29 марталъ Хайдакъ районалда т1обит1ана Дагъистаналъул хурухъабазул форум. Гьелдаго цадахъ ана Дагъистан Республикаялъул бет1ерасда цебе бугеб агропромышленнияб комплекс цебет1езабиялъул советалъул данделъиги. Форумалда г1ахьаллъана республикаялъул бет1ер Р. Г1абдулат1иповги, Халкъияб Собраниялъул, Х1укуматалъул нухмалъулел, мурадцоял министерствабазул, Муниципалитеталъул вакиллъаби ва цогидалги жавабиял г1адамал. Гьенив г1ахьаллъана районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповги.
-Дагъистаналъул ч1ара-хьараб цебет1ей бараб буго аслияб куцалъ АПК цебет1еялда. Республикаялъул г1емерисеб халкъалъ-56 % г1умру гьабулеб буго росабалъ ва аслияб хайир нилъее щола росдал маг1ишаталдаса,-ян абуна Рамазан Х1ажимурадовичас форумалъул г1ахьалчаг1азда цебе гьабураб жиндирго к1алъаялда.
Ругел ресаздаса рахъи кьоледухъ пайда босулеб бугони, росулъ х1алт1и гьеч1олъи лъуг1ула. Ракь ккола нилъерго аслияб бечелъи ва гьелъул кьуч1алда церет1ола республикаялъул экономикаялъул цогидал бут1абиги. Экономикаялда аслияб рахълъун ккола г1и-боц1ухъанлъи-гьеб цебет1ей бараб буго киналго ресаздаса бит1ун пайдаги босун рахъи кьоледухъ г1уц1араб зах1мат, гьеб масъала т1убаялде буссараб бук1ине ккола кинабго гьабулеб х1алт1иги,-ян абуна республикаялъул бет1ерас.
Форумалда г1ат1идаб к1алъай гьабула республикаялъул росдал маг1ишаталъул министр Мусафенди Велимурадовасги. Араб соналъ росдал маг1ишаталъул валовияб продукциялъул къадар 112, 4 миллиард гъурущалде бахана, планалдайин абуни гьеб 104,7 миллиард бихьизабун бук1ана. АПКялдаса бюджеталде бач1ана 4,3 миллиард гъурущ. Цебет1ей лъугьун буго АПКялъул киналго бут1абазда,-ян бицана министрас. Гьесул раг1абазда рекъон «Рахъи кьолеб АПК» проектазул кьуч1алда 2016 соналъ 10 азаргогектар лъалъадиялъул системаби къач1ан руго, гьарун руго1600 гектаралда ахал, 1865 гектаралда ц1олбол ахал х1алт1изе кьун руго 42 гектаралда гьарурал теплицаби ва ран руго 1260 х1айваналъе бак1 бугеб 10 ферма.
Гьеб гуребги Хасавюрт районалда кьуч1 лъун буго квас къач1алеб фабрикаялъе, Турциялдаса инвесторалгун Ногъай районалда бана ц1око-т1омалъул цех. Гьениб лъаг1алин къач1азе рес буго 300 азарго ц1окоги 150 т1омги. Турциялъулгун, Ираналъулгун, Италиялъулгун гьарун руго нилъер продукция гьениб ва гьезул нилъехъ бича-хисиялъул къот1аби. Республикаялда х1алт1улеб буго рахьдал ниг1матал гьарулеб 5 заводилан абуна Велимурадовас.
Цо-цо муниципалитетазул бут1рул, росдал маг1ишаталъул предприятиязул нухмалъулел зах1маталъул церехъаби Х1укуматалъул шапакъатаздалъун, Х1урматалъул ц1араздалъун ва Республикаялъул Бет1ерасул сайгъатаздалъун к1одо гьариялдалъун лъуг1ана Маджалисалда т1обит1араб Республикаялъул хурухъабазул форум.
Хасаб цебет1еялъул территория
Дагьаб цебег1ан РФялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас гъулбасана к1иго ТОР (территория опережающего развития) рагьиялъул х1укмуялда гъоркь. Гьединаб, хасаб цебет1еялъул бак1 рагьизехъин буго Дагъистаналъул Каспийск шагьаралдаги. «Цо ккураб хаслъи гьезул бук1ине гьеч1о,-ян абуна Медведевас-рак1алда буго щибаб ТОРалда бат1и-бат1иял предприятиял рагьизе».
|