Исана 1 июлалдаса 15 августалде щвезег1ан улкаялда т1обит1изе буго Т1олгороссиялъулаб росдал маг1ишаталъул перепись. Гьединаб, агропромышленнияб комплексалъе к1вар ц1ик1к1араб тадбир т1оцебесеб нухалда 10 соналъ цебе ва кват1ич1ого к1иабизеги т1обит1изе бук1иналда бан, бич1ч1изабилин переписалъул маг1на щиб кколебали.
Росдал маг1ишаталъул перепись-гьеб ккола росдал маг1ишаталъул переписалъул объектазда хурхун федералияб законодательствоялъ рихьизарурал баяналги рак1арун гьезул г1емеррахъазулаб ц1ех-рех гьаби.
Дунялалъулго кванил ниг1матазул рынокалда ва Россиялъул экономикаялда лъугьун бугеб ах1вал-х1алалда росдал маг1ишаталъул перепись чара гьеч1ого х1ажатаб тадбирлъун ккола. Гьелъ квербакъила улкаялда кванил ниг1матазул х1инкъи гьеч1олъи бук1инабиялъе ва къват1иса бач1унеб продукция хисулеб нилъерабго г1езабиялъул программа г1умруялде бахъинабиялъе, рес кьела росдал маг1ишат цебетезабиялъе, гьелъул рахъи буголъи борхизабиялъе х1ажатал мух1канал баянал щвеялъе.
Пачалихъалъ перепись т1обит1иялъе харж гьабулеб буго 13 миллиард гъурущ, переписчикал хьезаризе руго транспорталдалъунги планщетаздалъунги, цогидаб х1ажатабщиналдалъунги. Переписалда гьанже заманалъул технологиял х1алт1изариялъул маг1на ккола: рик1к1адал муг1рузда бугеб г1и-боц1и рик1к1ине ккани переписчиказ мугъч1вай гьабизехъин буго бет1ергьабаз бицараб къадаралде яги жинцаго «мокърукьа» босун хъвазехъин буго рак1алде бач1араб тарих, планшет кодоб бугони, гьелъ гьев щварабщинаб бак1 бихьизабула, х1арам гьабизеги рес бук1унаро.
Бак1аздасан статуправлениялде рач1унел маг1ишатиял баянал кьуч1ал гьеч1олъиялъ «раг1дукь» хут1улел руго х1акъикъиял фермерал, фермерлъиялъул маг1ишатал, гьезда кодоб бугеб ракьул къадар. Цебеккунисел баяназда рекъон республикаялда х1исабалде босун буго 535 азарго объект рик1к1ине. Перепись г1уц1адго иналъе гьелда г1ахьаллъулел киналго росабазул муниципалитетазда, районалъул г1уц1абазда т1адаб буго мурадалде щвараб, рахъи кьолеб х1алт1и г1уц1изе. Гьебги х1исабалде босун нилъер районалдаги х1алт1изе лъугьана хасаб комиссия. Т1олгороссиялъул росдал маг1ишаталъул переписалде х1адурлъиялъул ва гьеб т1обит1иялъул комиссиялъул масъала ккола мурадцоял г1уц1абазул ва райадминистрациялъул отделазул цадахъаб х1алт1и рекъезаби.
1.Комиссиялъ жиндирго х1алт1улъ мугъч1вай гьабула Дагъистан Республикаялъул Федералияб законодательствоялде ва гьабсаг1ат бугеб положениялде.
2.Комиссиялъул аслиял масъалабаздасан ккола:
-Т1олгороссиялъул росдал маг1ишаталъул перепись т1обит1изе х1адурлъиялда хурхун районалъул статистикаялъул отделалъул ва цогидал отделазул цадахъ рекъараб х1алт1и бук1инаби;
-переписалде х1адуриялда хурхарал суалал к1ванаг1ан хехго т1уразари;
-перерисалде х1адуриялда хадуб халкквей.
3.Комиссиялъул ихтияр бук1уна:
-жидерго данделъабазда райадминистрациялъул переписалде х1адурлъиялъул жавабчилъи жидеда т1аде кколел отделазухъ г1енеккизе;
-администрациялъул цадахъ рекъон х1алт1улел хъулухъазухъа ва отделазухъа пеперисалъе х1ажатал документал т1алаб гьаризе;
-данделъабазда переписалде х1адурлъиялда хурхун жидерго пикраби загьир гьаризе.
4.Комиссиялъул данделъи т1обит1ула х1ажат ккеялда бан, амма кварталалда жаниб цо нухалда дагь гуреб. Комиссиялъул данделъаби ихтиярал ругеллъун рик1к1уна, гьениб комиссиялъул членазул бащалъиялдаса ц1ик1к1араб къадар г1ахьаллъулеб бугони.
5.Комиссиялъул г1уц1и бихьизабула администрациялъул х1укмуялдалъун.
6.Комиссиялъ х1укму къабул гьабула гьелъул членазда гьоркьоб т1обит1улеб рагьараб гьаркьал кьеялдалъун. Гьаркьал ращад ругони комиссиялъул председателасул гьаракь лъугьуна аслияблъун.
7.Комиссиялъ гьарурал х1укмаби киналго администрациялъул цадахъ х1алт1улел хъулухъазегун отделазе т1уразаризе т1адаллъун лъугьуна.
8.Комиссиялъ гьарурал х1укмаби, киналго райадминистрациялъул цадахъ рекъон х1алт1улел хъулухъазегун отделазе ва муниципалиял г1уц1абаз т1уразаризе т1адаллъун лъугьуна.
|