Четверг, 25.04.2024, 10:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Август » 1 » РОКЬИГИ ЩИБ ЛЪАЛЕБ ДИР ХОХОЧИДА…
22:37
РОКЬИГИ ЩИБ ЛЪАЛЕБ ДИР ХОХОЧИДА…

Дагьаб цебегIан кIалгьикъунлъиялда цо чанго чияс дида цIехана сиясаталъул (политикаялъул) хъвазе бокьарасда кIолин, цо рокьул хъвазе бажарунев чиго гьечIищ нужер газеталъул мухбирлъиялда гьоркьован. Рокьиги батIи-батIияб букIунелъул, дурусго кинабали гьезги баян гьабичIелъул, босана къалам кодобе гьеб гIажаибаб асаралъул цо-цо тайпабазул хъвазеян.

 

Бищунго жиндилъа чилъи лъугIараб ва инжитаб

ГIАРЦУДЕ РОКЬИ

Мунагьал чураяв дир эмен вукIана щибго къачIазе, цIигьабизе, щущан араб сагIат букIа, мачу-чарухъ букIа букIахъе данде гьабун бажаруневги, сундуего кверда махщел бугевги чи. Гьеб жиндие Аллагьас кьураб кверзул устарлъиги гьес хIалтIизабулаан гIицIго киридахъ (жиндиего бищун хIажаталъуб кумекалъе батагийин гьеб, амин Аллагь). Чиясул къваригIел тIубалаго гъаримасда чанги кIочон толаан рукъалъул хIалтIиги хъизамалъул чагIазул хIажалъабиги. РакIалда буго, цо нухалда сабру тIагIарай эбелалъ «Мухьдахъ гьабулезухъе унарин ал, мун гIабдаласухъе рачIунин» тункидал, «Вай дир гьудулин, жинцани щибаб багъарараб квералъухъ мухь босилаанин, амма гьеб цIакъго гIемер букIунелъул, гьабунщинаб хIалтIухъ мухьги щун, гьеб щвараб гIемераб гIарацалъ дуда унтиги ккелин, мунги гIабдал лъугьинин хIинкъулин дунан» досул жаваб. Доб мехалда дида кколаан инсуца бицунеб хабарго щибилан, кинин гIарац щвеялъ инсан гIадаллъизе рес бугебан, гьелъул гIаксалда, гьесул къадруги, халкъалъ рикIкIинги гIицIго чвантил цIеялда бараб гурищ букIунебилан. Гьанже, нахъзаманалъ бичIчIана дида, доб гьитIинаб мехалъ нижееги гIакълулъун букIинеян инсуца кьураб дарсил магIна: бичIчIана жиндир дунялалда ругелщиназдаса сахав гьудул вугилан пударарав цоясда кепкица жинда аскIове ваче гьевилан, гъурущалъ «Валлагь, дица жеги лъикI рагьилин гьесул «цIакълъи» ян рарал рогьраз, бичIчIана, гIарцуда хурхараб суал борхидал, лъугIун унеб чилъи-гIаданлъиги бусурбанлъиги бихьидал, бичIчIана, тIул бикьарав вацасул цIикIкIун боцIи-рикъзи букIун бегьуларого, жахIдаялъ гъанкъулел вацал цо-цо хъизамазда загьирлъидал, бичIчIана мискин-пакъирасул доходазде бахиллъулел, гьеб рик1к1унел цо-цо х1акимзаби рихьидал. ГIарцуде бугеб иллагьи бегараб рокьуца кIотинабураб иман кодосезда кIочон толеб буго къиралзабазулги, пачазабазулги, гIарцул гьанаркIабазулги, бачавехьазулги цогояб ахир-ракьул гвенд букIин. Дунялалда бугебщинаб месед-гIарац кверзукье бачине махщелги гьунарги жиндилъ букIарав Сулейман султIанил васияталъул лъабго амруги рагIунго батиларо гьазда:

Жиндир жаназа ханлъиялъул лъикIаздаса лъикIал тохтурзабаз босейин букъизеян абун буго гьес. Хабалалъе щвезегIанги нухда месед-гIарац, якъут-жавгьар хьвагIейин. Ва лъабабилеб-жиндир кIиябго квер къватIибе баккун, гIебеде битIун тейин, киназдаго бихьуледухъан. Гьел тамашаял гьарияздаса гIажаиблъарав султIанил бодул цевехъанас, яхIго гьабизе кIвечIого, гьикъун буго Къануниясда щай гьединаб аманат гьес толебилан. Дунявияв къиралас жаваб кьола гьадин: «Биччанте щивасда бихьизе хвалдаса кигIанги махщел камилал тохтурзабаз хвасар гьарулареблъи. Биччанте боцIи-рикъзиялде гIащикълъаразда бичIчIизе гьеб кинабго цадахъ босулареблъи. Биччанте киназего халлъизе, дунялалъулго падишагь СултIан Сулейман Къануниявцин гьаб гIумруялдаса чIорогоял квералгун аравлъи». ГIагилдахъ чияр чагIаз балеб мина-картги тун, ирс бикьулел дугIадулъ нилъ рехсезецин цIан къойиде кIочонелги тун, къокъина нилъги ахирияб рокъоре, гьарурал ишалгун, гIамалалгун, мунагьалгун. ХIисаб кьеялъул кIочон тун, рокьигун данде гьарурал гIарцул гьиразулги, цадахъ хабалъ лъезе васигат гьарун таниги, пайда ккеларо. Доба ришват босулеб рагIуларо J. Гьересияб «гIодоб лъезе тIину гуреб, кодоб кквезе гIоркь гуреб» гьеб рокьул тайпаялъ нухалги рагьун (гIащикъас гурого гьеб хIарщгIадин балагьуларелъулха) жакъа къоялда тIанкIусал «халалъулел» руго, цо лъадицин хIарамас 2-3 ячуней йиго, институталцин рихьичIел табулдаби «академикал» рахъунел руго. Аллагьас цIунаги гIарцухъ рокьи ккаразул къавмалдаса ахир хвасарлъаразул къокъа, амин.

 

Нагагьавги чи жиндилъ гьеб асар бугилан мукIурлъулареб

ЖИНДИДЕГО РОКЬИ

ГьитIинаб мехалъ «Ну, погоди» мультфильмалда ракI регьун жинцаго жиндирго фотоаппараталъ суратал рахъулеб бацI бихьидал, ниж битIахъе кIарулаан. Лъидаха кколеб букIараб, цо кинабалиго лъеберго соналдасан жинцаго жиндирго зобалаздаса рещтIарав малаиклъун вихьизавулел суратал рахъи9 Сэлфийиля гьелда ц1ар), жинцаго гьабулеб-толелъе, тIамулеб гIумруялъе гIорхъи гьечIеб рецц-бакъ гьаби гIадлъулареб, машгьураб ишлъун лъугьинилан. ЧIагого алжан кьелин нужее ахираталдаян рагIи жидеда кодосел асхIабзаби (Аллагьас кIодо гьареял) агьиялда гIодулел рукIун руго жидерго напсалда ццим бахъун, рорчIулел мунагьаздаса рекIекълъун. Гьаб заманалда «дун», «дица», «диейилан» цIекIал рагIабазул бутIрузда кколеб буго жалго жидедаго берцин рихьулел гIадинин, Аллагьасдаги гIадатал гIадамаздаги жал берцин рихьулелилан. Жиндихъго рокьи ккарав релълъуна роцIараб къоялъ циндаго хъахIилаб зодихъ рещтIараб накIкIул парчаялда. Амма гьанже щванин дихъе дуниялгоян кверщел гьабизе лъугьараб гьебги, заманалдасангIаги раккун рачIунел гвангъарал бакъул чIораз щущазабула, гьединго живго жиндиего гIун, тIокIав чиясул рагIи рагIичIого сан гьабичIого чIаравги БетIергьанас гIадам, гIадамилан инагьдуледухъ гIодовегIан гьавула. ГIемерисеб мехалъ гьедин ккола, дурго духъго хIатталдаса араб рокьи ккеледухъ, дуда сипатал рекIинарулел, мунагь гъорлъ бугеб иш гьунар бугилан ракIчIезабулел хIелхIелчагIи рикIкIалъидал. Гьелги рикIкIалъула хъулухъ-ишалги дуда кодоса индал, чвантаги мигьлъидал. Дида бичIчIухъе, гьаб рокьул тайпаги буго гIададисеб, дуниялги ахиратги бигъинабулеб жо!

 

Бугилан цояз абулеб, абадияб гуреблъи гIумруялъ бихьизабулеб

ЖИНСИЯБ РОКЬИ

Дие бищун кеп кьолеб рокьул тайпа! «Гьагьакьакьа» бачунаго лъугьуна дие цо-цоял гьеб нармальни чагIазул букIунеб асарги бугин, цIорол гохI дунги йигин чIезабизе. ГIезегIан санал сокIкIун рукIиналъгIаги батила, бацIцIадаб рокьилъун дида рихьула жиндида гьоркьоб пайда-хайир гьечIел гьоркьорлъаби. Лъилха жиндиего цIикIкIунисеб бутIа лъикIлъи гьечIого, долъул (ялъуни досул) ракI, гIамал-хасият, хьвада-чIвади берцин бихьун рокьи гьабулеб, бацIцIадаб рокьул хIасилалда ригьин гIуцIулеб? ГIемерисел бихьиназе хIажалъула тIадехун загьираб берцинлъи, узденаб лага-щват (гьебгиха жидерго дадал гIадал чахьал рукIаниги), жан-жигар. Цо щокъай, куц-жинс гьечIей пулан гIицIго Аллагьасе гIоло ячинеян щивго лъугьунаро. КигIан дой эбелгIодадил росасе ине анищги бечедаб рухIияб рахъги букIаниги! Циндаго ккараб рокьиян цебеги рехун, сверухъе кIи-кIи руччаби рачинги цIакъ машгьурлъун буго жакъасел «махIмудазда» гьоркьоб. ХIал бихьана дица гьедин абулезулги! Жаний чIезе рукъги, кодоб-хъатикь шагьи-парагигIаги букIине ккелин бакк-баккизе абидал, «рокьи» хIухьелалде сверун ана амахвадазул, «вагь, мун хъулухъ-пишаги кодосей, мунго дуцагоги тIуярай редахтур гурищан» намсалги рижизарун. У, гьедин. Дунго дицаго тIуярай хъулухъчIужу, цинги «бусен бакьулъ егун, хIерчч бакьулъ кванан йикIине» ресги бугей дие, квегIиса-квараниса бикьун тату бахъараб «рокьигун» нуж щайха цинги, лазатбахъадал? Кибха бугеб доб хайир балагьунгутIи, суннатаб, иманияб ригьин балагьи?! Бихьула гIицIго жиде-жидер тIалабал цIунун, «оц хвани-гьан, гьоко биххани-цIулан», гьебгицин щвечIони «Гудбай, рокьиян» магIна. Сапаралда къадар батарав росасул жаназа мусрудалъ жема-къемун рокъобе бачIиндал, гьесул лъадуда гьикъун буго «Дуда вихьизе вичун виччалищ ав?»илан. Досул «рокьуцаги» «хIалимлъиялъги» ахцазаюрай ай пуланалъги(дов чIаголъилилан хIинкъунищали) «Воре,воре, вихьун вукIанин, вухьун тейилан»кьвагьун биччан буго. КигIан гьуинго ругел рос-лъадуда гьоркьосаги лъугIун уна гьеб асар, замана индал, гьезул цонигиязул унта-щокълъи, гьекъолди, рокъобе бачIунеб пайда-хайир дагьлъи гIадал хасиятал загьирлъидал.ХутIула гIицIго ругьунлъун ккей, адаб, лъималазе гIоло бухьараб цадахъаб къисмат. БукIунаро абадияб рокьи, гьудулзаби. Йокьун ячарай лъади ракьулъ лъелалдего, магIирокъорго рекерахъдула бихьинчиясул берал цойги кандидат ялагьизе, доб абундачалда кинниги «вухьун тунго» лъикIилан ракIалде кколелги руго руччабазда гьоркьорги.

Кинаб рахъалде руссун балагьаниги, гьечIо кинабгIаги тайпа рокьул, жиб гIумрудай, я ахираталъе ярагьунеб гIадаб. Гьеб г1ассияб асар щущазабураб гьаб фельетон цIаларазда ракIалде щвезе бегьила «Рокьиги щиб лъалеб дир хохочида»ян диде рик1к1ине дол машгьурал кочIол мухъал… Гьелги нужеего, дирго пикрабиги диего.

ФАТИМА МУХ1АМАДОВА, «рокьи жаниб гьеч1еб» казияталъул бет1ерай редактор

 

Просмотров: 499 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz