Хаслихъе г1ужалъ росдал маг1ишаталда г1одоре риччан ч1езе заман бук1унаро. Хур-хер рукъалде буссинаби, боц1и-панзалъе хасалоде г1ураб раг1и-хер нахъе лъей гуребги, октябралъ росдал маг1ишаталда т1ад бан уна муг1руздаса хасалил муч1дузде г1и гочинабиялъул кампания. Нилъер маг1ишатазулги-цо-цоязул г1и гочун, цойгидазул-гочунеб нухда буго. Г1и гочиналъул жакъасеб х1алалъул дие бицана районалъул ветеринарияб управлениялъул начальник Г1амирханов Хъарачуца.
-24 августалъго х1адур гьабуна г1и гочиналъул х1акъалъулъ № 132-леб х1укму. Районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул начальник Г1алиев Мух1амадил бет1ерлъиялда гъоркь г1уц1ана г1и гочинабиялъул комиссия, гьабуна график, бихьизабуна г1и гочинабиялъул заман.
Аслиял х1алт1аби байбихьула сентябралъул ахир-октябралъул авалалда. Сахаб-заг1ипаб г1и бат1а гьабуна. Гочиналде цебе заг1ипаб г1и бичун, г1ухьбузе кьун, сахаб, нухда бахъун бажарулеб г1и тола. Нухда рахъиналде г1ураб къадар г1ухьбузул х1адурула. Г1емерисел г1ухьби нилъералго г1унгут1иялъ къват1иса рачарал руго. Г1и, гочиналде цебе, чурула ва гьал къоязги чурулеб буго. Гьарула ящуралде данде уколалги.
Г1и гочуна к1иго трассаялдасан. Г1иял ц1ик1к1унисеб къадар уна Хунзахъ-Унсоколо-Хъарани-Кизилюрт нухдасан. Гьенисан гочуна Хизроевасул (Хунзахъ), Дудар Г1алиевичасул (Бакьагьеч1и), Энгельсил (Г1ахьалч1и) ц1аразда ругел, «Баг1арав партизан» (Х1ариколо), «Машгьурал г1адамал» (Т1ануси), Байикь, Гъоркьколо, Гьац1алухъ, Стелла (Байикь), Цикламен (Байикь), Г1акаро (Ч1ондокь) маг1ишатазул г1и. К1иабилеб нухдасан-Хунзахъ-Аргъвани-Буртунай-Архъабаш-Хасавюрталдасан хасалил муч1дузде гочуна «Ц1ияб г1умру» (Сивухъ) ва Г1орут1а СПКязул г1и. Хасало г1и буссунеб лъабабилеб маршрут ккола Кочубей. Гьенибе уна Хизроевасул (Хунзахъ), Ленинил (Г1обода) ц1аразда ругел, «Машгьурал г1адамал» (Т1ануси), Гьамишт1а, Буц1ра, Г1ебут1а, «Кочубей», «Меринос» маг1ишатазул г1и.
Хасалил муч1дузде гочун бахъана «Баг1арав партизан» (Х1ариколо), «Племсервис» (Байикь), Г1акаро (Ч1ондокь) СПКязул ва «Амина» ПКялъул г1и. Бащдаб гочун буго Хизроевасул (Хунзахъ), Дудар Г1алиевичасул (Бакьагьеч1и) ц1аразда ругел, «Машгьурал г1адамал» (Т1ануси), Гьац1алухъ маг1ишатазул г1и. Нухда буго сахъадерил «Ц1ияб г1умру», г1арадерил, гъоркьколосезул маг1ишатазул г1и. Жеги къват1ире рахъун гьеч1о Энгельсил ц1аралда бугеб (Г1ахьалч1и), «Стелла» (Байикь), ва «Байикь» маг1ишатазул г1и. Г1емерисел маг1ишатазул г1и, жалго бет1ергьанал г1адамазул батани гурони, бачунеб буго г1одосан, машинабаз баччизе ккараб г1и гьеч1о. Хасалихъе, ихдал г1адинаб, зах1малъи бук1унаро г1и гочинабиялъул. Гьабсаг1ат нухда гочунеб г1и щибго квал-квал ккеч1ого ц1акъ берцинго унеб буго. 10-12 къо бала г1ияца нухда хасало ч1олеб бак1алде щвезе. Г1и гочунеб заманаялъ, щиб къвариг1ел маг1ишатазул кканиги, бокьараб мехалъ къват1ире рахъине к1иго къукъа ветх1алт1ухъабазул х1адурун буго. Жакъалъаг1ан гьел къвариг1араб х1ужжа цониги ккеч1о. Г1и гочиналъулъ бищун к1удияб зах1малъи буго хасалил муч1дузда, ц1адалги рач1ого г1ияе кваназе жо гьеч1ого, гьеб бакъван бук1ин.
Г1и гочин гуребги, гьабсаг1ат г1иял къавабазда т1ад ран унел руго г1ухьбузул рукъзал, г1иябокьал хасалоде жанир рук1ине бажаруледухъ х1адур гьариялъул х1алт1абиги. Гьеб рахъалъ лъик1аб х1ал буго Хизроевасул (Хунзахъ), Дудар Г1алиевичасул (Бакьагьеч1и), Ленинил (Г1обода), Энгельсил (Г1ахьалч1и) ц1аразда ругел, Гьамишт1а, Буц1ра, Байикь, Гъоркьколо, Гьац1алухъ, Г1орут1а маг1ишатазул къавабазда. Хасалоде г1ухьбузул рукъзал, г1иябокьал х1адуриялъул х1алт1аби хадур рехъерхъун руго «Ц1ияб г1умру» (Сивухъ), «Машгьурал г1адамал» (Т1ануси) ва Г1ебут1а СПКязул къавабазда.
15 октябралде щвезег1ан хасалил муч1дузде гочун бахъине ккола 71280 бет1ер г1иял. Г1и эхебе щун хадуб, ветеринариял х1алт1ухъабаз сибирская язваялде данде г1ияда вакцинация гьабизе буго, гьединго эбелаб г1иял ва куйдузул бруцеллез бугищали хал-шал гьабизеги ккола. 5 ноябралдасан байбихьула чахъабазде хьон биччазе.
Х1ажатал ветеринариял х1алт1абазде ниж х1адурго руго.
Гьабсаг1аталда жаниб щибго къварилъи, квал-квал нухда ккеч1ого, берцинго унеб буго г1и гочин.
П. Гунашева.
|