10 азарго! Цебе ч1езабизе к1олищ? Щибаб газеталъул цо гьумер т1ехьалъул к1игоялда бащад бугин танани, Толстоясул «Война и мир» г1адаб 300-400 т1ехь хъван къват1ибе биччан буго районалъул газеталъул гьит1инабго мухбирзабазул къокъаялъ. 10 азарабго номер гьумер-гьумер ккун нухда т1ибит1анийин абуни, гьелъ бацизехъин буго 400 километралдасаги ц1ик1к1ун шагьра нухалъул. Щибаб къойилаб бихьулареб х1алт1и… Пикру бач1ана бот1ролъе, райгазеталъул щивав автор, журналистикаги жибго тун адабияталде ван вук1аравани, гьезул щивас нек1ого нахъа телаанин Донцова г1адал хъвадарухъабиян. Щайилая? Щайгурелъул, газеталъе хъвадаризе ккола щибаб къойил, дой гогьай муза яч1инег1ан ч1езе нижер рес бук1унаро-ц1араб къоялде газета ц1алдолезухъе щвезе кколелъул. Щивас жиндаго гъорлъан биччазе ккола редакциялдасан кумек щвезе божигун гьаниве вач1аравщинасул къисмат, мурадал, вук1ине ккола г1иц1го журналистлъун гурев, психологлъунги, тохтурлъунги, инженерлъунги, бак1ал ралевлъунги… Универсаллъун. Маг1арулалъ абуни, анкьгьунарлъун.
Амма нижер щивас г1умруялда рищи гьабун буго. Ниж руго журналистал. Гьелъул маг1на-ниж киданиги бечедал ва машгьурал чаг1илъун рахъунгут1и. Сордо-къо ц1ехеч1ого херхарал мухъал, Рицатал подшивкабазде сок1к1арал макетал к1очон тун ина газеталъул гьурмаздаса нижер ц1арал нахъе аралго. Рач1ина ц1иял г1елал, лъабабилел, ункъабилел…
Чанги пагьмуяб къалам камуна редакциялъе, цоял абадияб рокъоре ун, цойгидал-г1арац ц1ик1к1ун щолеб хъулухъал ралагьизе къокъун. Г1айиб гьабулеб мех гуро. Жидеего бокьун редакциялда ч1ола рескъот1иялъ, цойги х1алт1и щвеч1олъиялъ гьанир рещт1арал гурел, рак1-рак1алъго хъвавул ишги мухбирасул халкъалъе гьабулеб хъулухъги бокьулев чи. Бат1иял раг1абаз абуни, рек1едасан бижараблъун жинда кодоб ккураб къалам бугев инсан. Гьаб жакъасеб, анц1азарабилеб номералде щвезег1ан хисана политикиял строял, хисана газеталъул хат1, хисана сипат… Амма хисич1ого хут1ана г1иц1го гьелъул х1акимчи. У, нужеца бит1ун ц1алана. Щиб-кин кканиги, лъица щиб бицаниги ниж хисич1о ва хилиплъич1о нижер бищун къиматав ва т1адег1анав х1аким-ц1алдолесе. Кинабго-г1иц1го дуе г1оло, х1урматияв!
Бищун т1адег1анаб шапакъатги-цо г1адатав инсанасул рак1-рак1алъулаб «баркала» абураб раг1и. дир хьул буго жеги чанго анц1азаргономер къват1ибеги кьун, халкъалъе хъулухъ лъуг1изе «Зах1матчилъиялъ» теларилан. Иншаа Аллагь, жеги цере руго маг1на гъваридал макъалабаздалъун бечедал нус-нус, аза-азар номерал. Лъик1ал харбазул чапарлъун хут1аги нужее районалъул газета инсаният бугебг1ан мехалъ. Амин.
|