Четверг, 25.04.2024, 01:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июль » 22 » «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ» - РОСАБАЛЪ МУГ1РУЗДА, ЩОБАЛАЗДА. Т1УГЬДУЛ КИНИГИ ЩУЩАН РУГО ГЬАНИР ГАНЧ1ИЛ РОСАБИ.
20:01
«РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ» - РОСАБАЛЪ МУГ1РУЗДА, ЩОБАЛАЗДА. Т1УГЬДУЛ КИНИГИ ЩУЩАН РУГО ГЬАНИР ГАНЧ1ИЛ РОСАБИ.

Т1агьада библиотекаялда

Росдал библиотекаялде щведал, ремонт гьабулей, гьелъул къват1исан къед бохьулей ятана заведующая Г1алиева Г1айшат. Г1емерал соназ библиотекаялдаги х1алт1арай, гьебги бокьулей ч1ужу йиго гьей. Дагьал рук1аниги  камуларила газет-журналалги ц1ехолел, гьел ц1ализеги рач1унел г1адамалин бицана гьелъ.

Подпискаялъе г1арац биччан гьеч1ониги, жиндирго чвантинисан г1арацги кьун хъван руго Г1айшатица 2-3 газет-журнал. Районалъул газета цо х1арп гьоркьоб теч1ого ц1алулин, гьелдасан жинда  районалда лъугьунеб-толеб лъалин абуна Г1айшатица.

Хасало печь бакизе т1урччи-ц1улги кьеч1ого, 2-3 соналъ рокъоса гьебги босун бакун буго гьелъ библиотекаялда печь, гьеб къан тезе бокьич1олъиялъ. Жиндаго т1адаб х1алт1и гуребги, культуриял тадбирал, байрамалъулал къоял, дандеруссинал т1орит1улел руго библиотекаялда заведующаялъ. Гьит1инаб бук1аниги сценаги бугоан гьениб. Ц1ар раг1арал  политикиял ва творческиял г1адамазул суратал ран берцин гьарун ругоан къадалги. К1удияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул къед  ц1елебг1анаб сурат бан бук1аниги, къадал гьет1и гьелъ бахчизабун гьеч1оан. Х1алт1ул бицунаго, Г1айшатица абуна: «Рак1 унтун х1алт1и гьабулев чиясда г1емераб къо бихьула»,- ян. Щиб дуе бокьилеб бук1арабин ц1ехедал, библиотекаялда лъик1аб  ремонт гьабизеги, къват1исан бак1 къач1азеги бокьилаанин ургъел бикьана гьелъ. Гьеб ц1ияв бегавулас гьабизе бук1иналда к1удияб божилъиги бугоан гьелъул. Бихьулеб бук1ана дагьабго харж бук1аниги, бажарухъе, гьаб гьеч1ин – доб цояб камун бугин теч1ого, Г1айшатица х1алт1и нухда бачунеб  бук1ин.

 

Харабазулгун накъит

Г1айшатилгун хабар-к1алалда рук1аго, библиотекаялде цоцазда хадур г1адин лъугьун рач1ана росдал ц1ик1к1араб г1ел – Г1алиева Пат1имат, Г1алиев Мух1амад ва хъвай-ц1алиялъул х1алт1иги бокьулев, жиндир куч1дул чанги райгазеталдаги рахъарав Мах1ач Зайнулг1абидов.

Жидерго ургъалаби нижее рикьизе лъугьана хараби. Цебег1адин  росулъ къанаг1ат гурони хурзал рекьулел гьеч1илан, рекьаниги рукъалда цебебак1 ялъуни сверун къараб гьит1инабго хур бекьулеб бугилан рак1 бакъван бугоан харабазул. Мегъги ч1унтун бугила росулъ.  Хурзалги кин росулъ рекьилел, боц1иги цеве вехьги тун рехьед гьабун  гьеч1олъиялъ, къват1ибе балагьизабун толеб бугила г1адамаз. Бук1инеги росулъ къват1ахъа г1ебеде бугоан боц1и.

Цебе пихъидасан лъик1аб маг1ишат гьабулеб бук1ун буго росдал г1адамаз. 400-500 килограмм ахбазаналъул бак1арулеб бук1ун буго щибаб лъаг1алие. 100 килограмм бакъвараб куракалъул бук1унеб бук1ун буго. Гьеб бичизе Г1ая ва цогидалги базараздеги хьвадулел рук1ун руго г1адамал. Гьоц1алъ совхоз бугеб мехалъ, Т1агьада гьелъул щуабилеб бригада бук1ун буго. Исана бит1ун гъут1би т1егьараб мехалъ бараб г1азуца курак ц1акъ дагьаб гурони гьеч1илан рак1екълъун ругоан гьел. Росулъ лъик1аб х1алалда бахъулеб бук1ун буго картошкаги.

Хинаб, роц1ц1араб гьава-бакъ  бук1унаанила росулъ цересел соназ, ГЭС  баралдаса нахъе г1емерисеб  мехалъ нак1к1ал лъун, ц1адал ц1ик1к1ун ран, гьава-бакъ хисанилан бицана Мах1ачица.

Росдал бегавуласдаса разиял ругищилан ц1ехана нижеца г1умруго  х1алт1и-зах1маталда арал г1адамазда.

Г1умар бегавуллъун вищаралдаса г1емераб мех гьеч1ониги, гьес лъик1ал х1алт1аби гьаризе байбихьун ругилан бицана нижее харабаз. Цеве вук1арав бегавуласул кумекчилъун вугеб мехалъго, Г1умарица ресалги ратун къач1ан бук1ана росулъе рач1унеб нух. Киг1ан чабах баччаниги, нух лабаллъиялда бук1иналъ ц1адаз чабахги босун ун хвезарулел руго нухал. Нухазде асфальт т1елин жиндирго раг1и гьесие кумек нухазул участкаялдасанги щун г1умруялде бахъани бокьилаанин Г1умарилан абуна  Мах1ач Т1агьадинскияс.

Гьал къояз росулъ бан лъуг1ун, рагьизе бук1араб лъабт1алаяб, ц1акъ берцинго къач1араб, г1емерал харжал т1ад хвараб, г1адамазул рохеллъун бук1араб ц1ияб мажгит токил  кваридасан ккараб ц1аялъ т1убан, къадал хут1изег1ан бух1ун лъуг1иги кутакалда рек1еда бан бук1ана харабазда. Гьединаб берцинаб мажгит Дагъистаналъул цониги росулъ бук1инч1илан рук1ана гьел.

Къо бихьун х1алт1улел рук1араб  мехалъищин гьанже рах1аталда щун пенсиялгун ругеб мехалъищин лъик1аб бугебилан гьикъана нижеца накъиталъул ахиралда росдал  ц1ик1к1араб г1елалда. Валлагь киг1ан зах1мат бихьаниги, х1алт1уда ругеб заманго лъик1аб бук1анин абуна харабаз.

Херлъиялъ хабзалалъе г1агар гьарулин къокъаб, амма гъваридаб маг1наялъул жаваб кьуна Мах1ач Зайнулг1абидовас.

Нижер интерасал харбилазе сахлъи-рохелги, халатал соналги гьарун, нижеца гьезулгун къо-мех лъик1 гьабуна.

Автор.П.Гунашева.

 

Бук1ина охцер помидорги, гьарзаго форельги

Сапаралъул заманалда ниж щвана «Хьикьухъ» магъилъ Уздалросдал  администрациялъ балеб бугеб теплица бихьизеги. К1иго гектаралъул г1ат1илъуда к1удиял х1алт1аби унел руго гьениб теплица баялда сверухъ. Цо гектар кколеб буго жибго теплицаялъ, цоги гектаралда бук1ине буго рассада г1езабулеб  парникги, котельнаяги складгун цогидал кумекалъулал бак1алги.

«Хьикьухъ» ОООялъе нухмалъи гьабизе т1адкъан буго г1олохъанав  вук1аниги, теплицабазул х1алт1ул х1албихьи бугев, иш т1ад къараб т1оцебесеб къоялдасаго к1удияб х1аракаталда гьелда гъорлъе жуварав Сайпулаев Ах1мадида. Ц1аланила агрономлъунги, бугила исламияб лъайги,- ян бицана Ах1мадица нижергун лъай-хъвай гьабулаго.

- Их бигьунаго марталда байбихьана нижеца х1алт1абазде,- ян жувана Ах1мад жиндирго харбиде.- Гъоркье ракги бан бегана ракь, хадуб байбихьана х1убал эхетизе. Эхеса бичун босана т1ад кквезе пленка, рейка, х1асил – бурав, маг1алде г1унт1унги х1ажатабщинаб.

4-5 г1олохъанчи вуго дие кумекалъе, гьале ц1ик1к1унисеб бак1 т1охикье буссана.

47 метр халалъи, анц1гогун бащадаб  г1еблъи ва щуго метр борхалъи  бугеб анц1ила щуго блок бук1ине буго теплицаялъул. Сентябралда байбихьула аслияб х1алт1уде – рассада ч1еялде.  Гьелде  киналниги гьарулел х1алт1аби  лъуг1ун рук1ине ккола . 10 кьер бук1ине буго теплицаялда жаниб, 10 х1алт1ухъан гьенив, кочегар, цогидал кумекалъулал х1алт1ухъабиги малъун, 15 г1аги чиясе бак1 бук1ине буго гьаниб. Г1урул раг1алдасан 4- метр буго гьанибе.  Гьеб борхалъуде хасаб къолонибе кьабг1изе буго лъим. Гьениса цоги къолониб х1адурараб минералиял беэнлъабазул растворгун гьеб чвахула  ч1араб рассада лъалъазе, г1ун хадуб охцер-помидоралъул щибаб кусталда гъоркьеги.

Ниж ругеб бак1 г1урул раг1аллъидал рак1алда буго гьаниб форель чуг1а г1езабизеги. Гьелъиеги нижер г1урал ресалги руго, гьабсаг1аталдаго гьабулеб х1адурлъиялъул х1алт1иги буго. Ах1мадица ниж рачана Аварг1орул чвахи г1одобцараб цо сверуда лъуг1араб  т1абиг1ияб х1ор ч1ел бихьизеги. Гьесул бицада  рекъон аслияб чуг1а бук1ине бугеб бак1 гьеб кколеб буго.

Ахиралдаги, гъоба кверт1ураб г1орул раг1алда бугеб колот1е гьанжесел г1олохъаби кире ян  гьикъила цо-цояз. Бит1араб буго. Амма, щибго х1алт1иги гьеч1ого доре – гьанире сверулел ругел лъик1ищ ругел?

Ч1араб мухь-харжги, телевизор, х1атта богорукъ, х1амамалде г1унт1унги жаниб шарт1ал ругеб рукъги, киназулгойищ бугеб? Х1алт1изе бокьич1ез бокьарал ратула багьанаби. Гьанибин абуни гьелъул г1аксалда.

Предпринимателасе  гьабулеб х1алт1улъ цебет1ейги, ниж къабул  гьаруралъухъ баркалаги загьир гьабун рат1алъана гьевгун.

Автор.Р.Х1амзатов.

 

Уздалросдал ясли-ахалда

Ниж щвана Уздалросдал «Орленок» ясли-ахалдеги. Т1оцебе гьелда бер реч1ч1идал, ниж г1ажаиблъизаруна гьелъул берцинлъиги къач1а-к1ат1айги бихьун. К1иго соналъ цебе дун гьение щвараб мехалде данде ккун, бат1а гьабизе лъаларедухъ хисун бугоан ясли-ах. Дица цебе ч1езабуна цебесебги гьанжесебги мина. Бак1-бак1алдаса шиферги бекун, г1екколеб бук1араб т1охги, группабазул бец1ал рукъзалги гьанже сверун руго къалъарал к1алг1абазде, хисун руго гордал, нуц1би, росун руго лъималазе ц1иял кроватал, азбаралъуб гьарун руго лъималазе расанди-х1аял т1орит1изе квег1енлъаби. Ясли-ахалде щведал, нижеда дандч1вай гьабуна гьелъул заведующая Сиражудинова Загьица. Гьелъ нижер лъай-хъвай гьабуна ясли-ахалъулгун, рицана г1олел г1оларел рахъазулги.

-Ясли-ахалде хьвадулеб 52 лъимералъе хъулухъ гьабулеб буго 18 х1алт1ухъанас. Гьел рикьун руго 3 группаялде (цояб гьанже т1аде рагьараб). Щибалда руго лъималазе регизе, расанк1аби х1азе, гьезул занятиял т1орит1изе г1ураб бак1.

Занятиял рачуна ФГОСалъул т1алабазда рекъон.

Хадубги Сиражудиновалъ жидерго рохел ва разилъи загьир гьабуна, жидее гьел киналго санаг1алъаби гьарурав администрациялъул бет1ер Г1исаев Г1умарие ва районалъул администрациялъул бет1ер Юсупов Саг1ид Камилевичасе. Гьезие баркала-кириялда гьел х1алт1ухъабиги тун, ниж къокъана Т1агьада Г1исаева Пат1иматица нухмалъи гьабулеб «Чебурашка» ясли-ахалде.

 

Т1агьада ясли-ахалда 

«Орленокалде» данде ккун гьаниб г1емерго бат1ияб ах1вал-х1ал батана нижеда. Цебе г1езег1анго къач1араб, сундалъунго хьезабураб ясли-ах гьеб бук1араб батани, гьанже г1езаг1ан нахъеккей лъугьун буго. Х1ажат буго киса-кибго ремонт гьабизе, т1оцебесеб иргаялда ясли-ахалъул т1ох къач1азе, лъималазе бат1и-бат1иял х1аязе азбаралъуб расандабазул алатал лъезе, лъималазул расанк1аби росизе.

Пат1иматица абулеб буго росдал администрациялъул бет1ер Г1исаев Г1умарица жидееги раг1и кьун бугила асли-ахалда ремонт гьабизе ва цогидалги х1ажатал алатал росизе. Гьев жидер бет1ерлъун вач1ун дагьаб заман гурого бач1елъул, киналдего бер г1унт1ун батич1ониги, гьев бицараб раг1ул бет1ергьанлъун кколев ватилилан хьулги гьабулеб буго гьелъ.

Ясли-ахалде хьвадулеб 50 лъимералъе хъулухъ-адабалда руго 24 х1алт1ухъан сезоналъулал х1алт1ухъабиги малъун. Гьез жигараб х1алт1и гьабулеб буго жидеда цере лъурал масъалаби т1уразариялъе.

Автор.Н.Г1алиева.

 

 

Сахлъи ц1униялъул г1уц1абазда

Ц1ияб гвангъараб араб хасалихъе х1алт1изе кьураб фельдшеразул минаялда унтаразе х1ажатаб кумек гьабизе х1адурго ратана Уздалросдал медицинаялъул х1алт1ухъаби. Т1аде рач1арал г1адамазе рак1 рагьарай, разияй г1адан йигоан пункталъул заведующая Мух1амадг1алиева Пат1имат. Жиндирго х1алт1и кутакалда бокьулин, цониги къоялъ тохтурлъун яхъиналдаса рак1ги бух1ич1ин бицана Пат1иматица. 30 соналъ тохтурлъун х1алт1аниги, я свакалъул, я ч1алг1еналъул асар бук1инч1о гьелъул гьурмада пункталъул х1алт1ухъабаз т1алаб гьабизе кколеб буго 500-са ц1ик1к1ун чиясул, гьезда гьоркьоса 117 диспансерниял унтаразул. Унтаразе т1оцебесеб кумек гьабизе х1ажатал дараби, медицинаялъул т1аг1алаби ругин бицана Пат1иматица. Къвариг1ани унтарал Гьоц1алъ участкаялъулаб больницаялдеги рачунел руго. Пункталъул рукъзал жанисанги гьенире рач1аразул рак1ал рохуледухъ берцинлъи гьабун къач1ан ругоан ясаз. Бокьиледухъ г1уц1ун бук1ана гьит1ичал къабул гьабулеб рукъги. Ц1ияб минаялъубе басрияб мебель босич1ила жидецаян бицана заведующаялъ. Гьединлъидал пункталъе стеллажал, ц1ияб мебель х1ажат буго. Гьедин бугониги, бараб ц1ияб минаялдаса кутакалда разиго руго медикал. Гьез к1удияб баркала кьолеб буго гьеб базе х1ажатаб кумек гьабурав районалъул бет1ер С. Юсуповасе. Щиб гьараниги бажарараб кумек гьабулин жидее росдал бегавул Г1исаев Г1умарицаян, гьесдасаги рази руго ясал. Цебеялде дандеккун гьадинал квег1енлъаби ругеб заманалда х1алт1и гьабич1ого тани х1акъ бук1инарищан абуна Пат1иматица.

Х1алт1ул заман лъуг1араб мех бук1индал Т1агьада медпункталде ниж щун бажарич1о. Ц1ияб, цебе бук1инч1еб, медпункт балеб буго Хъах1ик1к1алахъги. Минаялъул къадал эхетун руго. Г1емераб заман инаро пункт бан бахъинеги.  

Автор.П.Гунашева.     

 

 

 

Просмотров: 624 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz