Четверг, 28.03.2024, 13:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июнь » 12 » РОСАБИ, ЖАКЪАСЕБ Х1АКЪИКЪАТ.. МАГ1АРУЛЛЪИ ГЬАНИБ, ХЬИНДАЛЛЪИ ГЬАНИБ.
20:01
РОСАБИ, ЖАКЪАСЕБ Х1АКЪИКЪАТ.. МАГ1АРУЛЛЪИ ГЬАНИБ, ХЬИНДАЛЛЪИ ГЬАНИБ.

Цебе к1одолъиялъул ц1ар бугел, гьанже жаниса г1адамалги дагьлъун ч1удбузде сверун ругел росаби дагьал гьеч1о маг1арухъ. Руго гьединал, нек1сияб тарихалъул г1унарал нуг1зал нилъер районалдаги. Гъорлъе раккун балагьани улкаялъулго к1варалъул масъалалъун лъугьун буго жакъа гьеб суал. Щибха ккараб, г1асрабаз умумуз г1уц1унги кьун, гьанже рахъун ирсилаз рижараб росу-ракь рехун теялъе г1илла щибдай? Гьеб суалалъе жаваб батизеян къват1иве вахъарав дун Сивухъе щун ватана. Г1ажаиблъизе бач1ана, цебегоялдаса бульдозерцин бихьич1еб гьеб нухдасан лага шурич1огоян абухъе щун ратана росулъе. Макьасдаса гьенибе щвезег1ан ц1игьабун къач1ан бугоан Сивухъе рач1унеб шагьра. (Рик1к1ада ругел росабалъе нухал гьариялъул Федералияб программаялде гъорлъе бачине к1ванила, гьедин Мах1ачхъалаялдаса «Салам» фирма бугила Автодоралъул заказалда рекъон росулъе нух гьабулеб, лъик1аб х1алт1и лъугьун гьеч1ищха,-ян жиндирго разилъи загьир гьабуна хадубккун бук1араб гара-ч1вариялда бегавулас. Ред.)

Г1адат буго щивав махщалилав жиндирго пишацоясухъе ц1алеб. Лъалареб ц1ехезеги, данд базеги, гьадинго бицине хабарги дагьабиш гьезул бук1унеб. Гьедин батила, зах1маталъулаб г1умру росдал маг1ишаталда х1алт1улаго аниги поэзиялъул карачалабалъ восарав, лъабгог1аги т1ехьалъул автор Патах1ов Къурбанг1алиде дирги рак1 ц1араб ва бач1инахъего гьев вихьизе гъираги лъураб. Соназ к1удияв вук1аниги, к1удияб божи-рокьиялда г1ел бащадав гьалмагъг1адин рак1 биччан вук1унев Къурбанг1алилги рохалие г1орхъи бук1инч1о кавуги рагьун азбаралде дун лъугьунаго. Г1адамаздаса рик1к1ад к1вер т1уралъур рук1иналъ, ц1ияб-т1ок1аб хабар лъазе бокьун, росулъе ц1ияв чи вач1иналъухъ урхъун рук1унилан абуна Къурбанг1алица дир саламги буссинабун накъиталде жувалаго.

Гьанже дир вас кинавго чи шагьаралде ц1алев гьеч1ищха, бигьаяб, къо бихьич1ого гьабулеб ва г1емераб г1арац щолеб х1алт1и къвариг1ун буго г1олохъанаб г1елалъе,-ян байбихьана ункъойилъа сонал арав г1умруялъул бечедаб х1албихьи бугев к1удияс дир сапаралъул мурадги бич1ч1ун. -1300-1400 абилел соназго жиндие кьуч1 лъураб, т1алъиялдаго нек1сиязул цояб ккола Сивухъ росу. 1300 гектар буго нижер гьабсаг1атги пайда босизе бегьулеб, 200 гектаралда руго рохьал, росдадаса гъоркьехун Ч1адат1а абулеб бак1алда руго ахалги. Бицен буго умумузул заманалда ц1ибилгицин барщулаанин гьанибилан. Мег1ар-г1алах, ах-хур гьарзаяб бак1 бук1иналъ сахъал лъик1аб ресалдаги рук1ун руго. Сверухълъиялдасаго г1адамалги рач1унел рук1ун руго гьанире даран-базаралъе бича-хисизе жоги босун.

Гьабсаг1атги ц1ар буго сахъадерил бат1и-бат1иял кверзул махщелазул устарзабазул. Гьанже нахъзаманалдагицин рук1ана гьединал лъик1аланго г1адамал. Дида лъалеб заманалъги х1алт1улаан буртаби гьарулеб артель. Хунзахъ т1алъиялда гуребги, сверухълъиялдаго ц1ар арал буртинадул хьиталги гьарулаан гьанир. Светиябги диниябги лъай бугел г1адамалги г1емерал рахъана Сивухъ. Ц1аларал чаг1и г1емер рук1иналъ, г1алимзабазул Ват1аниланги абулеб бук1ун буго гьалде. Бат1и-бат1ияб заманалда Сивухъ вахъун вуго 60-г1ан динияв г1алимчи. Цого заманалда бат1и-бат1иял бак1азда дибирлъи гьабун буго 26 сивухъес.

Ч1ах1иял маг1ишатазде данде ккун к1удияб бук1инч1ониги, г1и-боц1ухъанлъиялъул ва хурухъанлъиялъул ниг1матал г1езариялъул рахъалъ кидаго районалда цебесеб кьерда бук1ана нижер Сивухъ росдал г1аммаб маг1ишат-«Ц1ияб г1умру» колхоз. Жиндир заманалда гьеб босун бук1ана республикаялъул Х1урматалъул хъорщоде. Дол соназ 200 гектаралда рекьарал хаслихъе культурабазул щибалдаса бак1арулаан 40-42 центнер т1орщалил, щибаб г1акдадаса беч1улаан 3000-3200 килограмм рахьдал. Гьединалго лъик1ал х1асилал рук1ана маг1ишаталъул г1ияхъанлъиялдаги.

Росдал маг1ишат цебет1езабиялъе к1вах1-свак тун х1алт1улел г1адамазул бук1ана к1удияб къадру-къимат. Пачалихъалъ щивав зах1матчи к1одо гьавулаан гьесул х1аракаталъухъ балагьун. Дол соназ колхозалъе нухмалъи гьабурав мунагьал чураяв Мух1амадов Нурудиние щвана к1иго орден. Гьединго орденал щвана хурухъанлъиялъул бригадир Мух1амадгъазиев Х1ажие, механизаторал Х1усейнов Мух1амадие ва Патах1ов Къурбанг1алие, дояркаби Г1абдулхабирова Шумайсатие, г1иял фермаялъул заведующий Шагьрудинов Мух1амадие. Къокъ гьабун абуни зах1маталъулав чи кидаго къадруялда вук1ана нилъер улкаялдаго. Гьанже г1адин вижараб росу-ракьги рехун тун цоги бак1алде гочунев чиги къанаг1атги вук1инч1о, гьелде х1ажалъиги бук1инч1о.

 

Гьадин буго

2010 соналдаса гьабулеб бугила жиндица сахъадерие бегавуллъи, - ян нижер накъиталъулъе жувана росдал администрациялъул бет1ер Сайгидах1мадов Мух1амад. Бищунго унтараб суаллъун гьеб заманалда дида батана росулъ г1олохъанаб г1елалъе ч1ара-хьараб х1алт1и гьеч1олъи. Ахираб анкьго соналъ анкьго хъизан бахъана администрациялъул учеталдаса ва г1ат1идракьалда, шагьаралда х1алт1и щолеб бугилан эхебе гочун ана, руго жеги росу тезе х1адурлъулелги. Школалда учительги, ФАПалда медсестраги, садикалда воспитательги – гьеле г1емерисел росабалъ хъулухъ чаг1и. Школалъул ишги мах1ги лъик1 гьеч1о, «т1еренаб кунаде бан», х1алицаго ц1унун хут1ун буго росулъ лъай кьеялъул гъансито. Лъимал гьеч1они лъие дарсал кьезеха гьеб рагьун бук1инебги.

170 ялдаса ц1ик1к1ун ц1араки буго жакъа сахъадерил Мах1ачхъалаялда, 100 ялдасаги ц1ик1к1ун хъизамаз маг1ишат гьабулеб буго хъутаналда, нус-нус г1аги ратила Буйнакскиялда, Каспийскиялдагун Кизилюрталда ва цогидал бак1аздаги, росулъин абуни 60 ялдаса г1емерго ц1ик1к1ун гьеч1о. (Бегавулас гьедин бихьизабуниги, тарих жеги гьит1инаб бугилан абулелги сахъал данд ч1вана гьеб къоялъ. Ред.)

Ракь г1ат1идаб, мег1ер-г1алах к1удияб росу буго нижер. Бокьарав чиясе хур бекьизеги, г1и-боц1и хьихьизеги киг1анги ресалги руго. Амма гьелда т1ад унел харжал данде росани, хайир мукъсанаб кколеб буго. Ч1идат1а ахал г1езариялъул суал чанц1улго борханиги гьу-гьаян гьениб х1алт1и гьабизе гъира бахъунев чиги кколев гьеч1о. Ч1ван-къот1ун гьаб х1алт1и гьабизе нуж эхеде рахъаян абизеги к1олеб гьеч1о, рач1ун рахъиналде хайир кьолеб х1алт1и я росулъ яги райцентралда гьеч1олъиялъ. Гьанибго абила, хасало бет1ер бахъиялъе ц1акъго зах1матаб бак1алда буго нижер росу. Октябрь, ноябрь моц1азго бала г1азу, маялдехун гурого бигьунаро т1абиг1ат. Июналъул авалалдаги жеги картошка ч1олел руго сахъал, цогидазул бухъизегицин заман щведал. Нижер маг1ардаса ицазул лъим уна 4-5 росдае х1ажалъабазе, нижгойин абуни араб г1асруялъул лъабкъоабилел саназго «сороковка» трубаялъусан бачараб лъеде г1ейги гьабун руго, щуго иццухъе бикьула гьебги, хасало ц1ороч1ого бук1иналъе санаг1алъабиги гьарун. Токалъул мухъалги руго басралъун, хасало 140-160 вольт гурого бук1инеги бук1унаро токалъул. Росулъ г1адамал ч1еялъул биценго кинаб бук1инеб гьединал гурого г1умру гьабиялъе шарт1ал гьеч1еб бак1алда.

Бищунго нижер хьул лъезе, мугъ ч1вазе бегьулеб бак1лъун буго Макьасда базе байбихьи лъураб туристазул кластер. Гьениб х1адурлъиялъулал х1алт1абазде байбихьулаго г1езег1анго росуцояз г1арзаби кьуна жидее минаби разе планал кьеян, руго бекьулеб ракь-хур щвезе бокьаралги. Гьаниб г1езабураб картошка, капуста, г1и-боц1ул ниг1матал турбазаялъе кьун бет1ербахъи гьабизе бокьаралги дагьал гьеч1о. Амма турбаза баялъул суал жеги бицалъ хут1ун буго, иншаАллагь бук1ина заман нижер анищ т1убарабги.

 

Просмотров: 923 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz