Четверг, 28.03.2024, 19:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Январь » 14 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.
15:12
РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.

Казият бокьулездехун, гьеб рихараздехун, къаян абулездехун

Рак1алда бугеб ният г1умруялде бахъиналде, гьарулел ишал раг1алде щвелалде, бер къапилалдеян абухъе ун ратула къоял, моц1ал. Заманалъул роржен хасго ц1акъ лъалеб буго г1умрудул сонал г1езег1ан сок1к1индал. Ана тарихалде нилъер г1умрудул цойги сонги. Цоязе гьеб бук1ун батила гьаб дунялалда ахирияблъун, цойгидазе, ракьалде рач1ун, бакъуе берал рагьараблъун, лъабабилезе-талих1аблъун, ункъабилезе-цересел чаг1иги абадияб рокъоре т1орит1ун, пашманаблъун. Цоязе-икъбаллъун, цоязе-тамих1лъун. Г1умру буго г1умру. Щибаб иш лъугьуна Бет1ергьанас хъвараб лах1заталда, нилъеда щибниги жо я хисизабизе, я гьукъизе к1оларо. Хут1ула г1иц1го бихьаралда щукру, «гьаб к1очон тарабг1аги бихьугеги»ян дуг1а гьабизе ихтияр.

Талих1къосараблъун лъугьинч1ониги, цо к1удияб цебет1ей ккун, къадру-къимат борхараблъун лъугьинч1о 2018-абилеб районалъул газеталъеги. Районалда лъугьунеб бугебщинаб г1адамазухъе мух1канго щвезаби бук1ана нижер мурад цебе араб 94 сонилаб тарихалдаги, гьабсаг1атги, цере ратани, ратарал соназги. 12 соналъ газеталъе редакторлъи гьабизе ккелин рак1алдецин бач1унароан дун, г1олохъанай мухбиралдаги, рик1к1адаб 2006 соналъ. Дирго сахлъиги, нервабиги, заманги кьуна дица «Росдал зах1матчиялъе» я бахилаб харж (20 азарго гъурущ, лъазе бокьаразе-авт.) я цогидал х1акимзабазул г1адин рах1атал шарт1ал, хасаб хъулухъалъулаб машина, к1удиял штатал рук1ун гуреб, хъвавул ишалде гьит1инаб къоялдаса нахъе бугеб рокьиялъ, г1адатаб халкъалъе дидаса пайда щвезе ссунареб гъираялъ. Рецц-бакъалъул раг1аби гуреб, цо к1удияб баркала дие щвеч1о я т1адчаг1азул, я цадахъ х1алт1улезул рахъалъ. Беричал, ч1ух1арал казиятал (щибалъул 60 гъурущ багьаяб) къват1ире риччаниги, цере рук1инч1ел журналал редакциялдаго г1уц1аниги, гьезего гьеч1ел сурсатал т1алаб гьарун, чанц1улго газета хъваразда гьоркьор лотереял т1орит1аниги (250 гъурущ гурого лъаг1алил подпискаялъул багьа гьеч1еб газеталъул лотереялда аслияб призалъул багьа бук1ана (х1исаб гьабе!) 25 азарго гъурущ). Жакъасеб каламалда гурого дица киданиги рехсеч1о я бихьараб къоялъул, я гьабич1еб къиматалъул. Жакъаги рехсолеб буго, къо бахъанаг1ан ц1акъ дагьал гурого хут1улел гьеч1ел, маг1на босун газета ц1алулезул баяналъе. (Гьезул ц1ик1к1унисел ригь арал чаг1и ругелъул, щулияб сахлъи гьарила дица гьезул щивасе). 45 чи коллективалда вук1араб г1уц1иялъ биччалеб бук1араб объемалда къват1ибе кьолеб бук1ана «Росдал зах1матчи» анц1го чи лъугьун гьанжелъаг1ан. Цойгидал районазда перестройкаялда хадусел соназ 4 гьумер бугеб газета гурого анкьи-анкьие биччалеб бук1инч1ониги, нижеца гьеб гьабулаан ц1убараб 8 гьумералда (гьеб ккола цебе анкьие к1иго биччалеб бук1аралда бащадаб къадар). Цойгидаздаса т1ок1ал я харжал, я шарт1ал редакциялъулазул рук1ун гуребха! Т1адежоялъе, маг1арул газетазда гьоркьоб «Росдал зах1матчи»ялъул редакция цох1о г1уц1и буго жидехъ хъулухъалъулаб машина гьеч1еб. Гьелъ ресги къана нижее г1адатал г1адамалгун дандч1ван, росабалъе щун интересаб ва аслияб жо-пайдаяб(!) газета къват1ибе биччазе. Амма дида нечеч1ого абизе к1ола: редакторлъиялъул 12 соналъ дун рух1алдаги х1алалдаги барахщич1ого къеркьана журналистасул къалам борхатго кквезе, казияталъул къадру борхизабизе, сипат берцин гьабизе, хъвалелъул хат1ги къаг1идаги хисизабизе. Нужеда гьоркьорги ратила гьеб бихьаралги, бихьизе бокьич1елги. Дие Аллагьасда бихьараб г1ола, альх1амдулиллягь.

Рагъул вах1шиял соназцин алхинч1ого къват1ибе араб, х1арп теч1ого ц1алараб казият къо бахъанаг1ан х1ажатаб гьеч1еблъун бихьи-гьеб дир рогьо гуро. Гьеб намусаб ишлъун, нечезе ккараб х1ужалъун биччан те бук1ине «маг1арул мац1алъ ц1ализе лъаларин» абулел г1урус мац1 сурарал районцоязеги «Кинабго интернеталда бук1унин» аралда туманк1ги реч1ч1ун, бук1инеселъул г1арада щвеларин жидедаян ч1орогоял хьулазда ругел рижисуразеги. Дие гуро. Дилъ щуго сон баралдаса нахъе умумуз куцан буго ц1алараб т1ехьалъги, бот1рониб бугеб лъаялъги, хьвадизе лъаялъги гурого инсан ворхалъулареблъи ва т1уваравлъун рик1к1унареблъи.

Т1аде щвараб 2019 соналда жаниб т1оцебесеб номер. Гьаб буго жакъасеб х1акъикъатго г1адаб: х1алакъаб, кьерукъаб, бег1 бекараб. Гьанжеялдаса нахъе, цойгидазулго г1адаб, ункъгьумераб, кьерал гьеч1еб, гвангъи ссвараблъун рещт1ина щибаб анкьил чапар нуж, ц1алдолезухъе. Нижее бокьун, я к1вах1аллъиялъ гуро. Г1асруялъулабг1ан тарихалда жаниб газеталъул ч1ег1еркъоял гьанже гурого рещт1инч1олъиялъ. Ц1алулел-хъвалел, лъай борхизабулел ишазда хурхарал идарабазе къо бахъанаг1ан т1ок1лъулел гьеч1о г1арцулал сурсатал, ссун унеб буго гьездехун х1ажалъи, т1адчаг1аздаса байбихьун жибго халкъалъулги. Гьедин хисула щивасул рак1бац1ц1адго гьабулеб бук1араб х1алт1уде бербалагьиги-баркала щолареб гьабич1ого тола, бихьулареб-загьир гьабуларо, ц1уралъухъ данде ц1ураб бегьула.

Кин-щиб кканиги, баркатаб батаги нужее, хириял, т1аде щвараб сон! Газеталъул хут1араб ункъабго (гьаб к1очараб бихьугегийин, амин) гьумералдасанги нужеда рохалил гурел харбал лъагеги. Вассалам-вакалам.

Просмотров: 476 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz