Суббота, 20.04.2024, 07:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Декабрь » 30 » «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИЯЛЪУЛГИ» РЕДАКТОРАЛЪУЛГИ НАКЪИТ.
21:10
«РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИЯЛЪУЛГИ» РЕДАКТОРАЛЪУЛГИ НАКЪИТ.

- Вай пакъир, унго т1убанищ дур 90 сон, бач1анищ замана, цебе хараби г1адин, гьагьинибги лъун мунги кьурса гъоркье рехулеб?

- Къадруяб, лъиениги бетIер къуличIеб, гIасругIан заманалъ халкъалъе гьабураб хъулухъ. Районалъул тарихги цебетIейги, гIадамалги гIадамалго гурелги-кинабго жаниб хIебтIараб  100 азарго тIамач, 10 азарго номер, 1925 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан квешаб-лъикIаб кинабго хъвараб 200 кг архивалъул. ГIемерал мун гIадал рачIана-ана. Дун жеги буго.  ТIехIун гьечIо къалам, кIочон гьечIо мацI, билун гьечIо пасихIлъи.

- Лъацаха дур къимат гьабулеб, лъие мун х1ажатаб, дир рек1ел гьудул?

-- Мун жеги столалда гъоркь ясандулеб мех… РукIинчIо я инстаграмал, я гIебеде битIараб килищ лъунилан къадру борцунел сайтал, я гIорхъи-зани гьечIого бацIцIадаб-чорокаб жаниб бачараб интернет. Доб букIана дир заман. Гьоркьохъеб ригьалъул, цIа гIадав гIолохъанчи букIана дун. Дир гьурмазда хъвараб гьоркьоб лъолаан райкомалда, казияталъ какарасеян абуни, гьабулаан букIине кколеб тамихI. Дун лъугьунаан урхъараб гьоболлъун  щибаб рокъобе, дир дабар гьабулаан гьитIиназ-чIахIияз. Кидаго ккелароан дун гьадин тархъилин, цIакъ дагьав чиясе гурого хIажат гьечIеб бакIалде ккелин. Борхалъуде рахине цIакъ захIмат букIунеб буго, дир яс, тIаса гъоркье бигьаго гиризарулел рукIун руго. Дуцаниги биччаге дида хъанч чIвазе.

- Зах1матаб гьариги, гьеч1еб кумекги… Кин духъ ялагьилей, щиб гьабундай лъик1?

- КIочонге, дун  цIалулев цогIаги чи чIаго вукIаго, рагIул къимат хвезе гьечIеблъи. ЦIуне дун  цIалулел, цIуне бокьулел! Дун гъираялда кодобе босизеян, лъала, нужеца кьер-кьерал берцинал гурдал ретIун, цIвакизабун хераб дие гьабурабщинаб тимарги. Баркала буго. Амма дирго халатаб гIумрудул нух ракIалде щведалин абуни….

- Бице щиб бихьараб, щиб нахъа тараб? Дур гьурмал къалъарал харбал рук1анищ?

- Улкаялда инкъилабги  бергьун «Правда» абураб казият къватIибе ине байбихьидал, Авар, ГIанди ва Гъуниб округазе биччалаан дун. ГIараб хIарпаз гьитIинабго тIанчида хъварал цIиял харбал, битIахъего абуни, цоцахъа рахъи гьабун тIиритIулаан магIаруллъиялда.

Лъавукълъи тIагIинабиялда бутIа лъурабги дун, колхозал гIуцIизе ккеялде ахIи барабги дун, гIухьбигун дояркаби зобалаздеги рахинарун, тасамахIал хIалтIухъаби къватIир чIвазарурабги дун. Эбелаб ВатIаналъе гIоло рухI бичизе хIадурал гIолохъабазул рекIеда тIад лъун гьужумалъ бортарабги дун, кьогIаб хабар босун похоронкалъун улбузухъе рещтIарабги дун, гIакъил ХIамзатил кучIдузе куркьбал гъурабги дун, дунялалъулго инсан  Расулил тIоцебесеб кечIалда бищун цебе бер кIутIарабги дун.

-Ч1ая, г1акъил Х1амзатица гурищха «Дун», Дица», «Диейилан» ц1ек1ал раг1аби рехсон веццардугеян амру гьабураб? Бегьиларо, Абуначаг1и, гьедин.

-Кинабго лъикI гуро дирги букIараб. Рагъул соназцин алхинчIого къватIибе араб, гьелъ биххараб улкаялъул магIишат бахъинабулел соназцин шапакъатал щвараб дида гIемер гIакъуба бихьана СССР бихун хадуб, тIалъиялда тIибитIараб гIадлу гьечIолъиялъул ричIчIиялъ щущазабуна берцинго нухда ине букIараб дир хIалтIи. Сакъатлъиялде ккезабуна дун дол тохал 90-абилел соназ. ГIодоцинабуна жигар, квегъана дун къватIибе инеян рухI кьун хIалтIулелщинал. Амма дун гьединги къуркьичIо.

-Мунго къуркьич1ониги, къуркьанищ дур рек1ел х1ал, бот1рол пикру, кинабго инсанасе г1олоян ах1иялъе рит1ухълъи? Борч1анищ тохаб, рек1к1аб?

-Веццизе кколаресе цIакъго хъат чIван, гIунгутIаби къватIир чIвазаризе мустахIикъасул гьел тамахго рахчун рорчIун ратила дирги гIунгутIаби, дунги малаик гурелъул. Амма дун букIинчIо гьерсилги, хIалихьалъиялъулги, инжитлъиялъулги чапарлъун. Ки-да-ни-ги.

-Мустах1икъаб нухги нахъа тун бач1ун буго мун жакъасеб г1елалъухъеги. Кин араб дур гьайбатаб юбилей «Росабазул зах1матчи», гьал «Муг1рузул колхозчи»?

-ГIодорчIеязда дун беццун рорхичIо чогърол лълъурдул, ахIичIо дун гьечIого гIумруго гьечIила ракI бохизабурал саринал, кIодо гьаричIо дир кумекчагIи-казияталъул ветеранал, жигарал мухбирал. РакI батизабизелъун ва дун цIилъизабизелъунгIаги щвечIо гьеб ахIи-хIур хисун цойги мунпагIат, шапакъат, цIар, сайгъат. Амма 90 соналъ къуркьичIеб дун гьаб нухалдаги расги рекIекълъичIо. Унтана. Амма бекичIо.

Дица тана тарихалда лъалкI. Дица ва дун гIуцIулаго хIалтIаралщиназ тезе буго гьаб районалъул гIумруялда лъалкI. Дун хутIизе буго таварихалъул кинабго хъвараб мажмугIлъун. Дун аваданаб асарлъун чвахизе буго цIалдолесул рекIелъе, дун сипат бихьичIев кIудидадал гIумрудул баянлъун хутIизе буго щибаб хадуб гIолеб гIелалъе. Квералъги ракIазги хъвараб бацIцIунаро. ЧIа я, мун щай гIодулей? Киб бихьараб жо гьеб, къалам кодосев чи загIиплъулев?! Мун дида гурхIунищ? Воре, воре! Чанги гIакъуба-захIмат, ритIухълъи гьечIолъи бихьараб нилъеда гьаб гIасругIан болжалалда жаниб. БатIи-батIиял гIадамал, гIелал, политикиял хиса-басиял, хIакимзаби… Дуе щиб?! Гьаб кIочон тарабгIаги бихьугегиян Аллагьасде гьарделел рукIине ккола нилъ.

Гьаниб х1алицаго г1адин, маг1уги бац1ц1унаго, «Аминги» абун редакторалъ диктофон свинабула. Гьаб нухалдаги инсан къуна. Казият бергьана. Гьеб думалъго бергьунеблъун бук1ине бижараб бук1ун. Ч1ахъаги г1умруялъул хъвадарухъан! Ч1ахъаги казият!

          Ф. МухIамадова.

Просмотров: 430 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz