Четверг, 25.04.2024, 12:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июнь » 12 » РОСДАЛ МАГ1ИШАТ: ЖАКЪАСЕБ Х1АКЪИКЪАТ.
22:01
РОСДАЛ МАГ1ИШАТ: ЖАКЪАСЕБ Х1АКЪИКЪАТ.

Гьанжеялдаса щибаб талат къоялъ районалъул бет1ерасул кабинеталда т1обит1улеб планеркаялда г1ахьаллъизе т1адаблъун гьабун буго росабазул маг1ишатазул нухмалъулездаги. Ахираб заманалда киназулго аслияб маг1ишатияб къуват  г1ат1иракьалде бусун бугелъул, колхозазул нухмалъулезул ч1ейги г1емерисезул гъутабаздаго бук1уна. Иргадулаб данделъиялде маг1арухъе рач1арал г1ехьелдерилги х1арисезулги председательзаби нижехъе  редакциялдеги щвана гьеб къоялъ. Гьалбадерил салам-калам, гьикъа-бакъари дагь-дагь ккун колхозияб маг1ишаталде бусана. Хабар рекъеялъе чаялъул истаканги, гьоркьо-гьоркьоб конфет-печенаги, нижер накъит саламатго халалъана. Хасел т1амиялдаса жакъа къоялде щвезег1анги щибаб маг1ишатияб бут1аялда гъорлъе раккич1еб бак1 къанаг1атги хут1ун батиларо. Г1и-боц1уда араб хасел т1амизабиялдасан байбихьана Г1ахьалч1и росдал Энгельсил ц1аралда бугеб колхозалъул председатель Мух1амадов Г1абдулагьица  жиндирго хабар. Исана октябрь моц1алъ 13 сон т1убала Г1абдулагьица гьеб хъулухъ т1аде босаралдаса.

- Завод-фабрик бук1а, колхоз-совхоз бук1а, гьелъул хайир буголъи бараб бук1уна т1ад унел харжалги киг1ан к1ваниги дагь гьарун къват1ибе бичалеб продукция лъик1аб качествалъул гьабиялда. Цогидал маг1ишатаздаго г1адин нижер колхозалдаги аслияб экономикияб бут1алъун г1и-боц1ухъанлъи ккола.  Гьединлъидал гьездаса рахъулел ниг1матал ц1ик1к1инариялде, гьезул качество борхизабиялде бусараб буго нижер щибаб къойилаб х1алт1иги. Бигьаяб иш гуро октябрь, ноябралдаса байбихьун апрелалъул ахиралде щвезег1анги 7 г1ун моц1алъ ч1ег1ербоц1и жаниб тун хьихьи, хасго хасел квачараб бач1ани. 500 ч1ег1ер х1айваналъ, 4000 г1и-ц1аназ, гьездаго гъорлъ 170 г1акдаца ва 2300 чахъдаца лъалеб т1аса ин ккеч1ого т1амуна исанисеб хасел. Щвана 90 % бачазул ва 85 % кьаг1азул, гьелги щибго унта-щокълъи гьеч1ого лъик1аб кьаралъиялда хьихьун руго. Сордо-къоялъе фермаялда беч1ула 1200 килограмм рахьдал, моц1ие гьеб 30 тоннаялдасаги ц1ик1к1уна. Г1и къинлъиги лъик1ал х1асилалгун ана, къунц1араб квасги квеш гьеч1о. Г1и риидалил муч1дузде гочиналъеги гьабуна бук1ине кколеб х1адурлъи. Чурун, рахунел унтабазде данде дару-сабаб гьабун, сапаралде х1адур гьаруна рехъаби. Гьанже кват1ич1ого гьел маг1арухъ росда цебе маг1арда парахалъизе руго.

Г1и-боц1ул къадар ц1ик1к1иналъе, гьезул продукциялъул качество борхизабиялъе аслиял шарт1аздасан цояб ккола ц1ик1к1араб къадаралъул регьунеб раг1и-хер. Аби буго рахь г1акдал мац1алда бук1унилан, ай нилъеца кьуралъухъ кьолила гьелъги. Гьебги х1исабалде босун нижерго къуваталдалъун маг1ишаталда х1адур гьабула 1000 тонна харил, 200 тонна х1алухъадул. Хаселалъ гьеб харицаги, т1орщалил гьабураб кормаялъги чияде ккеч1ого х1ебт1ула г1и-боц1и.

Гьарзаго херги т1орщелги щвезе ккани, гьелда хадубги хъулухъ къвариг1уна. Ц1ияб бач1иналъе араб соналъ 110 гектаралда бекьун бук1ана хаслихъе ролъ. Ихдал 40 гектаралда хьана Суданка хер, 20 гектаралда люцерна. Гьанибго абила, хаслихъе ролъ бак1аризе кват1иларо, дунял роц1иналъухъ балагьун руго, т1оцебесеб рецул люцернадул 300 тонна г1архъида лъуна. К1удияб роцадул х1алт1и ккана Аслангерей хъутаналда 60 гектаралда рехун тарал пиринч1алъул хурзал – чекал ц1и гьарулаго. Каналал рахъун шлюзал, трубаби лъун, т1олабго лъалъадиялъул маг1ишат къач1ан, заз-хъарахъалдаса бац1ад гьабун, гьениб харж гьабуна 6 миллионалдасаги ц1ик1к1ун гъурущ.

Маг1ишаталда буго нижго бет1ергьанаб к1удияб К-701 трактор, лъабго МТЗ-80, к1иго комбайин, к1иго «Немка» косилка ва цо рулонал къалеб косилка.

Г1и-боц1и хьихьиги, хур-хер гьабиги ккола г1адамасул зах1мат. Цебе вехьлъун инги, дояркаялъ г1ачи реч1иги, хур-хералъул х1алт1уда механизаторлъиги к1удияб къадруялда бук1араб батани, гьанже гьелъул сси хун буго. Бокьулеб гьеч1о гьанжесел г1олилазе кверда пинкь бахъунеб х1алт1и. Рат1лида ракул, фермаялъул мах1 бахъунилан, боц1и бугеб рахъалдехун къазего бокьулеб гьеч1о гьезие. Фермаялда х1алт1ула 10 чи, гьездасан 5 дояркаги 3 вехьги. Дояркаялъе беч1араб рахьдал цо литраялъухъ кьола 3 гъурущ, цо г1акдае хъулухъ гьабун – 100 гъурущ. Вехьасеги кьола цо бет1ералдаса 70 гъурущ. Вехь, дояркаялъе моц1рое щолеб мухъ гьоркьохъеб къаг1идаялъ 13 азарго гъурущалде бахуна. Щибаб моц1алъ гьезухъе гьеб щвеялъе х1аракатги бахъула нижеца.

Цересел соназ г1и къунц1изе байбихьидал къавабазде рач1ун цо килоялъухъ 45 гъурущги кьун босун унаан квас заготовителаз. Исана багьа (1 кг.) 80 гъурущалде бахана. Дагьабги ц1ик1к1унеб бугони, гьоркьоб ккараб ками т1адеги  кьезе къот1и-къаялда ана босун. Рахьадал цо литраялъухъ 18 гъурущги кьун «Амир» ОООялъ уна нижехъа, щибаб 15 къоялдасан кколеб г1арацги щола кодобе.

Х1укуматалъул рахъалдасанги щола дагьаб бук1аниги квер ч1вай. Беч1ч1араб цо литра рахьдат1е 3 гъурущ, цо чахъдат1е 100 гъурущ ва бекьулеб ракьалъул цо гектаралт1е 500 гъурущ кьола  нижее.

Колхозалдасан г1адамазе пайдаго бугищан гьикъани, дица гьадин абила. Колхозалъул централияб хъутан – Аслангерей ккола Кизилюрталъул ракьалде. 110 ц1араки буго гьениб. Росулъ буго гьоркьохъеб школа, мед пункт, араб соналъ х1алт1изе кьуна киналго шарт1ал жанир ругеб ц1ияб типовияб спортзал. Хъутан ккола колхозалъухъе кьурал хасалил  муч1дул, хабар гьеч1ого гьениб бук1ине ккола колхозалъул г1и-боц1иги, рекьи-рециги, гьелъие хъулухъалда ругел колхозникал – хъутанчаг1иги. Гьезул социалияб маг1ишатияб рахъ цебе т1еялъе гьабулеб буго бажарараб х1алт1и. Масала, 500 азарго гъурущалъул харжалги гьарун бана къварилъи ккедал г1адамал данде русунеб кверкьей. Росулъ 300 метраяда къач1ана лъел мухъал, къват1ал, жанире рач1унеб нух, боц1ухъ ва  ракьазухъ налог кьола колхозалъ. Х1ажалъи ккаралъуб кумек гьабула школалъе, мед пункталъе. Гьеб буго колхозалъул контораялъул минаялда к1иго рокъоб. Ах-хур лъалъаялъеги къват1ахъан чвахараб лъим цойиде бусинабизеги гьарун руго каналал. Аслангереялда бана ц1ияб г1ухьбузул рукъ, гьенибго гаражалда сверун бугеб забор ц1и гьабуна, къач1ан буго техникаялъе ремонт гьабулеб мастерская. Львовское № 7 хъутаналдаги бана г1ухьби жанир ч1олеб ц1ияб рукъ. Сверухълъиялда рац1а-ракъалъиялде г1унт1унги гьарулел х1алт1аби колхозалъ гьарула. Къоялдаса къоялде г1емерлъулеб буго хъутабазда жалго  бет1ергьанаб г1и-боц1ул къадар. Гьелъги квал-квал гьабулеб буго колхозияб маг1ишат цебе бачиналъе, жидералдего русун колхозалда х1алт1изего бокьулеб гьеч1о г1адамазе, т1адехун рехсарал бигьалъаби нижедасан ругониги. Гьелда т1адеги, т1алъиялъул бербухьине  гьересиял х1ужабиги рехсон прокуратураялде г1унт1унги г1арзахунелги камулел гьеч1о. Гьелъулги бук1уна моралиябги материалиябги зарал. Цо рахъ босани, гьезего гьеч1еб г1айибги г1унт1изабун рит1ухълъи балагьулаго холел нерваби, цоги рахъалъ балагьани, гьелда т1ад г1адада араб заман г1аммаб маг1ишаталъе пайда-хайиралъе гуреб заралалъе кколеб бук1ин.

Лъик1лъинги абилароан, квалквалалъег1аги рахъинч1ого ч1олелани бокьилаан гьединал.

Р. Х1амзатов.

Просмотров: 816 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz