Суббота, 20.04.2024, 14:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июль » 22 » «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ» - РОСАБАЛЪ МУГ1РУЗДА, ЩОБАЛАЗДА. Т1УГЬДУЛ КИНИГИ ЩУЩАН РУГО ГЬАНИР ГАНЧ1ИЛ РОСАБИ.
19:40
«РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ» - РОСАБАЛЪ МУГ1РУЗДА, ЩОБАЛАЗДА. Т1УГЬДУЛ КИНИГИ ЩУЩАН РУГО ГЬАНИР ГАНЧ1ИЛ РОСАБИ.

Мухбирасул х1алт1улъ бищунго бергьенлъи борцунеб роценлъун рик1к1ине бегьула г1адатал г1адамалгун гьесул щибаб къойилал дандч1ваял, гьел г1умру гьабун бугел бак1азде ун, х1ал-х1укму  ц1ехон, жидерго беразда бихьаралдасан, г1иналда раг1аралдасан макъала хъвазе к1вей. Нижер г1аммаб пашманлъиялъе, районалъул журналистал къогоялдасаги ц1ик1к1ун соналъ мах1рум гьарун руго гьеб  ресалдаса – гъоркь рек1ине жалго бет1ергьанаб транспорт гьеч1олъиялъ «Росдал зах1матчи» хут1улеб буго г1иц1го цо-к1иго росдал, райцентралъул, райадминистрациялъул чапарлъун. Газеталъул тиражалдаса нус-нус нухалъ ц1ик1к1ун халкъ жаниб бак1арараб «Инстаграм» социалияб гьиналда Лъаг1илухъа Хъачанбег абурав чияс ц1акъ к1удияб г1айиб г1унт1изабулеб бугоан газеталъул редакторалдеги журналистаздеги росабалъе хьвадуларел, кабинеталъул х1алт1ухъабиян. Росабалъе хьвадизеги, г1адамазухъ г1енеккизеги нижер бук1унеб гъираги, анищги, гьелъие гьеч1еб ресги гьев г1олохъанчиясда лъалебани, узухъда, рогьоде балароан гьес гьеб нижеда. Хунзахъ районалъул газетчаг1и ккола Дагъистаналдаго машина гьеч1ел редакциязул  к1игоязул (цояб – Ч1арада) цоял.

Рук1к1ен-кунгицин кодобе кьеч1ого, устаралдаса радалалде горде т1алаб гьабиялда релълъуна нижедаса  бак1аздаса материал т1алаб гьабиги. Амма араб анкь кутакалда рохараблъун ккана нижее, ниж, пуланазда рак1 гурх1арал, сахаватал рак1азул г1адамал ратиялъ.  Гьадинго, жиндирго ишалъ редакциялде вач1арав «Уздалросо» сельсоветалъул бет1ер Г1исаев Г1умарида нижерго унти  бициндал, гьес жинцаго предложение кьуна, жидер сельсоветалде гъорлъе унеб лъабабго росулъе сапаралъе квербакъизе (Гьединабго сахаватаб ишалъе квербакъилин Харахьиса Саг1идилги буго цебеялдаса  нижехъ раг1и).

Гьедиг1анго дуца нечезаруни, мун веццун макъала хъвазе кколеб батулин дица махсаро гьабидал, бегавул Г1исаевас расги х1инкъич1ого жаваб кьуна «Нужеда кин батаниги, батухъе хъвай»- йилан. Жиндирго хъулухъалъулаб транспортги, нижеде сундулго ургъел ккезе теч1ел вацг1ал Мух1амадги, секретарь Мадинаги (Аллагь разилъаял) кумекалъе тун, Г1умар вана жиндирго хъулухъалъулал ишазде. Байбихьизинха «Уздалросо-Т1агьада-Хъах1ик1к1ал» маршруталдаса журналистазул хъвай-хъваг1аязде.

649 ц1араки, 1998 чи жанир ругел лъабабго росуги данде гьарун, «Уздалросо» сельсовет г1уц1ана 1923 соналъго. Территориалияб рахъалъ рик1к1ад бугеб, зах1матал шарт1азда г1адамаз г1умру гьабураб бак1 бук1аниги, гьенире щведал рихьана ч1аголъиялда, цебет1еялда унеб яшавги, жидер х1ал-х1укму ц1ехон рач1иналдасацин рак1 разиял, рагьарал гьурмазул г1адамалги. 1147 гектар «Уздалросо» советалъул ракьазул 248 гаялда г1адамаз г1умру гьабун буго. 2 гьоркьохъеб школа, 2 лъималазул ах, культураялъул рукъ, клуб, библиотека, лъабго пункт (Т1агьада, Уздалросулъ гьел ц1иял, лъик1ал шарт1ал ругел минабахъ руго. Гьанжег1агарин абуни Хъах1ик1к1алахъги гьеб, басриябги биххизабун, кьуч1дасанго ц1ияб балеб бугоан-авт.) –гьеле лъабабго росдал жамаг1атазе хъулухъалъе ругел социалиял объектал. Росабазул бет1ерасул хъулухъалда жеги лъаг1елцин бан гьеч1ониги, Г1исаев Г1умарица г1езег1ан х1алт1и гьабунин бицана дида гьадинго къват1азда дандч1варал ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамаз. Узухъда, батила г1олохъанав бегавуласе районалъул бет1ерасдасанги кумек-квербакъи (гьеб гьеч1ого киг1ан ц1акъасдаги к1оларелъул х1алт1и цебехун бачине). Амма къокъаб заманалда жаниб Уздалросдал школагун садикалъе гьабураб капиталияб ремонт, 2010 соналъ бух1ун бук1араб администрациялъул мина, бокьараб шагьаралъул администрацияцин бахиллъиледухъ ц1идасан бан къач1ай, росабалъ хисарал токалъул х1убалгун къач1арал трансформаторал, къват1азда ч1езабун бугеб рац1ц1а-ракъалъи бихьидал, «батухъе хъваян» Г1исаевас гьикъараб к1алалъе «гьабги гьабги г1унгут1иян» данде абизе жого батич1о. Щибго зах1матаб суалищинха гьеч1еб дур х1алт1улъан ц1ехедал, бегавулас бицана жиндие сундуего х1алае ратулин лъабабго росдал г1адамалан. Гьедин, лъедалъун мукъсанаб Уздалросулъ ц1ияб ицц къач1азе рагъул ветеран Хъазанбиев Гъазияс кьун буго 50 азарго гъурущ г1арац, цойгидал сахаватчаг1азги масжидалъе, росулъ гьарулел х1алт1абазе квербакъич1ого толарин бицана Г1умарица. Т1агьада 15 миллионалдаса ц1ик1к1ун г1арац садакъа-вакъфуялъул жинда т1ад харж гьабураб масжидалда ц1а ккедалги, бихьана г1адамазул цолъи-гъунки. Саг1ат-пара лъабабго жамаг1аталъул херал – г1исинал ц1а свинабизеян т1аделъаниги, к1веч1о «Аллагьасул рукъ» хвасар гьабизе. Гьелда ц1акъ рак1 бакъван бицунебги бук1ана  участкаялъул киналго нижеда  рихьарал г1адамаз. Цойгидал росабалъа г1адин г1ат1иракьалде, шагьаразде г1олилал ун, гьел ч1унтиялда х1инкъиги гьеч1о Уздалросулъ – Т1агьада, Хъах1ик1к1алахъ.  Лъай кьеялъул г1уц1абазде киналгоязде г1унт1ун х1алт1ухъаби ругоан г1олохъанаб г1елалъул, зах1матх1акъалда хадур къват1ире, Россиялде  рахъаниги, васалги, хъизамал г1уц1изе, г1умру т1амизе руссунел руго г1агараб росу-ракьалде. Гьединлъидал, кват1ич1ого жамаг1атазе рукъзал разе планал кьезе, рекьизе участкаби рихьизаризе ругиланги бицана бегавулас. Х1алт1и гьеч1езе 10-20 г1аги х1алт1улал бак1алги рук1инин  Хьикьухъ цо гектаралда бан бугеб теплицаялъул  маг1ишаталдаянги баян кьуна гьес. Газета ц1алулезда лъалебги батила, 2015 соналъ гьебго бак1алда бажарарав инсан Давудил Мух1амадицаги ч1ана 14 гектаралда ц1ияб ах. Теплицаялъги лъик1аб бач1ин кьун, ахги ц1илъун гьеб бак1алда г1умруялде рахъинаризе рак1алда ругел цойгидал  проектаздаги рух1 бижизабун лъик1абго цебехун  турк1и кьела, иншаАллагь сельсоветалъул  экономикияб рахъалъе гьел  маг1ишатиял  рахъаз. Чара гьеч1ого жинда цере ч1арал: Хъах1ик1к1алахъ фельдшеразул пункт бан лъуг1изабиялъул, Т1агьада садик къач1аялъул ва спортзал лъуг1изабиялъул, Уздалросдал клуб къач1аялъул, киг1ан чабахх баччун къач1аниги, иххаз толарел нухазде хъил т1еялъул жиндирго ругел  ургъелазулги нижеда бицун, бегавул Г1умарилги нижерги нухал заманаялъ рикьана: гьев ана райцентралде данделъиялде, ниж – г1адамазде  гъорлъе социалиял объектазде. Гьарулел лъик1ал ишазулъ «Уздалросо» сельсоветалъул бет1ерасе Аллагьасулги районалъул нухмалъулесулги кумек – квербакъиги гьарулаго, дица раг1и кьолеб буго дирго къалам ва сапарцоязе. Гьез бицана хадуб мухбирзабазда Уздалросолъ, Т1агьада, Хъах1ик1к1алахъ бихьараб-таралъул.

Ф. Мух1амадова.

 

 

Просмотров: 481 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz