Четверг, 25.04.2024, 14:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Март » 17 » РОСАСУЛ АДАБ ККУРАЙ, ЭБЕЛ ЭМЕН Ч1УХ1АРАЙ.
23:18
РОСАСУЛ АДАБ ККУРАЙ, ЭБЕЛ ЭМЕН Ч1УХ1АРАЙ.

К1удияб ч1аголъи бук1ана 8 Марталъул къоялда Хунзахъ росулъ. Радал саг1ат 10 т1убалелдего росдал цин-циял къват1ахъан т1ела-т1елал гьарун рач1унел рук1ана районалъул маданияталъулгин х1ухьбахъи гьабиялъул централде росдал ва районалъулго ригь арал руччаби, диниял х1аракатчаг1и. Гьениб т1обит1улеб бук1ана «Жамг1ияталда, хъизаналда ва дин-исламалда ч1ужуг1аданалъул к1вар» абураб ц1аралда гъоркь руччабазул форум, ай г1адатаб къаг1идаялда абуни, «Маг1арулалъул гъансито»-ян ц1ар лъураб руччабазул мажлис. Дагъистаналъул муфтияталъул даг1ваталъул отделалъул жигарчилъиялдалъун т1обит1улеб гьеб мажлисалде рач1ун рук1ана рехсараб отделалъул вакилзаби: Гъоркь Инхоса Г1айшат Нурмух1амадова, Аргъваниса Аминат Х1айбулаева, Ч1арадаса Сидрат Мух1амадова, нилъерго районалъул киналго г1адин росабалъа вакилзаби, диниял церехъаби.

«Маг1арулалъул гъансито» рагьана дин-исламалъул берцинлъиялъул, гьеб нух ккун хьвадулел рит1ухълъиялъул исламалде руччаби ах1улел цоялдаса цоял берцинал насих1аталъулал раг1абаздалъун муфтияталъул даг1ваталъул отделалъул вакилзаби С. Мух1амадовалъ ва А. Х1айбулаевалъ.

Жидерго салам кьеялдаса хадуб гьез к1алъазе раг1и кьуна Г1айшат Нурмух1амадовалъе. Гьелъ г1одорч1аразе бицана «Маг1арулалъул гъансито» маг1арулалъ г1умру гьабулеб Дагъистаналъул щибаб районалда т1обит1улеб бук1иналъул. Гьелъие г1иллалъунги гьелъ рик1к1унеб буго ахираб заманалда нилъер г1адатал, мац1, иман заг1иплъулеб бук1ин. Жакъасей маг1арулалъе къимат кьолелъул, гьелъ абуна:

Сон маг1арулай йик1арай ятани к1азил г1инш каранде рехарай, жакъа гьей йигила горбоде бачине к1аз гьеч1ей; сон маг1арулай йик1арай ятани, инсуца кьуралъуе уней, жакъа эбел-инсухъ кинаб бук1аниги ихтияр теч1ей, жинцаго жиндиего рос валагьулей; сон маг1арулай йик1арай ятани, эбел-эмен хьихьулей, жакъа гьей лъугьун йигила, гьел херазул рокъое кьолей… Г1емерал гьединал мисалал рачун Г1айшатица г1одорч1аразда гъваридго бич1ч1изабуна исламалда рекъон хьвадулей ч1ужуг1аданалъул рет1а-къаялъулги, г1амал-хасияталъулги берцинлъиялъул, руччаби гьелъ ах1ана исламияб нухалда хьвадизе.

К1алъазе яхъарай муфтияталъул даг1ваталъул отделениялъул Хунзахъ районалда йигей х1алт1ухъан Х1асанова Рукъигатица бицана кинаб къаг1идаялда унеб бугеб районалда динияб лъай кьеяли. Гьелъ баркала кьуна районалде рач1арал, рехсараб мажлис г1уц1изе сабаблъун ккарал, Дагъистаналдаги, т1олабго Россиялдаги к1удияб даг1ваталъул х1алт1и цебет1езабулел ругел динияб управлениялъул х1алт1ухъабазе, хасго руччабазда гьоркьоб х1алт1и гьабулей Г1. Нурмух1амадовалъе ва гьелъул кумекчаг1азе. Гьединго баркала загьир гьабуна гьелъ гьеб «маг1арулалъул гъансито» т1обит1иялъе квербакъаразе ва кумек гьабунщиназе.

«Школазда рух1ияб тарбия кьей» абураб к1алъаялда Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул директор Мух1амадова Г1арайфатица бицана жидерго школалда исламияб тарбия кьеялда хурхун гьабулеб бугеб х1алт1ул.

Эбел-гьеб ккола нилъее бищунго хирияб раг1и, гьелъул сипат-сурат нилъеда цебеса киданиги унаро. Мух1амад аварагас (с.т.г1.в.) абуна: «Алжан нилъер улбузул х1ат1акь буго»-ян. Гьедиг1анги т1адег1ан гьаюн йиго эбел исламалъ. Эбел х1адурай йик1уна жиндирго лъималазе г1оло, гьел ц1унизелъун ц1адае к1анц1изеги, гьезие г1оло рух1 кьезеги.

Исламалъ ц1унула ч1ужуг1адан-эбел, щай гурелъул гьей кколелъул рукъалъул гъансито ц1унулей ч1ужу, лъималазул эбел, г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия кьолей, нилъер миллаталъулги, хъизаналъулги лъик1ал г1адатал г1елалъ г1елалъухъе кьун церехун росулей г1аданлъидал. Эбелалъул х1акъалъулъ, гьелъул хинлъиги гьелде бугеб рокьиги, гьелъул лъик1лъиги бихьизабулеб кеч1 хъвана Дагъистаналъул халкъияй шаг1ир, нилъер ракьцояй Залму Батировалъ. Гьеле гьелъул эбелалде гьабураб кеч1 ц1алун, бит1ахъего балагьарал х1айран гьаруна Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъаби Цахаева Г1айшатица ва Хъайтмазова Умаца. Гьездаго хадуб бач1араб церерахъин бук1ана Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъаби Г1алибегова Аминатил ва Г1абдулх1амидова Алипатил. Гьез рик1к1ана нилъер аварагзабазул х1адисаздасан, устаразул малъа-хъваяздасан ч1ужуг1аданалъул х1акъалъулъ абиял, г1акъилал раг1аби.

Ахираб заманалда нилъеда нагагьги дандч1валаро ч1ах1иязда гьоркьоб босаниги, лъималазда гьоркьоб босаниги, телефон кодоб кквеч1ев чи. Гьеб телефон лъик1ал ишазе х1алт1изабулеб бугони, гьелдаса лъик1аб алатги бук1инарин абуниги мекъи ккеларо.

Буц1ра школа-мадрасалъул лъималаз бихьизабуна «Эбелалъ ц1унула ясал» абураб бич1ч1и кьеялъул темаялда г1уц1араб «Телефон» абураб балагьараз ц1акъго гъираялда къабул гьабураб сценка.

Кинаб рохелха бук1араб балагьаразул, умумузул форма-хьитги рет1ун Мущули культураялъул рукъалъул х1алт1ухъабаз умумузул гвай бай, Хунзахъ культураялъул рукъалъул ясаз умумузул бертин, росдал мадрасаялъул мутаг1илаз лъимер гьабураб мехалъ гьабулеб гьара-рахьи, кинидахъ куч1дул рик1к1унеб мехалъ.

Г1енеккаразул рак1азе к1удияб асар гьабулеб ч1ужуг1аданалъул хьвада-ч1вадиялда хурхараб к1алъай бук1ана Хунзахъа Г1алиева Сиядатил ва К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда, гьелда хадусел соназ маг1арул ч1ужуг1аданалда бихьараб зах1малъиялъулги, бихьинчиясул бак1 ккун, гьелъ гьабулеб бук1араб зах1матаб х1алт1иялъулги, гьелъул рук1а-рахъиналъулги махсаро-хоч1алда ва гьелдаго цадахъ гъваридаб маг1нагун рик1к1унеб Х1усенова Сабигатилги.

Данделъиялъул залалда лъун рук1ана нилъер умумуз х1алт1изабулеб бук1араб т1аг1ел-г1уч1, алатал. Умумузул формаги рет1ун ясаз рихьизаруна нилъер умумузе хасиятал рук1арал дандеруссиназул видеороликалги.

Ахиралда къабул гьабуна хит1абги. «Маг1арулалъул гъансито» ана г1уц1араб къаг1идаялда Аллагьасе г1олон исламалъул яцал рихьизе иман-исламалъул нухги ц1ехон данделъараб гьаб мажлис Т1адег1анав Аллагьас къабул гьабун батаги.

Н. Г1алиева

 

Просмотров: 770 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz