Четверг, 28.03.2024, 18:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Февраль » 11 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.. РУК1АНА Г1АДАМАЛ…. РУГИЩ Г1АДАМАЛ?
21:00
РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.. РУК1АНА Г1АДАМАЛ…. РУГИЩ Г1АДАМАЛ?

Бекилалде къараб бет1ерги г1арцухъ хисич1еб къадруги

Гьал къояз Дагъистаналда лъугьунеб-толелъ бат1и-бат1ияб асар гьабич1ев чи рик1к1адаб колодацин ватиларин абизе к1ола дида. Х1укуматалъул Бет1ергун цадахъ т1олабго Дагъистаналъул т1алъи х1алт1удаса нахъе бит1и, гьеб г1еч1елъубе-гьезул цо-цоял туснахъ гьари лъугьана роц1араб зоб гъугъан гьарччал рараб г1адаб лъугьа-бахъинлъун.

Цоял-рохана, цойгидал-иргадулъе ккеладаян ургъалилъе ккана, лъабабилел, дун г1адин, рек1екълъана. Щайиланищ нуж? Бук1ине кколеб тамих1алде такъсирчаг1и (гьеллъун рик1к1уна дица ват1аналъе хиянат гьабулел) ц1аялдаса гуро, йохъ. Рек1екълъана цебе бакъулаб Дагъистаналъул т1алъуда рук1арал къап1арал муг1рузул васалги рак1алде щун… Лъеберго соналдасаги ц1ик1к1ун заманалъ -бат1и-бат1ияб нухмалъиялъул хъулухъазда, зах1матал, рагъда хадусел соназ республикаялъул партиялъул обкомалъул т1оцевесев секретарлъун х1алт1изе ккарав, х1акъикъаталдаги «халкъияв х1акимилан» ц1ар щварав Г1абдурах1ман Даниялов…

Бицен буго, чачаналго г1адин, ват1ан тун дагъистаниялги нахъе къот1изехъин рук1анин Сталиницаян. Ч1орогоял вагоналцин рит1ун рач1ун рук1ун руго халкъ баччизелъун. Халкъалда жаниса х1аким ракьцоял ц1унизелъун Иосиф Сталинихъе щведал, к1алт1а ватарав Берияца дагъистаниясе малъа-хъвай гьабурабила: «Г1абдурах1ман, дур, узухъда, ихтияр буго вождасухъе ине, амма къват1иве мун ворч1улищ хадували лъаларо» - ян.

Даниялов жанивеги ворч1ула, цо-цо ккун «ч1ег1ераб» сиях1алдаса Дагъистаналъул миллаталги рахъизарун, къват1ивеги вач1уна. Т1асан х1уччал ц1алаго карандаш бекидал, «Нужер халкъалъул къвак1иялъ дир къаламцин беканин» махсараги гьабула кьварарав михъичица маг1аруласе. Цо нухалъищ гьес муг1рузул улка хвасар гьабураб?! Азербайджаналда гьоркьобе Дагъистан бачине бук1араб х1укмуги г1умруялде бахъине биччан гьеч1о Данияловас. Закаталаялда ругел маг1арулазул жакъасеб г1умру-яшавалъул лъалаго, иргадулаб нухалъги рух1 Алжаналъуб батагиян рехсезе т1амулел руго нилъ гьев сахав инсанас. Кепаб лъугьа-бахъин ккун бук1ун буго Данияловасулгун дир к1удияв эмен Гьиматилги. Колхозалъул председательлъун х1алт1илев вугев Занат1аса баг1арав партизанас сапар бухьуна ишалъулаб суалгун Г1абдурах1ман Данияловасухъе. Узухъда, гъалгъалараб бухари лъурав, г1адатаб рет1а-къаялъул муг1рул чи бигьаго «Хъах1аб рокъове» виччалев вук1унаро. Циндаго х1ебетги т1аса борхун бач1унеб автомашинаялда рек1ун нахъе ине вихьула дир к1удадада республикаялъул т1оцевесев. Гьабизе жо т1аг1арав чияс т1асаги бахъун бухари реч1ч1ула г1ужилго пассажирасда. Гъоркьеги вахъун Данияловас бахъ-баш гьабула ч1анк1к1арав бихьинчиясулгун. К1удияб мег1ералда килищги тенкезабун: «Рик1к1адаб маг1арухъа бахъараб чодаги рек1ун духъе вач1арав дидаса, дунги къабул гьавич1ого, нахъе унев дур т1ок1лъи щиб?»-илан гьикъула Гьимат-дадаца. «Валлагь, жиндаса г1езег1ан т1ок1авги къадруявги инсан вугин мунилан» къвариг1елги т1убан, хаду-хадув жиндихъего эркенго вач1ине гъулбасараб кагътил рукъиги кьола Данияловас гьесухъе. Цо гьединаб дандч1ваялда к1удадал бухариги нахъбуссинабула, «т1агъур бет1ералда бук1ине кколеб жо бугин, гьудулчийиланги»-абун.

Г1адатлъи. Г1аданлъи. Рак1бащалъи.Цойгидасдаса т1адег1ан живго гьавунгут1и. Хун хадувги ц1ар хут1и. Хисилаандай дос гьелщинал хазинаби рорхатал хъулбузухъги, меседил ярагъалъухъги, паркъарал машинабазухъги? Киданиги хисилароан!

Дагъистаналъул сиясаталда цойги меседил ц1ар-Шагьрудин Шамхалов. ДАССРалъул министразул Советалъул т1оцевесев заместитель, Верховный Советалъул Президиумалъул председатель, гьелде щвезег1ан-бищун г1одобег1анаб болъодулаб х1ок1алдасан т1адехун вахарав «детдомалъ хьихьарав, интернаталъ ц1ализавурав» Т1анусиса г1олохъанчи. Ват1аналъул къадруял васазул сиях1алда гьоркьоса цояв, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи Мух1амад Махуловас жиндиргун бук1араб гара-ч1вариялда гьадин бицун бук1ана дие: «Шамхалов вук1ана кутакалда г1адатав, г1адамазе рагьарав чи. Бачинин гьит1инабго мисал. Хъизан г1уц1ун хадуса канцеляралда г1умру т1амун бук1ана Шагьрудинил г1олохъанаб хъизам чанго соналъ. Бицеха, чан х1аким нужеда вихьарав гьединаб г1адатлъиялъул? Йохъ, жакъа гьединал къад кан бакун ралагьаниги ратизе к1веларо. Рит1ухълъи бокьулев, киназдехунго гьеб х1алт1изабулев чиги вук1ана Шагьрудин. Цо г1иси-бикъинаб гъалмагъир васасухъа ккун бук1иналъ хъулухъалъ г1одовег1анцин вачине рес бук1ана гьев. Бук1ине кколеб тамих1 васасеги гьабун, иш роц1ине гьабуна Шамхаловас». Цойги бицуна бат1ияб мурадалъе биччараб г1арац маг1арухъе токил мухъ бачине х1алт1изабунилан кьварараб бадибч1вай щварав Шагьрудиница: «Выговорали бащдаб лъаг1алиде бахъулин маг1аруллъиялъе канлъигун хинлъи абадиялъ хут1изе бугин» кьураб таваккалаб жавабалъул. Рит1ухълъи. Жиндиего бокьулареб чидае гьабунгут1и. Халкъалъе пайдаявлъун вук1ин. Г1адатаздаса г1адатавлъун вук1ин. Ричилаандай Шамхаловас гьелщинал лъуг1уларел (аль джария) садакъаби «ракьалда бугеб алжанлъун» г1арац кодосезда бихьулеб бечелъиялъухъ? Киданиги ричилароан. Рак1ги хъулухъги г1умруги бац1ц1адаз киданиги дализабилароан т1адчаг1азда цебе пакъираб куцгун бет1ер-гьезул гьелъие я хъант1и, я х1алихьалъи бук1инч1ого. Ва амма жеги руго Дагъистаналда чанги инсанал, кверал нахъе кьуризарун, берал рухьун яргъид г1уц1араз рачун инел халкъалда цох1о лах1заталъ рихьизег1ан, нохъода, лъим ххун чед кванан хъарцинлъиялда г1умру гьабун рук1ине т1аса бищулелги. Гьединал ц1ик1к1унцин руго Дангъистаналда, рецц Аллагьасе.Гьеле гьединаздайин доб абулеб муг1рул улкаялъул къадруял ц1умалин. Буго цойги тайпа-ч1ег1ергъудузул(хундерица гьезде раг1а-ракьанде щун гъосогъудулин абула). Хъант1ун,г1орц1иго лъаларого реч1ч1ула гьел къо бихьич1ого цо киб бук1аниги рехун батараб балканалда т1ад. Щокъроб к1удияб моч1у къан хвеялдацин х1инкъи бук1уна цо-цо мех гьединазул. Бекилалде къараб лъик1 буго щибаб бет1ер. Вассалам, вакалам.

  •  
Просмотров: 687 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz