Четверг, 25.04.2024, 20:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Апрель » 13 » РОСАБИ Ч1ОРОГО ХУТ1ИЯЛЪУЛ Х1ИНКЪИ Х1АКЪИКЪИЯБ БУГО.
18:33
РОСАБИ Ч1ОРОГО ХУТ1ИЯЛЪУЛ Х1ИНКЪИ Х1АКЪИКЪИЯБ БУГО.

   Дол сундулъго г1адлу-низам бугеб, ришватал гьеч1ого х1акимзабаз г1адамазул къвариг1ел т1убалел советиял соназ бакъ бух1ун, горо-ц1ер щун хвараб ах-хуралъухъ «Госстрах» абулеб г1уц1иялъ г1емерабго гьеч1ониги рец1ел кьолаан. Хур хун, гьединабго рец1ел диегоги щвана чанц1улго. Босулаан г1арцулаб рец1ел гарица хвезабураб, иххица араб г1исинабги ч1ах1иябги боц1ухъ. Араб соналъ бакъуца хур-хер бух1ун, к1удияб зарал ккана районалъул маг1ишатазе. Хасго зарал к1удияб ккана картошка г1езабулел буц1улдерие. Амма к1удияб заралалъухъ гьит1инабгицин рец1ел щванин абулев чи раг1ич1о. Г1аммал маг1ишатазе рец1ел щун батизе бегьула. Колхозалъул нухмалъулезеги г1агарлъиялъеги гурого пайда гьеч1ел маг1ишатазе (дун щварал г1иц1го 2 росдал г1адамаз бицана СПКаязул жалго бет1ергьанал маг1ишатазул, жидеего бугеб дагьабниги пайдаялъул) гьеб щун бугониги кидаго щвеч1ого бугониги, г1адамазда гьеч1еб ургъел бич1ч1ула дида. Гьел ва цоги-цогидалги росдал маг1ишаталъул бугеб ах1вал-х1алалъул гьеб цебет1еялъе ругел ресазулги х1акъалъулъ бук1араб гара-ч1вариялда районалъул фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев Макъсудов Мух1удаца бицана:

 - Дунялалъулго церет1урал улкабазул маг1ишатал, г1адамал ругьунлъун руго нагагьаб балагьалдаса жидерго буголъи ц1унизе, ай бакъ бух1иялъ, горо-ц1ералъ, ва цогидалги балагьаз маг1ишатазе гьабураб зарал-камиялъухъ рец1ел щвезе, страхованиялъул идарабигун къот1и-къай хъвазе. 

   Россиялда страхование гьабулел идарабазулгун къот1и-къай хъван, буголъи ц1уни жеги т1ибит1араб, цебет1ураб бизнеслъун лъугьун гьеч1го. Росдал маг1ишаталдайин абуни гьеб ц1акъго заг1ипаб буго. Гьанжего гьанже т1оцересел галаби т1амизехъин ругин ккола страхованиялдалъун маг1ишаталъе нагагьаб балагьалъ ккезабураб зарал бец1улеб къаг1идаялде. Исана Россиялъул г1емерал маг1ишатазе бакъ бух1иялъ ккезабураб заралалъ гьеб суалалда т1ад ургъизе т1амун бугин х1укуматан кколеб буго. Х1укуматалъул бет1ерас лъазабуна гьединал къот1аби хъвазе пачалихъалъ маг1ишатазе кумек гьабизе бугилан. 

   Пачалихъалъ цо бут1аниги, т1абиг1иял балагьаз маг1ишатазе бец1улебги буго. Масала, 2007 соналъ бакъ бух1ун 15 районалъул 145 росдал маг1ишаталъул предприятиязе ккараб заралалъул цо бут1аниги бец1изе 73 млн. гъурущ кьуна. Бакъ бух1иялъул СПКаязего г1адаб зарал гьабуна фермеразул маг1ишатазе (КФХ) ва жалго бет1ергьанал маг1ишатазеги (ЛПХ). Амма 145 г1арац щварал СПКаян ц1арал лъурал колхозазда гьоркьобе ккана г1иц1го 5 КФХаги 1 предпринимательги ялъуни г1иц1го 0,4 процент. Тарихаз бицинч1ониги нуг1лъи гьабулеб буго г1арац бикьиялъулъ бугеб рит1ухълъи гьеч1олъиялъе. Заралги камиги КФХаязеги, ЛПХаязеги СПКаязего г1адаб ккана. 2010 соналъ бакъ бух1иялъул зарал карал 250 СПКаязеги ва 15 КФХаялъеги щвана кумек. Нилъер районалдайин абуни цоцин КФХаялъе ва ЛПХаялъе щвеч1о г1арцулаб кумек. Гьелъул г1айибги цо рахъалъ жалго гьел маг1ишатазул бет1ергьабаздаги буго. Гьезги килщида килищ к1ут1арабг1ан х1алт1и гьабич1о биччараб г1арац щвеялъе: маг1ишатазе ккараб зарал ч1езабизе ихтияр ва бажари бугел специалистал ах1ун, актаби гьарич1о, жидеего ккараб зарал районалъул дандекколел идарабазда лъазабич1о. Г1одич1ого лъимералъе керен кьоларин кици буго нилъер.

   Г1емераб зах1матги г1арацги харж гьабун г1езарурал пихъил гъут1би хасало ккараб ц1ороялъ хвезарула, ихдал кват1ун ккараб квачалъ пихъидаса мах1румлъула. Ц1а ккун рух1ула боц1уе рарал г1емераб г1арац т1ад хварал минаби. Страхованиялъул къот1и-къай гьеч1олъиялъ гьезул бет1ергьабазе щоларо рец1ел. 

   2009 соналъ хасалихъе ва 2010 соналъул хасало районалъул маг1ишатазул г1емераб г1архъазде буссинабураб хер турун хвана. Хвана г1исинаб ва ч1ах1ияб боц1и, дагьлъана т1инч1. Х1асил, ккана к1удияб зарал. Г1аммал маг1ишатазе гуреб КФХ-ЛПХязе рец1елалъе г1арац щвеч1о. Страхование гьабун бук1арабани, гьел маг1ишатазеги цо бут1аниги рец1ел щвелаан. 

   Законал ц1унулел ругони, пачалихъалъе цого къиматалда рук1ине ккола росдал маг1ишаталъул киналго формаби. Амма чиновниказ г1аммал маг1ишатал цере ккола. Гьезда КФХял, ЛПХаял бесдал лъималлъун рихьулел руго. Маг1ишаталъул гьел бут1абаздехун гьединаб ц1орораб балагьиялъул зарал т1оцебесеб иргаялда халкъалъеги пачалихъалъеги бук1ин бихьулеб буго. 

   Якъинго бихьулеб буго колхозазул ч1ах1 бижун ругел хурзабаз чедги ч1обоголъарал бокьаз, фермабаз гьан-нахги кьунгут1и. КФХ-ЛПХязде жакъа къоялъул г1адаб бербалагьи бугони, росабалъ хур бекьизеги боц1и хьихьизеги чи хут1иларо. Жакъаго г1олохъанаб г1ел жидерго зах1маталъухъ мустах1икъаб мухь щолеб х1алт1и балагьун, шагьараздеги цогидаб санаг1аталъуреги гочунеб буго. Росабалъ г1олохъанаб г1елалъе г1умру гьабизе шарт1ал г1уц1ич1они, росаби ч1ороголъулел ругилан киг1ан г1емер нилъ ах1даниги пайда кьоларо. Чакаралъулги конфетазулги бицунилан лъилниги жеги к1ал гьуинлъич1о.

   Лъалеб жо буго районалда бугеб рагъулаб часталдаги милициялдаги киназего х1алт1и бук1унареблъиги бокьаравщинав чи гьеб хъулухъалде восулареблъиги. Бизнесалъеги гьунар киназулго гуро бук1унеб. Гьелъин г1олохъаби росаби гурел, эбел-эменги рехун тун, шагьаразде гъурущ щолеб х1алт1и балагьун ине кколел ругел. Дир пикруялда, г1олохъаби росабалъ, маг1арухъ ккун бажарулареб цох1о нух буго-росдал маг1ишаталъул ниг1матал г1езари пайда-хайир кьолеб ишлъун лъугьине ккола. Гьеб мурад т1убазе бегьула рекьич1ого тун ругел ракьалги гьезда хадур щула гьаруни, боц1и хьихьизе, ахал г1езаризе санаг1атал шарт1алги г1уц1ани. Ч1ах1ияб техника босизе г1олохъабазул рес г1оларо. Гьединлъидал г1олохъабазе лизингалда бичизе ккола дагьаб къуваталъул техника, квалквал гьеч1ого, г1олохъабазе кьезе ккола росдал маг1ишаталъул къарз. Гурони районалъул росаби сверана харабазул росабазде, хадубин абуни-жаниса чи лъуг1арал ч1удбузде. Гьединал мисалал маг1арул районазда дагьал гьеч1о. Гьединаб пашманаб къисмат районалъул росабазул ккеч1ого бук1ине КФХ_ЛПХаязе х1ажат буго пачалихъалъул ва районалъул нухмалъулезул кинабго рахъалъулаб кумекги квербакъиги.

 Россиялъул мустах1икъав фермер  М. Макъсудовасулгун гара-ч1вари гьабуна  Г1. Г1исаевас.

      


Просмотров: 862 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz