Исана сон республикаялда лъазабун буго «Муг1рузул сонлъун». Гьелда хурхун, нилъерго г1ун бач1унеб г1елалъги къват1иса рач1унел гьалбадерилги нилъерго г1агараб ракьалъул маданияталъулгун, тарихалъулгун, т1абиг1аталъулгун ва рук1а-рахъиналъулгун лъай-хъвай гьабизелъун, Дагъистаналъул культураялъул рукъалъ г1умруялде бахъинабулеб буго «Дир росу» абураб суратазул выставкабазул проект. Гьединаздасан цояблъун бук1ана 5 апрелалда Мах1ачхъалаялда т1обит1араб «Хунзахъ-дир росу» абураб суратазул выставка.
Тадбир рагьулаго, росабазул культураялъул рукъзабазул коллективаз бихьизабуна жиде-жидер росабазе хасиятаб кверзул махщел-мущулдерица габанидул хъал кьурун квар х1адурулеб къаг1ида, буц1улдерица-махил хьопол гьегь-ч1егь хьухьине бугеб гьунар. Гьенире рач1ун рук1ана гьоц1дерил г1арцул устарзабиги. Киназего бокьана бат1и-бат1иял росабазул миллияб квен-т1ехалъул выставкаги.
Суратазул выставка г1уц1ун бук1ана к1иго бут1аялдасан. Т1оцебесеб бут1аялда рихьизаруна 20 г1асруялдаса байбихьун хундерил жамаг1аталъул маданият, тарих ва гьезул рук1а-рахъиналъул бицунел суратал. Щибаб сураталъул бук1ана жиндирго хасаб маг1на, гьелъухъ балагьидал рак1алде щолеб бук1ана жакъа лъуг1ун инеб бугеб, умумузул маданият ва рук1а-рахъин. Гьенир рук1ана росдал ц1ар раг1арал г1адамазул г1умруялъул ва районалъул цо-цо жакъасеб г1умруялъул бицунел сураталги. Балагьаразе к1удияб асар гьабулеб бук1ана цебе арабги ва жакъасеб заманги данде кквеялъ.
К1иабилеб бут1аялда рихьизаруна районалъул щибаб росдал суратал.
Выставка ана балагьаразе интересаб, пайдаяб ах1вал-х1алалда.
|