Республикаялъул Бет1ерасул проектал – г1умруялде!
Дагъистан Республика цебе т1езабиялъе приоритеталъулаб проект «Инсанасулаб капитал»
Подпроект «Сахаб Дагъистан»
Дагъистан Республикаялъул президент Рамазан Г1абдулат1иповас Дагъистан кризисалъулаб ах1вал-х1алалдаса борч1изабиялъе ургъарал приоритеталъулал проектазда гьоркьоб хасаб бак1 ккола сахлъи ц1униялъул иш лъик1лъизабиялъе ургъараб «Сахаб Дагъистан» подпроекталъги. Кинаб ах1вал-х1алалда гьеб иш нилъер районалда унеб бугебали лъазелъун жакъа дун дандч1вана районалъул централияб больницаялъул бет1ерав врач Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевичгун.
- Мух1амад Шайхг1алиевич, бокьилаан кинаб ах1вал-х1алалда бугеб сахлъи ц1униялъул иш нилъер районалдаяли къокъабго баян кьуни.
- Жакъа нилъер районалъул медицинаялъул учреждениязда х1алт1и г1уц1ун буго гьанже заманалъул ц1илъабиги, церет1еялги х1алт1изарун, г1адамазул сахлъи ц1униялде щибаб къойилаб к1варги кьун г1уц1араб къаг1идаялда. Гьабсаг1аталда нилъер централияб больницаялъул рес буго киг1ан лъик1 бокьаниги унтарал къабул гьаризе. Гьезие ч1езарун руго жакъасел т1алабазда рекъон киналго шарт1ал. Х1алт1изе лъугьун руго ц1ияб минаялде т1адеги рарал инфекциялъулал ва сахлъизариялъулал корпусал.
Гьелъ рес кьолеб буго цебе г1адин рик1к1ад ругел корпусазде хьвадич1ого, унтарал цо бак1алда къабул гьаризе. Щивав врачасул буго жиндирго кабинет. Х1алт1улел руго т1оцебе унтарав къабул гьавулеб (смотровой), гинекологиялъул, стоматологиялъул, хирургиялъул, терапевтасул, лъималазул, окулистасул, лорасул, УЗИ кабинетал, лаборатория, рентген, функционалияб диагностика. Стационаралда аск1об буго аптека. Ремонт гьабун къач1алел руго районалъул росабалъ ругел ФАПал (фельдшерско-акушерский пункт), руго г1ураб къадаралда формуляралда рекъон рук1ине кколел медикаментал, унтаразе т1аг1амаб квен-т1ех.
- Президентасул проектал г1умруялде рахъинариялда бан кинаб багъа-бачари унеб бугеб?
- Киг1анго нилъее бокьаниги, бокьич1ониги, г1адамал унтулел руго бат1и-бат1иял унтабаз. Рук1уна гьел нилъерго аниб сах гьарун бажарулелги, бажарич1ого республикаялде, жеги рик1к1аде ине кколелги. Гьедин, районалъул г1адамазе рахъи бугеб ва хехаб медицинаялъулаб кумек щвеялъе х1алт1улеб буго 3 даражаялъулаб система.
Т1оцебесеб, районалдаго сах гьари. К1иабилеб, районазда гьоркьосел центразде рит1ун сах гьари. Гьел руго Буйнакск ва Мах1ачхъала шагьаразда. Лъабабилеб, республикаялъул сах гьариялъул учреждениязда сах гьари. Щивав унтарасул бук1ине ккола маршруталъулаб карта. Гьесул унтул зах1малъиялъухъ балагьун гьел рит1ула данде кколеб бак1алде.
Киса-кибго улкаялдаго г1адин, нилъер централияб больницаялдаги х1алт1изарулел руго церет1урал информациялъулал технологиял. Гьезул цоялда рекъон, унтараз цебеккунго хъвай-хъваг1ай гьабизе бегьула бокьарав врачасухъе бокьараб заманалда ине. Гьединго ихтияр кьолеб буго бокьараб сах гьариялъул учреждениялдеги, иргаялдаги ч1ун ц1ияб образецалъул полисги босун ине.
Ц1ияб проектги кьоч1ое босун ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго г1адамазул диспансеризация гьабиялде. Гьеб гьабиялдалъун рес щолеб буго байбихьулел унтаби якъинго загьир гьаризе. Киг1ан хехго нилъеда гьел т1атинаризе к1ваниги, гьедиг1ан хехго к1ола нилъеда гьел сах гьаризеги. Гьединлъидал х1ажат буго щивав чи лъаг1алида жаниб цо нухалъг1аги чорхолъ ругел унтаби лъазелъун медицинаялъул учреждениязде рач1ине.
Диспансеризация гьаби нилъер районалда квеш бугилан абизе бегьуларо. Араб 8 моц1алда жаниб гьеб гьаби т1убазабун буго 77 проценталъ. Аслияб къаг1идаялда, киса-кибго гьеб гьабун лъуг1ун буго, хут1ун руго гочинабун г1и-боц1и хьихьулел гъутабазул ракьазда г1умру гьабун ругел г1адамал. Г1агараб заманалда гьезухъеги сапар бухьине рак1алда буго нижеда.
- Унтаразул г1арзал рук1уна, больницаялда регизе бак1 щолеб гьеч1илан. Г1илла щибдай?
Больницаялда регизарула ц1акъго зах1матго унтарал, чара гьеч1ого гьениб регизаризе х1ажат ккарал унтаралги, жидер чорхолъ хроническиял унтаби ругелги планалда бихьизабураб къаг1идаялда ирга гьабун. Рук1уна цо-цо унтарал ирга щвелалдего гьениб регизе бокьаралги, заман щваниги регизе инкар гьабулелги. Хроническиял унтаби ругеллъун рик1к1уна рек1елгун бидурихьазул, х1ухьел ц1алел мащабазул, мугъзалгьодил ва рищалабазул, г1адалнахул бидурихьазул х1алт1и рук1алида гьеч1ел г1адамал. Т1олабго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги г1адамазул сахлъи ц1униялде к1вар кьей т1оцебесеб суаллъун ккола. Нижеца жигар бахъула унтарал киг1ан к1ваниги хехго ва т1адег1анаб даражаялда сахлъизаризе.
Хроническиял унтаби ругезда рак1алде ккола больницаялдаги регизарун цох1о курс гьабуни жал сахлъулилан. Гьел мекъи руго. Гьел кидаго рук1ине ккола врачасул бербалагьиялда гъоркь ва кидаго амбулаторияб къаг1идаялда дару-сабабги гьабизе ккола. Амма г1емерисел нилъер г1адамазда рак1алде кколеб буго цо нухалда цо курсги гьабун т1ок1аб дару-сабабалде к1вар кьеч1ого тезе бегьулилан. Х1исаб гьабулеб гьеч1о т1алаб гьабич1ого рехун тараб унтиялъ къо бахъанаг1ан гьабулеб заралалъул. Гьединлъидал цойги нухалда баян гьабулеб буго, унти бег1ерлъич1ого бук1ине гьелда хадуб хал кквей г1емерго бигьаяб бук1ин, ц1акъго къаркъала заг1иплъун хадуб сах гьабизеялдаса. Диетаялъ, даруял хурдуз, жалго лъугьун дару-сабаб гьабулел г1адамазги лъик1лъизабизе бегьула черхалъул ах1вал-х1ал, амма медикаментазулаб терапиялъ г1адин сахлъи ц1унуларо. Гьеле гьединал г1иллабаздалъун ц1ик1к1унеб буго унтаразул къадар. Больницаялда бак1ал гьеч1о киналго хроническиял къаг1идаялъ унтаралги, зах1матго унтаралги циндаго цадахъ больницаялда регизаризе. Стационарияб къаг1идаялда хроническиял унтаби ругел регизаризе бук1уна ирга. Гьеб т1аде щвара-щварал гьениб регизарула. Ирга щвезег1ан ч1езе к1оларел г1арзал гьаризеги лъугьуна.
- Ц1и-ц1иял корпусалги эхетун руго. Щай эдиг1анго регизе бак1ал гьеч1ого ругел?
- Унтарал, больницаялда регарал г1адамазе дару-сабаб гьабиялъул иш ва унтарал рега-рахъиналъул шарт1ал лъик1лъун руго, амма койкаби добго къадаралда тун гурого, ц1ик1к1инарун гьеч1о.
- Мух1амад Шайхг1алиевич, баркала гара-ч1вариялъухъ. Нужер рак1алда ругел мурадал т1урайги. Унтаразул къадар г1одобе ккаги. Нуж кидаго бергьенлъабазда къвалги бан, къварилъабазда мелги бан церехун аги.
Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.
|