьелъие бокьахъе, гьабизе рак1алда бугеб операцияги бит1ун ккагиян, хадубккунги лъик1аб сахлъиялда чанги соназулаб г1умруялдаги хут1агиян.
П. Гунашева.
|