Пятница, 19.04.2024, 00:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 14 » РОХАЛИЛАБ АХ1ВАЛ-Х1АЛАЛДА.
23:52
РОХАЛИЛАБ АХ1ВАЛ-Х1АЛАЛДА.

Гьал къоязда Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спортзалалъул кафеялда к1одо гьабуна Россиялъул Улбузул къоялъул х1урматалда районалдасаго лъимал г1емерал, ялгъузал, к1одо гьаризе мустах1икъал руччабиги ах1ун рохалилаб данделъи.

Улбузда, яцазда, ясазда рохалилаб байрамги баркун, гьезул х1акъалъулъ цояздаса цоял берцинал раг1абиги абун, коч1одалъун саламги кьун байрамалъулаб дандеруссин байбихьана К1ахъ росдал культураялъул рукъалъул директор Хадижат Г1абдулкъадировалъ. Гьелъ нилъер т1абиг1ат берцинал, бах1арчиял улбузда байрам баркизе раг1и кьуна райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель Х1амзат Г1аммаевасе. Руччабазе баркиялъулал раг1абиги абун, Х1амзатица гьезие гьарана г1умруялда талих1, рохел, чорхое щулияб сахлъи, гьабулебщиналъулъ бит1 ккей. Гьединалго руччабазе к1удияб къимат кьурал гьезие лъик1ал гьара-рахьиял гьарурал к1алъаял гьаруна райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель А. Г1абдуразакъовас, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник З. Г1умаровас, хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централъул нухмалъулесул заместитель М. Г1абдулаевас, районалъул руччабазул комитеталъул председатель П. Набиевалъ, ЗАГСалъул отделалъул заведующая А. Г1умаровалъ. Улбузул рахъалдасан данделъи г1уц1аразе рак1-рак1алъулаб баркала ва разилъи загьир гьабурал к1алъаял гьаруна Гьамущиса С. Ибрагьимовалъ, П. Мух1амадг1алиевалъ, П. Мух1амадт1агьировалъ, Хьиндахъа М. Мух1амадх1ажиевалъ, Хунзахъа П. Мах1мудовалъ ва гь. ц.

Байрам берцин гьабун бук1ана щивав к1алъазе вахъарав чиясда хадуб кьурдизе, куч1дул ах1изе рахъун культураялъул рукъалъул х1алт1ухъаби П. Султ1ановалъ, Г1. Тажудиновалъ, П. Мусаевалъ, Ч. Султ1анбеговас, Ш. Къебедовас гьарурал церерахъиназги.

Лъуг1ана дандеруссин. Улбул рокъоре т1ад руссана лъик1аб х1ухьбахъиги гьабун, жидее г1уц1араб мажлисалдаса, гьарурал сайгъатаздаса рази-ракиго.

 

Баркалагун сахлъиги гьарулаго

Улбузул байрамалдаса хадуб, гьелда г1ахьаллъи гьабурал цо-цо руччабаз дида гьарана жидергун гара-ч1вари гьабеян. Гъоркьехун бахъулеб буго дидаги гьездаги гьоркьоб бук1араб гара-ч1вари.

Мух1амадт1агьирова Парзилат, Гьамущи росу.

Дун йиго дирго инсулцин сипат-сурат лъаларей эбелалъ хьихьун г1езаюрай г1адан. Лъабго моц1 барай дунги эбелалъухъ тун ун вуго эмен армиялде. Т1ок1ав гьениса т1адги вуссун гьеч1о. Гьелдаса нахъе хьихьун г1езаюн йиго дун эбелалъ. Эбел-гьей ккола дир рек1ел т1егь, дир рохел. Гьей йик1инч1ей ани бук1инароан дирги г1умру. Эбелалъ ригьнаде кьун хадуй 3 лъимал щвана диеги. Хвана бет1ергьанчи. Г1езег1ан къо бихьана лъимал г1езарулаго. Дирго эбелалъ дунго г1адин, дицаги жигар бахъана дирго лъимал хьихьизе. Мугъзал х1ама гьабун, х1ат1ил чу гьабун хьвадана дун лъимал г1адамалъе рахъинаризеян. Лъабалго лъимал х1инкъич1ого рук1инеян аск1ор регизарулаан дица, гьединлъидал кроваталъул х1осида егун ана дир бах1араб г1умру.

Гьанже лъималги рукъалде руссинаруна. Гьезулги жиде-жидер хъизан буго. Дунгоги херлъун г1одой кколей йиго, амма дие г1умру кьурай, дун г1езаюрай эбел дида кидаго к1оченч1о. Рак1-рак1алъул баркала эбелалъул х1урматалда байрам г1уц1аразе.

Мух1амадова Пат1имат, Г1орут1а росу.

Дир руго 4 лъимал ва 7 гьезулги лъимал. Дир бет1ергьанчи вуго мег1ер-г1алахалда г1умру арав г1и-боц1уда вук1унев чи. Дунги кидаго хур-хералда щиб, рукъалъул х1алт1уда щиб йик1ун ана г1умру. Жакъа дун йохарай йиго дир х1урматги гьабун гьаб мажлисалде ах1иялдаса.

Мух1амадг1алиева Г1айшат. Гьамущи.

Дунг1ан Аллагьги разилъаги, улбулги к1одо гьарун байрамал г1уц1улел, гьел рази гьарулел районалъул нухмалъулездаса. Дун г1адинай бет1ергьанчи нахъа гьеч1ей 7 лъималазул эбел гьадинаб мажлисалде ах1и дица к1удияб х1урматлъун тола. Таги киналго рохун ва сахлъиялда.

Мух1амадх1ажиева Мадина, Хьиндахъ.

Дун ккола 4 лъимадул эбел. Диего лъимал гьарураб мехалъ ц1акъго лъалеб бук1ун буго эбелалъул къимат.Таги киналго улбул сах-саламатго рохун ва жидерго рек1ее бокьухъин. Бокьун буго рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабизе тадбир т1обит1арал районалъул нухмалъулезе ва хасго районалъул руччабазул комитеталъул председатель П. Набиевалъе
Просмотров: 853 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz