1 октябралъ Авартеатралда "Хундерил жамаг1ат" жамг1ияб г1уц1иялъ т1обит1ана, Шамил Мух1идиновасул адабияталъул сордо.
Гьеб тадбир нухда бачана Дагъистаналъул халкъияв артист Хирамух1амад Хирамух1амадовас. К1алъазе рахъана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мух1амад Ах1мадов, Халкъияй поэт Залму Батирова, мац1алъул ва адабияталъул институталъул директор Мух1амад Мух1амадов, бекьеч1дерил школалъул директор Пат1имат Х1амзатова, Дагъистаналъул мустах1икъай учитель Сарат Мух1умаева ва гьел гурел цойгидалги. Шамил Мух1идиновасул куч1дул ах1изе ва рик1к1ине цере рахъана Дагъистаналъул халкъияв артист Х1амзалав Х1амзалов, бекьеч1дерил росдал ва Г1арада хъутаналъул школазул ц1алдохъаби, Гъизилюрталъул 7 школалъул ц1алдохъаби.
Г1енеккаразе ц1акъ асар гьаруна Шамил Мух1идиновас жинцаго ц1аларал куч1дузул.
Г1алимзабаз, шаг1ирзабаз, учительзабаз, журналистаз, киналниги Шамил МухIидинов лъалез к1удияб къимат кьуна гьесул, г1ун бач1унеб г1елалъе тарбияги лъайги кьеялъе гьабулеб х1алт1уе, пагьму-гьунаралъе, г1аданлъи-чилъиялъе.
Ахиралда, тадбир т1обит1изе х1аракат бахъараб ва гьеб нухда бачараб "Хундерил жамаг1ат" г1уц1иялъул рахъалдасан к1алъазе вахъарав, гьеб г1уц1иялъул цевехъан Ах1мад Х1осеновас абуна: "Шамил Мух1идинов вуго кутакалда Ват1анги бокьулев, гьениб лъугьунеб-бахъунелда рак1ги унтарав чи. Щиб тадбир гьабулеб бугониги, ниж уна гьесда дандги базе, г1акълуги ц1ехезе. Гьале гьадинал чаг1аздаса босизе ккола нилъер г1ун бач1унеб г1елалъ мисал", - илан. Тадбир т1адег1анаб даражаялда нухда бачине квербакъаразе баркалаги кьуна Ах1мадица.
Адабияталъул сордо раг1алде бахъингун, театралъул фойеялда, Г1ашурадал къоги к1одо гьабун, киназго х1албихьана хундерил могьол.
Г1АБДУРАХ1МАН Г1АБДУРАХ1МАНОВ.
|