«Гьурраян» ах1иялъ гуро ват1аналде рокьи борцунеб
Россия дунялалдаго бищун кутакаб, къуватаб, бечедаб (гьа, нужее бокьани, территориалияб рахъалъиланг1аги те, бихьулеб бугин хьими нужер гьурмазда) пачалихъ бугилан ах1улеб буго щибаб бок1оналдасан, щибаб компьютер – телевизоралдасан, иту - чайникалдасан. Нилъер президент бищун ц1акъавги - т1ок1авги вук1иналъул, СССРалдасаги нусго нухалъ лъик1аб улкаялда г1умру гьабун нилъ рук1иналъул (хас гьабун дида гьикъани, доб совет х1укуматалъул цо къоцин кьелароан дица жакъасеб Россиялъул г1асруялъухъ) г1адамал руге-ругелъуб, рорхатал трибунабаздасан, данделъабаздасан ах1и бай рик1к1унеб буго ват1аналде рокьиялъул, ай патриотизмалъул бищун т1адег1анаб мисаллъун. Лъаларо, нужее кин бугебали, амма дие халлъухъе-«Ват1аналъе г1оло, халкъалъе г1оло!» ян рокьукъав тушманасде данде гьужумалъ рорти гуро жакъа ват1ан бокьиялъул г1аламатлъун бугеб, ялъуни эркенлъиялъе г1оло рагъул соназ нилъер к1удиял инсабаз г1адин бер къапич1ого г1умру кьей гуро, к1ал пасих1ал политиказда хадурги рилъун, «гьалцоял – квешалин, долцоял - щокъалин» рогьралги ран, доб лъималазул «хъачагъ кквей» х1аялда кинниги, нилъерал –чияралги гьарун къват1исел х1укуматаздаса ччех1 теч1ого чиясдехун рокьукълъи бихьизаби «кколеб раг1ула» гьеб патриотизм абураб г1акъилаб раг1и. Бищун к1удияб «рокьи» гьал баллагь «патриотазул» загьирлъула СШАялъул президент Барак Х1усенич Обамадехун. Гьев гъаримасул IQгицин (лъаялъул коэфициент) лъалеб буго азда орангутангалъулалда (маймалакалъул цо тайпа) бащадаб бук1ин. Лъаларо, Путинил гьеб IQ борцунев чиго ккеч1огойищ, ялъуни ккараб х1асил къват1ибе кьезе к1олев бах1арчиго вахъинч1огонищ, гьеб дида цониги бак1алда рехсолебго раг1ич1о.
Мун унго-унгояв патриотлъун рик1к1ине ккани, цох1о Х1усенич рихун г1олароха цинги. Рихараллъун ва рокьукъаб «ч1ег1ералин» т1ок1ц1ар лъураллъун рук1ине ккола дуе саг1удиязул улкабазул, гьанжесел т1алабазда рекъон-Турциялъулгун Сириялъул дагьабниги мах1 бугелщинал чаг1и.
Гьеб мехалъ ккола мун унго-унгояв рассс-си-я-нин. Патриот! Ва к1вар гьеч1о дол т1адехун рехсарал дургун динцоял рук1иналъул. Г1ажаибго ццим бахъуна дир доб Сириялда гъурулеб бугебщинаб халкъ «киг1ан лъик1илан» абулел т1ом бицатазда, рич1ч1уларо К1удияб Ват1анияб рагъул к1вар бугел тарихалцин жидеда лъаларел, амма улкаялъул т1адч1аг1и чияр х1укуматалъул сиясаталде гьоркьоре лъугьин к1удияб цебет1ейлъун ва патриотизмлъун рик1к1унел г1оркьилазда. Т1адехун рехсараб буго цо дир пикру, нужер ихтияр буго гьеб г1ахьал гьабич1ого тезе. Дирго гьаб калам лъуг1изабилаан макъалаги ц1алун диде г1айибазул ц1ад базабулездехун гьадинаб хит1абалдалъун: дидаги к1ола Турциялъул помидоралгун мандаринал кванач1ого, х1атта, гьезул сериалазухъцин балагьич1ого йик1ине; диеги хиралъараб къавм гуро Америкаялъул миллат; ц1акъго х1аракат бахъани бажаризе бегьула инсаниятго бахилаб «ракълилаб» политикаялъул хан Россия бугин одаби ах1изеги. Ц1ияб чвахиялъул «патриотазул» къануназда рекъон, гьеб мехалъ хъвалей ятила дун нужер кьеразулъе. Амма диего дица т1аса бищилаан г1иц1го раг1абаздалъун геройлъиги патриотизмги гуреб, г1агараб ракьалде къо ккедал, щибго церерахъинал, докладал, иллагьияб рокьи бихьизабиялъул номерал гьарич1ого, хъван г1арзагун рагъде унезул г1адаб къимат. Вассалам вакалам.
|