Четверг, 25.04.2024, 16:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Сентябрь » 5 » РЕСПУБЛИКАЯЛЪУЛ БЕТ1ЕРАСУЛ ПРОЕКТАЛ – Г1УМРУЯЛДЕ!
22:59
РЕСПУБЛИКАЯЛЪУЛ БЕТ1ЕРАСУЛ ПРОЕКТАЛ – Г1УМРУЯЛДЕ!

Республикаялъул Бет1ерасул проектал – г1умруялде!

Дагъистан Республика цебет1езабиялъе приоритеталъулаб проект «Инсанасул капитал»

Нижерги бут1а буго

Нилъеца кидаго абула, Дагъистан республика жибго бихьизабиялъул т1убараб кьералда гьоркьоб ахирисеб  бак1алда бугилан, коррупциялъул, бахчараб экономикаялъул рахъалъан босани – т1оцебесеб бак1алда. Гьеб киназдаго лъала. Лъай дагь буго, нилъее х1ажат буго, республика цебе т1ураблъун лъугьиналъе рахъи бугеб ц1ияб даражаялде бачине.

Р. Г1абдулат1ипов.

Дагъистан т1егьазабиялъе, гьеб х1инкъи гьеч1еблъун бук1инабиялъе, гьелъул г1адамазул рук1а-рахъин, яшав цебе т1езабиялъе, г1умру берцин гьабиялъе ургъарал приритетазул проектазда гьоркьоб хасаб бак1 ккола инсанасулаб капитал проекталъ ва гьелдаго  гьоркьоб г1адамал социалияб рахъалъ ц1униялъул проекталъ. Кинха нилъеца нилъерго г1адамал ц1унулел ругел?  Ругищ нилъеда гьоркьор х1ажалъиялде ккарал, х1алт1изе бак1ал гьеч1ого хут1арал. Гьел ва цогидалги суалазе жавабал кьеян ни жеца гьарана г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул централъул начальник Гъазиев Гъазиясда. Гьале гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

- Гъазияв, лъазе бокьилаан централда т1адал ишал кинал кколелали ва кинаб къаг1идаялда нужеца гьел  т1аразарулел ругелали?

- Аслияб къаг1идаялда г1адамал х1алт1удалъун  хьезариялъул централъул х1алт1и буссараб буго х1алт1и гьеч1ого хут1арал гражданазе х1алт1и балагьиялде, х1алт1изе гражданал х1ажатал бак1ал кир ругелали лъазабиялде, г1олохъанаб г1ел  школалда  ц1алун рахъаралго, бач1инахъего зах1маталъул г1мруялде гъорлъе журазе ругьун  гьаризелъун профессионалиял ц1илиязде рит1иялде ва гь. ц.

- Киг1ан нилъее бокьаниги, бокьич1ониги нилъер районалдаги камун гьеч1о х1алт1и гьеч1ого хут1арал, ресукълъиялде ккарал г1адамал. Гьезие х1алт1и балагьиялъе кинал тадбирал централъ гьарулел?

- Т1оцебе босани, нижеца щибаб учреждениялда, организациялда ц1ехон лъазабула х1алт1изе бак1ал ругел г1уц1аби. Гьезул х1ажалъиялда рекъон х1алт1и х1ажат бугилан централъул учеталда лъурал г1адамал рит1ула гьеб бак1алде направлениеги кьун. Жидерго иргаялда, х1алт1и кьолез хал гьабула х1алт1и  къвариг1ун жидехъе вач1арав чи жидер ишалъе данде ккей ккунгут1иялъул. Гьедин, араб соналда централъул кумекалдалъун х1алт1изе росана 141 х1алт1и гьеч1ого хут1арал гражданал. Гьаб соналъул 1 августалде щвезег1ан 119 – яв. Х1алт1аби рук1уна  пачалихъиял гурел жамг1иялги. Аслияб къаг1идаялда гьезда гьоркьоре уна  г1адамаз г1умру гьабулел росабазул гьумер берцин гьаби, лълъел мухъазда, маг1ишатазда гьоркьосел нухазда ремонт гьаби, ралел бак1азда къот1и-къаязда рекъон х1алт1аби. Гьари, росдал маг1ишаталъул бут1абазда х1алт1и. Гьединал х1алт1аби щвеялъеги централъ кумек гьабуна 468 чиясе.

Централъул рес рекъолеб  бук1арабани, бокьилаан х1алт1и х1ажатавщинав чиясе х1алт1иги балагьун гьел  рохизаризе. Нилъер аниб кинавго х1ажатав чиясе  х1алт1аби рук1унаро. Гьединлъидал, централъ жигар бахъула заманаялъулг1аги х1алт1аби ралагьизе. Гьедин, гьаб соналда х1алт1и гьеч1олъиялдалъун зах1матаб ах1вал-х1алалде ккарал 31 чиясе, лъимал г1емерал хъизаназегун инвалидазул – 408 чиясе ралагьана, заманаялъулал х1алт1аби., т1адеги профессионалияб лъай бочиялде рит1ана 24 чи.

- Дуца абуна г1аммаб гьоркьохъеб лъай щун школаздаса къват1ире риччарал г1олохъанаб г1елалъе х1алт1и балагьизе кумек гьабулилан. Бокьилаан кинал х1алт1аби гьел кколелали бицани.

- Гьел ккола заманаялъулал х1алт1аби. Мисалалъе босани, школалъул мина, спортивиял  площадкаби, классал, стадионал рук1алиде рачине, школалъул участкаби г1урччин гьари, спортзалазда ва гьениб лъураб къайи-къоноялда сверухъ г1иси-бикъинаб ремонт гьаби. Централъул гьариялда рекъон, заманаялъул х1алт1абазде росана жидер 18-2- сон бугел 4 чи.

- 2013 соналъул декабралда Россиялъул Федерациялъул Президентас Федералияб Собраниялде ва  2014 соналъул январалда Дагъистан Республикаялъул Президентас ДРялъул халкъияб  Собраниялда гьарурал  хит1абал г1умруялде рахъинариялде бан щиб централъ гьабулеб  бугеб?

- Церехун рехсарал хит1абазда рекъон, жидее хасаб махщел щвеялъул мурадалда ва бугелда т1адеги цоги ц1ияб босиялъе ц1ализе рит1ана г1олохъанаб г1елалдасан  хадусел махщелазде г1адамал: облицовщикал-плиточника – 3- чи, водителал – 2- чи, ПЭВмалъул операторал – 7 чи, богогьанал – 6, тукенчаг1и – 3 1 С: бухгалтерия – 3 чи, рукъарухъаби – 2 чи, газосварщик -1 чи.

Г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул централъ кумек гьабула инвалидазе данде кколеб х1алт1и балагьизе. Гьеб балагьулелъул х1исабалде босула гьесул профессионалияб х1адурлъиялъухъ, сакъатлъи ккелалде х1алт1уда щун бук1араб  х1албихьи, сахлъи, гьев х1алт1улеб бак1алде транспорт хьвади-хьвадунгут1и.

Инвалидасе данде кколеб х1алт1улеб бак1 бугони, г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул централъ направление кьола х1алт1и бугеб бак1алде ине инвалидасе. Гьев 3 къоялда жаниб ине ккола х1алт1и  бугеб бак1алде. Нагагьлъун гьесие инкар гьабуни, направлениялда хъвазе ккола щай инкар гьабурабали. Инвалидасе х1алт1уде восизе инкар гьабизе бегьуларо, гьесухъа гьабун бажарулеб х1алт1и бугеб бак1алда.

- Цебехун рехсараб хит1абалда г1овул г1ужде рахинч1ел лъимал хьихьун рокъор ругел руччабазеги лъик1лъи гьабизе бихьизабун бугилан ккола.

- Лъимералъ лъабго сон базег1ан гьеб хьихьун рокъор ругел руччабазе ихтияр кьолеб буго  профессионалияб лъай босиялде ине. Амма гьедин ине руччабаз инкар гьабула жидерго лъималазде руссун рук1иналда бан.

- Дандч1вала цо-цо районалда гуреб,  Россиялдегицин х1алт1изе ине бокьарал. Гьединазе кумек гьабун бажарулищ нужехъа?

- Россиялъул бокьараб бак1алде рит1ун бажарула, х1алт1изе г1адамал х1ажат ругилан баянал нижехъе рач1ун ругони.

- Г1адамазда кисан лъалел гьединал баянал рук1ин?

- Информациялъулал баянал ч1ван рук1уна жамг1иял бак1азда. Киб кинаб х1алт1и бугебали, кин гьенибе ине кколебали, кинаб низамалда гьеб г1уц1ун бугебали. Кинабго бихьизабун бук1уна гьениб. Гьединго районалъул газеталда рахъула киб, кинал вакансиял ругелали.

Г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул  централдаги г1уц1ун буго  информациялъул бок1он. Информациялъул стендалда баянал лъола централъул  х1алт1ул, пачалихъияб хъулухъ гьабиялда г1ахьаллъулезул телефоназул номерал, г1арзаби ц1олеб куц, г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул централда ругел вакансиязул, х1ажатал документал. Щибаб къойил ц1и гьабула вакансиязул х1акъалъулъ хъвараб информациялъулаб стенд.

- Кинав чи рик1к1унев х1алт1и гьеч1евлъун?

- Х1алт1и гьеч1евлъун рик1к1уна 11 къоялда жаниб х1алт1и х1ажат бугилан х1ажатал документалги росун централде рач1арал г1адамал.

- Кидаго централъул к1алт1а г1емерал г1адамал ч1ун рук1уна. Щайдай?

- Моц1ида жаниб 2 нухалда х1алт1и гьеч1ого хут1арав вач1уна централде регистрация ва  ререгистрация гьабизе. Бук1уна  учеталда лъурал г1емерисел цадахъ ккараб заманги.

- Х1алт1и гьеч1ого хут1аразе кьолеб пособиеги бук1унагури централдасан. Бокьилаан гьелъул х1акъалъулъги бицани.

- Централда учеталда лъун вугев чиясе кьола пособие моц1ида жаниб 2 нухалда россельхозбанкалдасан. Гьелъул къадар бахуна 977 гъ. 50 к. Х1алт1улеб бак1 къокъ гьабун х1алт1удаса нахъе рит1аразе т1оцебесеб 2-3 моц1алъ гьел х1алт1улел рук1арал бак1аздасан кьола х1алт1уда  щолеб бук1араб мухь-харж. Х1алт1и къокъ гьабун 2 анкьида жаниб г1адамал х1алт1удалъун  хьезариялъул централда учеталда лъун ругони кьола бищун г1одобег1анаб харж 4900 гъурущ. Хадуб т1оцебесеб 3 моц1алда жаниб кьола гьев чиясе щолеб бук1араб харжил75 процент, хадусеб 4  моц1алъ 60 процент, гьелдаса хадубги харжил 45 процент. Лъаг1алица биржаялдаги лъола. Хут1арал 6 соц1алъ гурго лъоларо.

- Баркала гара-ч1вариялъухъ.

- Дуеги баркала.

Н. Г1алиева. 

Просмотров: 455 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz