Четверг, 25.04.2024, 08:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июль » 16 » РОСДАЕ ВАСЛЪУНГИ УЛКАЯЛЪЕ ЧИЛЪУНГИ ВУГО.
20:14
РОСДАЕ ВАСЛЪУНГИ УЛКАЯЛЪЕ ЧИЛЪУНГИ ВУГО.

ГIезегIанго лъикI лъалев чиясул хIакъалъулъ бицине ва хъвазе бигьагоги букIуна, гьебго заманалда захIматги букIуна. Гьединаб асаралъул асирлъуде ккана дун Сайгидпаша ГIумахановасулгун гара-чIвари гьабидал. Дагьабищха гьесул хIакъалъулъ Дагъистаналъул ва Россиялъул СМИяз хъвараб. Дирго къалмикьанги гьесул гIумруялъул ва политикияб хIаракатчилъиялъул бицарал макъалаби дагьал инчIо.

Сайгидпашахъа бажарана заманаялъ гьесухъе кьураб чоде вахине. Гьесул сухъмахъазда рукIана гIемерал гохI-щобалги кIкIалалги, амма гьесда кIвана нухги кквезе, чодаги вукIине.

Цо-цо мехалъ СМИяз гьев релълъинавула афгъаназул бахIарчи АхIмадшагь-Масудида, поэт МухIамад АхIмадовас гьев данде ккуна Робин Гудида, Россиялъул прессаялъ Дагъистаналъул политикаялда жанив бульдозералда релълъинавун вукIана гьев. ХIакъикъаталда гьес лъидаго релълъинелъун хIалтIи гьабуларо. Гьев гIицIго жиндаго релълъаравлъун вукIана ва хутIулевги вуго. Лъимерлъиялъул нухда дандчIваравги къисматалъ данде вачаравги гьес агъаз-сан гьабичIого рехун толаро. Росдае васлъунги вуго, улкаялъе чилъунги вуго. Гьеб кIиябго раччи гьесул кIигъуждузда, магIаруласул черхалда ханжар-рачел кинигин, рекъонги буго.

Сайгидпаша Дарбишевич ГIумаханов гьавуна I962 соналъул 3 апрелалъ. I997 соналдаса 20I6 соналде щвезегIан бетIерлъи гьабуна Хасавюрт шагьаралъе. I997-2003 соназ вищун вукIана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. Чанго соналъ бетIерлъи гьабуна халкъазда гьоркьосеб Шамил имамасул фондалъе.

Гьев ккола МСГУялъул хIурматияв профессор, Россиялъул мустахIикъав тренер. МустахIикълъана Олимпиялъул комитеталъул, Гьудуллъиялъул, ХIурматалъул, Мининил ва Пожарскиясул орденазе, Г. К. Жуковасул цIаралда бугеб «Кавказалда хъулухъ гьабиялъе гIоло», «Кавказалда терроризмалде данде операциял тIоритIиялъе гIоло» ва гIемерал цогидалги медалазе, Петр ТIоцевесесул цIаралда бугеб ХIурматалъул гIаламаталъе. 2000 соналъ РФялъул президент В. В. Путиница гьесие сайгъаталъе кьуна тIад цIар хъвараб сагIат, ФСБялъул бетIер Н. Патрушевас - гьединабго сагIат ва хасаб ярагъ.

2008 соналъ 29-абилеб олимпиадаялде спортсменал хIадур гьариялъулъ лъураб бутIаялъе гIоло, РФялъул Президент Д. А. Медведевас гьесие кьуна ХIурматалъул грамота, гьединго битIун бачIана баркалаялъул кагъат. Экономикиял гIелмабазул кандидат, юстициялъул полковник. Ахирал соназ С. Д. ГIумахановасул бетIерлъиялда терроризмаялде данде гьабулеб хIалтIи ЮФОялдаго лъикIаблъун рикIкIана. Спорталъул, культураялъул, сахлъи цIуниялъул, лъайкьеялъул ва коммуналияб бутIаялда республикаялда тIоцебесеб бакI ккола Хасавюрталъ. Жакъайин абуни, гьес нухмалъи гьабулеб транспорталъул, энергетикалъул ва бухьеналъул министерствоялъ кIудияб бакI ккола Дагъистаналъул экономика цебетIезабиялъе.

Сайгидпашалги лъимерлъи лъилалдаго релълъинчIеб, гIицIго жиндиего хасиятаб букIана. КIудияб хъизан букIиналъ, балугълъиялде вахиналдего щвана гIумруялъул дарс. Цоги вацал-яцаздего гIадин, рукъалъул тIалаб-агъазалъул раччиги гьитIинго бегана Сайгидпашал кIигъуждузде. КIудияв инсуца малъана гIараб гIелму.

ТIолалго лъималазулго гIадин, балугълъиялъул завалалда вугев ГIумахановасул къасд букIана гугарухъанлъун вахъине. РухIдаллъулаан чIахIиязул гугаризе бугеб махщалихъ балагьун. Школалда жанисел турниразда чIел босизе бугеб хIасраталъ вухIулев вукIунаан гьев. Гьедин, цо чанго нухалъ бергьун хадуб букIунеб лахIзаталъ веэдана Сайгидпашаги. ГIемер кватIичIого «Спартакалда» цебе бугеб олимпиялъулаб резервабазул клубалде хьвадана.

- Дие битI ккана, гIумруялъул нухда халатккараб лага-черхалъул, живго нартав гIадинав тренер МухIамад ХIусеновасда цеве ккеялъ. Дие къисматалъ сайгъат гьабун батана гьесул къайицадахъавлъун лъугьинеги, - ян ракIалде щвезабула Сайгидпашаца.

Кибехун зоб гъугьаниги Гъунибе цIад балин абухъе, цониги бакIалда ахIвал-хIал хIалуцани, гьеб тIоцебе хъинтIичIого хутIуларо хасавюрталъулазда. Доб I999 соналъул август моцIалъ тIубараб дунялалъго халккун букIана Чачаналъа рачIарал гъарачагIазда хурхун хасавюрталъулаз щиб хIукму къотIулебали. Щайгурелъул, миллатал гIемераб бакI букIиналда бан, хъачагъаз тIаса бищизе рес букIана гьеб шагьар. РукIана гьезул рахъалдасан харбал Хасавюрт исламалъул тахшагьарлъун лъазабизе бугилангицин. Амма къо ккаралъур, цогояб халкъ киннигин, цолъулел гIемермиллатазул шагьаралъулаз къокъаб заманалда хъалаялде буссинабуна Хасавюрт. ГIадада гуро гьеб шагьар цIунун бугеб къагIида бихьун, хIикмалъарав генерал Виктор Казанцевас Хасавюрталъул администрациялъул бетIер Сайгидпаша ГIумахановасда абураб: «Цощинав мун профессионалияв рагъухъан гурищ?», - ан.

ТIоцеве Салатавияде щварав чи битIахъе хIикмалъизе тIамула тIабигIаталъул берцинлъиялъ: гьенир руго гьарзаял мучIдул, бечедал рохьал ва гIатIидал хурзал. Умумузда гьоркьоб бицен буго, гьанжеялдаса чанго анцIго соналъ цебеккун, гьенире гьоболлъухъ рачIун рукIарал гIарабияз, чанго моцIги гьудулзабазухъ бахъун нахъе унаго, нужер гIадаб гьайбатаб мегъ-ракь батиладаян абунилан.

Амма нилъер умумуз НахъбакI абун жиндие цIар кьураб ракь-мухъалъул бищунго кIудияб бечелъилъун ккола гьениб гIумру гьабун бугеб авар халкъалъул кIудияб бутIа – салатавиялъулал. Гьеле гьединаб гьайбатаб бакIалда буго, магIарул тарихалъулъ гIемерал бахIарчиял хъвай-хъвагIаял жидер гIадамаз тараб Буртунай росуги. Буртабазул жамагIаталда гьоркьоб мустахIикъаб бакI ккола ГIумахановазул наслу-тухумалъ. Дарбищица ва гьесул лъади Забидатицаги лъикIаб тарбия-лъай кьун гIумруялде бахъинабуна ичIго лъимер, ункъго васги щуго ясги. Сайгидпашал гIумруялъул байбихьийин абуни, букIана, киназулго гIадаб гIадатияб: анкьго сон байдал цIализе лъугьана Хасавюрт шагьаралъул анцIила лъабабилеб школалде. Школалда цIалулаго гьесул ракI тIаде цIалел дарсаллъун рукIана математика, биология ва физкультура.

ГьитIинго машгъуллъана Сайгидпаша эркенаб гугариялде. Доб заманалда киналго васазул гъира букIунаан Дагъистаналъул цIар рагIарал Загъалав ГIабдулбеков, ГIали ГIалиев, Суракъат Асиятилов, Юрий Шахмурадов гIадал багьадурзабазул нухдасан ине. Школалда цIалулаго Сайгидпашае рес щвана ТIолгосоюзалъул гIолилазул къецазда гIахьаллъизе ва гьенив гIолохъанав гугарухъанасул тIадчIейги махщелги бихьарав украиназул командаялъул тренерас Сайгидпаша ахIана Харьковалъул машинаби гьарулеб техникумалде цIализе ва жидерго командаялъул кьеразулъ гугаризе.

ЦIали лъугIун хадубги Сайгидпашаца рехун течIо спорталъулгун бухьен, живго къецазда цеве вахъиналъул гIумруялдаса араб мехалда гьев хIалтIана тренерлъун ва абизе ккола гьес цIанин нилъее киназего бокьулеб спорталъул тайпаялде – эркенаб гугариялде гъорлъе жиндирго вацасул васал, Дагъистаналъул эркенаб гугариялъул тарихалъулъ мустахIикъаб бакI ккурал багьадурзаби: жидеда гъорлъа дунялалъул, Европаялъул ва олимпиялъул чемпионал рахъарал Багьавудин, Шамил ва Мурад ГIумахановал, кIицIулго Олимпиялъул хIаязул чемпион, яцалъул вас Мавлет Батиров.

Махщел тIокIал гугарухъаби хIадур гьариялъулъ росарал бергьенлъабазе гIоло Сайгидпаша ГIумаханов I994 соналда мустахIикълъана Россиялъул Федерациялъул ва Еврропаялъул бищунго лъикIав тренер абураб тIадегIанаб цIаралъе.

Заманалдасан политикаялде гъорлъе лъугьиналъ Сайгидпаша ГIумахановас тренерасул иш рехун тезе ккана ва жакъа къоялда жанибги гIемерал гугарухъабаз жидерго насихIатчилъун гьев рикIкIуна. Сайгидпашаца гIолохъабазул жиндехунго бугеб мугъчIвай, гьез жиндирго гьабулеб адаб-хIурмат унго-унгояб талихIлъун рикIкIунеб буго.

Киназдаго лъала жакъа гIадатияб халкъалъул гIумру цIакъго захIмалъун букIин. РакIчIараб харж щолеб хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамал шагьаралдаги, сверухъ ругел росабалъги ва тIолалго районаздаги дагьал гьечIо. Гьединал чагIазе бажарараб кумек гьаби, гьезул къварилъи-захIмалъи бигьалъизаби Сайгидпаша ГIумахановас жиндирго гIумруялъул аслияб масъалалъун рикIкIуна. Гьеб рахъалъ гьес бихьизабулеб сахаватлъиялъул хIакъалъулъ гIадамазда гьоркьор биценал тIиритIун руго. Гьале Сайгидпашал хIалтIул гьеб рахъ рагьулеб цо гьитIинаб мисал. Шагьаралъул администрациялъул бетIерлъун вищун гIемер мех иналде, гьесухъе вачIуна лъабго херав чи ва цIакъго загIипаб гIурус мацIалда бичIчIизабула жидер росулъ балеб мажгиталъе щуго кубометр хъарщи-цIулалъул камун бугин ва бокьилаанин гьеб рахъалъ кумек гьабизейилан. Гьалбалги чаялъул тепсиялда нахъа гIодор чIезарун, Сайгидпашаца телефоналъ ахIула жиндирго божарав, бакIал раялъул материалазул дармида вугев базарганасухъе ва гьарула хераз абулеб тайпаялъул хъорщолги цIун машина администрациялъул минаялде аскIобе битIеян. Хераз, жидее кумек гьабизе рагIиги кьун, рекIкI гьабурав чанго чиясул цIар рехсана, амма Сайгидпашаца гьелде кIвар кьечIо. ГIемер заман иналде хабар лъана хъорщол цIураб КамАЗ къотIноб чIун бугилан ва чаялдаса хадуб гIетI бучIичIел херазул рохел бихьизе лъикIанха нужеда Сайгидпашаца нужер къваригIел тIубан бугин ва гьанже сапаралъ рахъине бегьулилан абидал. ЖамагIатчагIи, хважаинасдехун кIудияб адаб-хIурматги загьир гьабун, рахъана къватIире, хважаинасде мугъги рехичIого тана гьез кабинет. Чан гьединал лахIзаталха гьесул гIумруялда рукIун ратилел.

Даим гIурччинаб накIкIигъветI кинигин, цо тIабигIат-гIамалалъеги миллаталъеги хисичIев Сайгидпашадехун лъикIаб гуреб бербалагьи букIана доб мехалъ тIалъиялда рукIаразул.

Зарудаги яргъидаги закон бухьинабураб, къо-къад копоего гIадин гIужие росун нилъер диналъулги, гIелмуялъулги, ва цогидаб политикаялъулал мурадазе гIологи гIадамал чIвалеб мехалъ, жал дажалал ругин чIарал рекъалги гIинкъалги чагIазде данде гьумер битIун вагъулев вукIана Сайгидпаша. Гьеб зулму тIаса индал гьанже хъабчилъбагьадурзаби гIемерлъун руго. ГIадада батиларо шагIирас абураб:

«Кьурде рахун руго кьвагьи къотIигун,

Кьвагьулел мехаца рахчун рукIарал.

Гъулгъуделел руго гъалбацIал жалин,

Жакъа къо щвезегIан кутул рукIарал».

Доб заманаялъ Дагъистаналда букIараб кверщелалъул гIуцIиялда хурхун, гьадин абуна Сайгидпашаца: «Кутакаб хехлъиялда унаго машинаялдаса бортараб таргьа гIадин буго. Гьеб батарал чагIи руго рохелалъ унтун, гьеб биларал руго ццидаца унтун».

Бокьараб обществоялда ахIвал-хIал борцунаго, жакъа аслияб роценлъун ккола миллиял гьоркьорлъаби. Гьелъулги бугеб хIал бичIчIизе бегьула гьал хадусел рагIабаздасан: Аллагьасул къудраталдалъун зобалги рекъон, бакъул гъадаролъун кьураб Дагъистаналда цоязе кьураб бакI гьанже тIегьан буго, цогиязе кьураб бакI чIунтун буго.

Дида гIемер рагIана ва ракIалде ккола цогидаздаги дагь рагIун батиларин рагъ-кьал ккаразги, ригьин-рукъ гIуцIулезги, адабияталъул агьлуялъги, политикаялъул къавмалъги даим абулеб Сайгидпашаца тIубалин жидер ишин, гIицIго гьесде бугин жидер божилъиги хьулгийилан.

ГIажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечIищха тIубараб шагьаралъул ва гьанже кIудияб идараялъул министерствоялъул бетIерасул ишазде тIадеги Дагъистаналъул ва цогидал регионазул, Турциялда ругел магIарулазде гIунтIун, гIадатиял гIадамазул ургъалабаз кверде восизе ккани кигIан цIикIкIараб иманги ияхIги букIине кколеб. Гьеб жинца лъеберго соналъ Буртунай росдае дибирлъи гьабурав кIудияв инсул, Лабазанил баракатлъун батилин ккола. Бицен буго гьевги гьобол-гьудуласе гъеж гурарав чи вукIанилан.

Абизе ккола гьев хъизаналъул рахъалъги битI ккарав чи вугилан. Лъицаниги абиларо кIудияб ишалъулги цIаралъулги чиясул хъизан гIадатияй гIадан ятилин абун. Жиндир рос гуревги, миллаталъул пикруги къасдги жинда бухьарав чи хIисабалдаги жинца гьесул къимат гьабулин йикIуна Бурлият. Хасго ракI бохизе бачIуна гьелъ лъималаздасан магIарул мацI цIунизе тIалаб гьабулеб бихьараб мехалъ.

Немцазул хъвадарухъанас абуна гьунар бугев чи сундулъго гьунар кодосевлъун хутIулин. Нилъер гIагараб улкаялде кисанго тIадецуй гьабулеб мехалъ гьудуллъи-божилъиялъул кIвар цIикIкIараблъун хутIулеб буго, гьелъ рес кьолелъулха рукIа-рахъиналъул ва магIишатияб бутIаялда улка-ракь цебетIезабиялъе.

Дипломатиялъул бутIаялда жиндиего хасиятаб хатI толеб буго Сайгидпаша ГIумахановас. Гьале цо чанго сон сверана Турциялъул Ялово ва Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаразул гьудуллъи-вацлъи лъазабуралдаса. Гьелъ рес кьуна кIиябго шагьаралъул рухIиялгун экономикиял ишал церетIеялъе ва цоцаздехун гIагарлъи-божилъи лъазабиялъе. Гьелъул кIвар бихьарал нилъер машгьурал ракьцоял Шигьабудин Озденица ва МухIамад Эркеница гьев жидергоги цевехъанлъун рикIкIунев вугоан.

 

 

 

Инсан вичIчIизе ккани гьесул хIакъалъулъ халкъалъул пикру лъазабеян абун буго. Гьединлъидал, батIи-батIиял машгьурал гIадамазул Хасавюрт шагьаралъул бетIерасул хIакъалъулъ бугеб пикру цIехон, нижеца цо дагьалго гьел данде росана.

ТIоцебесеб иргаялда рехсезин кIудияв шайих, жиндир баракат нилъее щваяв ЧIикIаса СагIид-афандияс (къ.с.) I999 соналъ абурал рагIаби:

 

«Дица Хасавюрталъе кIиго орден кьелаан,

КIиго нухалъ жиндирго гьумер бихьизабидал,

Сайгидпашал каранда меседил цIва балаан,

Бис гIадин бандитазда цеве эхетун чIедал».

 

***

 

Гьединго, Хасавюрт шагьаралъул бетIер Сайгидпаша Дарбищевич ГIумахановасе «ХIурматалъул орден» кьолаго РФялъул президент В. В. Путиница абуна:

«Хирияв Сайгидпаша Дарбищевич, мун кидаго ватана бищунго захIматал бакIазда ва дуца Дагъистаналъе сайгъат гьабуна гьелъул букIинесеб. Дагъистан Республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIезабиялъе гIоло, Россиялъул экономикияб ва хIукуматалъулаб гуч, гьединго Кавказалда рекъелгун чIара-гъараб гIумру щула гьабиялъе гIоло, Халкъаздагьоркьосел бухьенал ва хурхенал церетIезариялъе гIоло дуе, Хасавюрт МОялъул бетIерасе, кьолеб буго Россиялъул бищун кIудияб шапакъат – «ХIурматалъул орден», - абун.

«Дагьаб гьечIо Сайгидпаша ГIумахановас Хасавюрт тIегьазабиялъе гьабураб хIалтIи. Дида гьев цевего ва цIакъ лъикI лъала машгьурав тренер ва спортсмен хIисабалда. РухIалда барахщичIого жиндирго сурсаталги хвезарун, гIемераб хIалтIи гьабуна гьес гIемерал соназ жиндица бетIерлъи гьабулеб Хасавюрт шагьаралда спорт цебетIезабиялъе. Хасавюрталъул гугарухъабазул школа буго гьунар кIудияб ицц. Гьениса лъим гьекъарав чи багьадурлъун вахъуна» - илан рехсана церегIан соназ гьанже Дагъистан Республикаялъул бетIерлъун вугев Рамазан ГIабдулатIиповас.

«Дун, Расул ХIамзатовасда аскIов гIодовги чIун, турниралъухъ балагьун вукIана. Гьенир рукIана цебесеб СССРалъул батIи-батIиял шагьараздаса рачIарал тIадегIанал вакилзаби.

Турнир гIуцIун бугеб тIадегIанаб даражаялъул хIисабги гьабун, дида ракIалде ккана, Сайгидпаша ГIумаханов гIадал бутIруз нухмалъи гьабулеб бугебани, гIагараб Дагъистаналъул цIар, къадру-къимат зобалазде бахун букIинаанилан», - абун бицана жиндир мунагьал чураяв ДАССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул председателлъун вукIарав Шагьрудин Шамхаловас.

Гьеб сияхI халатаб буго. РакIалде ккола гьал гIадамал халкъалъул хIурматалъе мустахIикъал чагIи ругин ва гьезул пикруялда хадур рилълъине бегьулин абун. ТIаде рагIи абизе бакI гьениб гьечIин ккола ва гьез кьолеб къиматалда гъоркь киналго дагъистанияз гъулбас гьабизе букIиналда ракI чIола.

КочIол мацIалда гьадин абулеб буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъ:

 

МУН ДАГЪИСТАНАЛЪУл ВАСЛЪУН ХУТIИЛА

Дур гъуждузда рарал погоназ гуро,

Дур цIар гIадамазда рагIизабураб.

Дур бахIарчилъиги, дур гIаданлъиги,

ГIаламалда лъана тIаде къо ккедал.

 

Дуца нугIзал ахIун, гьунар гьабичIо,

Гьунараз халкъалъе загьирлъана мун.

Аллагьасе гуреб бетIер къуличIо,

КъвакIиялъ гьабуна халкъалъ дур къимат.

 

МугIрул чундуз керчал рохьал таниги,

Кидаго чилъиялъ мун тезе гьечIо.

Эхей чвахун унеб гIор лъалхъаниги,

Дуца бер къаларо, къо тIаде ккани.

 

Гьеб дур гIумруялъул картаялда тIад

Дуца нахъа тарал свераби лъуни,

Иманги, ияхIги, магIарул махIги

Дуца рехун тараб нух батиларо.

 

Якъут къимат гьабун цIунун букIуна,

ЦIунила халкъалъул рокьиялъ дур цIар.

ЦIия-цIиял сонал сверизе риччай,

Мун Дагъистаналъул васлъун хутIила!

 

МагIарулазул эркенаб къеркьеялъул ва къохIехьеялъул абадияб силъун ва инсанлъиялъул тIадегIанлъи борцунеб борчлъун букIана ва хутIана АхIулгохI. Щибаб заманаялъе ва гIасрабазе хасиятаб букIуна гIумруялъ цере лъолел согIал ва цо-цо мехалъ гIасиял масъалабазе жавабчилъи жидеде тIаде кколел церехъаби рижин. АхIулгохI камураб гIасруялда жанир ругел чагIи нилъ ругониги, абизе ккола Хасавюрт шагьар сверанин кьвагьизе къачIараб чирмакъали гIадин, букIараб Дагъистаналъул черхалъул судулеб ругънае дару-сабаб батулеб бакIлъун, ай, регионлъун. Гьеб бихьана ва бичIчIана нилъер хIикматав шагIир МухIамад АхIмадовасда.

 

АХIУЛГОХI

Дида ракIалде щола некIсиял дол бахIарзал,

ЯхIалъул борхалъуда байрахъалги чIван ругел.

Нилъер заманаялъул нич лъугIарал къоязда

Къоло цоабилеб век берцин гьабулел ругел.

 

МагIарухълъи цIунарал цIвайилал цIарал руго,

ЦIаразул борхалъуда Шамил имамги вуго.

Щивав магIаруласул магIна борцине ккани,

ВукIине ккола рекIелъ кIудияв имам Шамил.

 

Сайгидпаша, гьаб кочIол магIна дуда лъикI лъала,

Имамги иманги дур рекIелъ кидаго руго.

Шамилил борхалъуде рахунел дагьлъун руго,

Аллагьги АхIулгохIги дур къисматалъулъ руго.

 

Гьанже миллат борцине Шамиллъи хIажат буго,

ХIежги Дагъистаналда цохIо АхIулгохI буго.

Дуца ахIи барабго, яхIалъ жаваб гьабула:

- Жакъасеб магIарул цIум, цIунаги мун халкъалъе!

 

Дида ракIалде щола некIсиял дол бахIарзал,

Гьел бахIарзазда гьоркьов бакьулъ мунги вихьула.

МагIарухълъи цIунулел даимал цIаразда гъорлъ

Дур цIар ахIулеб буго, АхIулгохIда кинигин.

 

МугIрузул кавулъун, хъутабазул цагъурлъун жиб кколеб Хасавюрт гIадинаб шагьаралъе бетIерлъи гьабизе захIмат батилин тола дица тIубараб Дагъистаналъе бетIерлъи гьабиялдаса. ГIадада гурелъул нилъер хIурматияв муфти АхIмад-хIажица рикIкIунеб Хасавюрталда иш рекъани регионалдаго парахалъи букIунилан.

Лъеберидаса сонал щинкIарав чи вукIана Сайгидпаша шагьаралъул бетIерлъун вахъиндал. Гьале гьесул рагьдухъе щун буго гIумруялъул кIиго щуйил сон. Абизе ккола гьеб къиматалда рекъараб лъалкIги цIарги танин гьес наслабазеги тарихалъеги.

МухIамадрасул ШАЙХМУХIАМАДОВ, «Дружба» МБУ ОРГялъул бетIерав редактор.

Просмотров: 498 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz