Пятница, 19.04.2024, 04:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 10 » РАСУЛИЛ РОЛЬ Х1АЛАГО...
16:00
РАСУЛИЛ РОЛЬ Х1АЛАГО...

Х1амзатил Расулилги дирги цоцаздехун хурхен гьит1инаб къоялдаса нахъего бук1ана. Гьелъие г1иллаги ниж г1агарал чаг1и рук1ин бук1ана. Жеги лъимерлъиялдаго Расулил к1алдир ругьунал раг1аби рук1ана: "Эменги дунги к1иялго поэтал ругилан" абулеб. Г1емер гьел раг1аби Расулица такрар гьарун толареб мехалъ к1удияв вац Ахилчица абуна, веццарилев вук1инч1ого, цог1аги кеч1 щайха ц1алуларебилан. Гьаракьги биччан, чвахун бач1унеб хехаб лъаралда релълъун, Расулица ц1алана инсул "Талгиялда хъизаналъул культу­ра” абураб кеч1. Гьеб инсул кеч1 бугин цо дурабго ц1алеян абидал, Расулица жаваб кьуна жиндирги инсулги ирс жеги бикьун гьеч1илан.

Г1араниб школа-интернаталдаги ниж цадахъ ц1алулел рук1ана. Дида лъик1го рак1алда буго Расул суфлерлъун Авар театралда х1алт1улеб мех. Артист х1исабалда сценаялда Расулил куч1дул ц1ализе дица байбихьана Ват1анияб рагъул соназда.

Рагъ ккана, къо щвана, кьвагье бах1арзал,

Тушман ракьалда лъе, ракь нилъейго те.

Хъубаб квер биххана, халгьабе вацал,

Фашист лъелъ къазаве, нилъго т1ад лъеде!...

Гьелдаса нахъе дица халкколеб бук1ана Расу­лил гьунаралда хадуб.

Жеги г1олохъанго вук1адго жиндирго куч1дузе цебераг1илъун хъвараб Расулил гьаб кеч1алдалъун байбихьулаан дица гьесул шиг1раби халкъалъе ц1ализе:

Йохъ, дица кеч1 хъвалеб кепалъе гуро,

Ва компаниязда ц1ализе гуро,

Дица кеч1 гьабула гьалагаб рагъда

Дирго гьудуласе кумек гьабизе...

Расулил куч1дул руго ч1олохъжоги бахъун авлахъалде биччараб чуязул илхъи г1адал эркенал. Кибего х1ет1еги-берги щолел, рахъ гъваридав хурухъанасдаги, хариниб ч1ч1ва г1ат1идав вецарухъанасдаги релълъарал.

Расул Х1амзатовасе хасиятаб жо буго жинца хъваралщинал асарал басмаялде кьелелде цин цереккун гьел поэтазе, артистазе ц1алулеб. «Г1ахьалаб чед» абураб т1ехь Расулица ц1алулелъул, гьелъухъ г1енеккаразда гьоркьов дунги вук1ана. Жеги редакторасул х1ухьел хъвач1еб - ц1ияб гьеб т1ехьалдасан дирго репертуаралде гьоркьобе бачун бук1ана дица «Ц1огьабазул кеч1». Гьеб кеч1алъе дандекколеб бакъанги ургъун, т1оцебе дица гьаб ах1ана телеэкраналдасан. Нахъисеб къоялъ обкомалъ дида ль\ъазабуна цин т1ехь басмаялде бахъизег1ан г1едег1угейин ц1огьал какизеян. Гьеб paгlyца г1ин кьурарав дунги г1енеккун ч1езе ккана.

Гьеб хабар раг1идал Расулица жеги басмаялъул забру бакъвач1еб ц1ияб т1ехь бач1ана дие бит1ун. Т1адги хъван бугоан гьадин:

"Мах1муд гьанже ц1але ц1огьазул сарин,

Судалде мун ккани вихьизаве дуни.

Р. Х1амзатов

Нуг1зал г1емераб лъугьа-бахъин бугелъул бук1араб куцалда бицинин цоги лъугьа-бахъин: Мах1ачхъалаялда Авартеатралъ бихьизабулеб бук1араб Расул Х1амзатовасул "Рек1елъ бакараб ц1а” абураб спектаклялда Расулил роль х1алаго дун музыкантазул гвандиниве вортана. Лъавуде вач1индал дир бер реч1ч1ана Расулида. Киг1анго унтуца х1алгьабулеб бук1аниги, гьеб бахъизе г1адинго дица Расулида абуна: "Т1ок1алъ дир чорхол къуват г1олеб гьеч1о халкъалда цеве вахъине, дурго ролалъе ахир лъезе мунго щай сценаялде вахъунарев?" - ян. Цинги Расулица дида абуна: "Вай дир хирияв, гьудул Мах1муд, дица 50 соналъ х1алеб буго Расул Х1амзатовасул роль, дудайин абуни цо саг1атгун бащдалъ ях1 гьабизе к1веч1о дир ролалда. Бигьаяб жо гуро гьудулавчи, поэтлъун вук1ин". Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб хъвараб буго Расул Х1амзатовас: «Гьаб ккараб иш буго, ургъараб гуро» абураб бет1ер бугеб кеч1ги.

Мах1муд Г1абдулхаликъов,

Г1агарав чи, дир гьудул,

Дагъистаналъул артист

Аваразул Насрудин...

Лъик1ав поэт лъик1ав г1аданлъунги вук1ине ккола. Г1адан х1исабалда Расул вуго х1алимав, xleренав, гурх1ел-ц1об жиндилъ бугев унго-унгояв маг1арулав.

Рик1к1адаб сапаралдаса вуссун хадуб Расулил т1оцебесеб суал бук1ана жив зигара базе ине кколеб бак1 бугебищилан. Унта-шокъав чи вугищилан. Нагагь батани, кинабго ишги рехун тун, т1оцеве гьениве вортула Расул.

Гьац1улъ х1еги xlaнилъ расги камуларин абухъего, киг1ан Пат1и­мат хадуй ч1аниги. Расулида ч1инкьа-г1инкьи тезабизе к1веч1о. Гьет1араб т1илил бит1араб раг1ад лъугьунарила, жив вижахъе теян абулаан гьелдаги Расулица.

Расулил х1акъалъулъ цо-цо маг1арулаз дида гьикъула гъос как балищан, к1ал кколищилан? Дица гьединазе жаваб кьола, гьеб бугин Бет1ергьанасдаги Расулидаги гьоркьоб бугеб иш, дун гьезул ишалде гьоркьове лъугьунарилан. Амма цо рамазан моц1алъул бакъанил г1ужалда Расу­лица дида гьикъана марк1ач1ул мех саг1ат чамалдайин щолебан?

Расулил х1акъалъулъ бицине гуреб жо батуларо, ургъанаг1ан гьел иргадал рак1алде щола. Цо нухалъ Расулил кабинеталда г1одорги ч1ун хабар-к1алалда ниж рук1аго т1аде лъугьун рач1ана мугжул хъах1лъарал хараби. Саламалда хадуб гьез Расулида абуна жал духъе рач1ун ругин рит1ухълъи балагьизеян. Расулица гьезда абуна рит1ухълъиялда хадур нуж халат хьвадизе кколила, къвариг1ел жинда бицеян. Гьез абуна: нижее Шураб мажгиталда мих1мара базе горкомалъ толеб гьеч1ин, гьелъие дудасан кумек гьарун рач1ун ругилан. Г1емерго халатбахъинч1еб телефоналъулгун к1алъа-басайги гьабун нужер мурад т1убанилан хараби нухт1а т1орит1ана.

Гьабураб лъик1лъи бицине батула. Бицун х1алк1веларо Расулил сахаватлъиялъул. Гьесде ва гьесул гьунаралдехунги бугеб рокьи маг1арулазул чучич1о ва чучизеги гьеч1о. Гьесул гьайбатаб, роц1ц1араб, г1урул чвахиялда релълъараб куч1дузул байрамги рак1-рак1алъ баркулаго коч1ол мухъаздалъун дие абизе бокьун буго:

Кьварарав Шамилил бах1арчияб халкъ

Халкъул г1аламалда т1атинабунин.

Гьанже дур кеч1 бугин Дагьистаналда

Дуниялги сверун гъаст1е буссунеб,

Гьит1инаб халкъалъул к1удияб гьаракь

К1удияб халкъалда раг1изабураб.

Гьеб гьаркьихъ г1енеккун къункърабазул т1ел

Къилбаялде руссун, роржунел руго,

Гьеб гьаркьихъ г1енеккун кьварарав

Мах1ач Мах1ачхъалаялда чот1а эхетун.

Расул, дур кеч1 буго куркьбал щулияб

Расул, дур кеч1 буго Кавказ ч1ух1араб,

Расул, дур куч1дузул гьаб мажлисалда

Расул, мунго тун лъик1 гьелъул тамада.

Анкьил тарихалда хадуб нолги лъун

Мун херлъизавизе хиялищ азул?

Цебе цойилги лъун лъабгоги тарих

Тела дуца нахъа хъван батанани.

 

 

Маг1арулаз

жужах1алъуре щал рехулел

Кинаб хъит1ниб лъаларо,

Кинаб к1к1алахъ лъаларо,

К1удияб жужах1 бугин

Маг1арул аби буго.

Аза-азар сонил ц1а

Ссунареб, гьелегьараб,

Гьалагаб бац1илаб к1ал,

К1улал рач1еб, рагьараб.

Гьелъул к1алт1а эхетун,

Борхалъуда маг1арда

К1иго хъаравул вуго –

Цо ч1ег1ерав, цо хъах1ав.

К1иявго – маг1арулав, -

Нак1к1икь кьураби г1адал;

Гьезда цебе т1ибит1ун

Т1олго Дагъистан буго.

Азарил сонал рарал

Маг1арул диванчаг1и,

Дица гьезда гьикъана

Такъсиргун тамих1алъул.

Бищун цере жулица

Жужах1алъуй щал гъолел?

Бищун цере гъец1алъ ц1ан,

Ц1адулъе щал рехулел?

Хъалиян ц1алеб къавмищ,

Ц1огьод гьекъолдулелищ?

Ц1уял жалазда хадур

Сент1олел бах1риялищ?

- Гуро, - ян жаваб кьуна

Жужах1алъул бут1руца, -

Жулица бищун цере

Мац1ихъаби ц1ехолин.

Жужах1алъул т1иналде,

Гьелегьараб ц1адулъе,

Гьел цере рит1ич1ого,

Цогиял риччаларин.

Гьез ч1варабщинаб рокьи,

Ч1инт1арабщинаб талих1!

Щущазе гьабунщинаб

Гьайбатаб сардил макьу!

Х1айранаб т1егьалъул гьез

Т1езабун заз гьабуна,

Панаяб г1ищкъул каранлъ

Г1умруялъ гьеб х1енсана.

Гьез бах1арзал лъукъана,

Гьез коч1охъаби ч1вана, -

Киб бугеб гьез лъукъич1еб

Машгьурлъи, ц1ар, берцинлъи!

Гьабсаг1атги дуниял

Гьезул мац1аз ц1ун буго.

Ц1огьал г1адин гьедула,

Ц1ук1ай г1адин г1одула.

Г1одула агьиялда

Пашманго гьеч1ониги,

Гьелдасаги квешаб жо –

Кеп щвеч1ого релъула.

Гьанже жужах1 гьеч1илан

Гьаб нилъер улкаялда,

Гьел ц1акъго ч1ух1ун руго,

Иях1 тун лъугьун руго...

Гьедин жаваб кьуна дий

Жужах1алъул бут1руца, -

Бит1ун гьабулеб буго

Maгlapyл диванчаг1аз.

Дунги мац1ихъабаца

Рах1ат теч1ев инсул вас,

Гьерсихъабаз нусц1уса

Рак1 лъукъарав коч1охъан.

Дица абулеб буго

Дагъистаналъул рахъалъ;

Жужах1 гьеч1еб батани,

Гьеб гьабизе ккун бугин;

Киналго мац1ихъаби,

Гъванщаги ккун, рехизе

Гъварилъуде, бух1араб

Лах1туялъул т1иналде!

 

Херлъи

Гьанибги ч1алг1ун буго,

Хвезеги бокьун гьеч1о, -

Гьаб хасалил халатаб

Сордо кида рогьунеб?

Ц1ва хьулалъул боржана,

Ц1а г1ищкъуялъул свана, -

Г1умруйищ гьаб, хвелищ гьаб –

Лъица дида бицинеб?

Г1умруйищ гьаб бук1инеб,

Кьоло-гъолораб чоде

Чияца ккун гурони

Вахине к1оларев дир?

Ч1аго вугин абилищ,

Йокьулей г1аданалда

Макьилъ гурони дица

Къвал балареб мехалда?

Г1олохъанлъи кинаб гьаб,

Коч1ое гьаракь къараб?

Кодобе кьураб к1ат1ах1

К1алдиб босзе к1олареб?

Мун гьудулзабаз тараб,

Гьудулзай дуца тараб,

Гьалда лъолеб ц1ар кинаб,

Т1ерхьун унеб ц1ва, бице?

Ц1ваялъ дида абула,

Дуй жеги зани ч1вач1ин,

Амма ч1аголъиялъул

Ахираб ригьде щванин.

Ц1ваялъ дида абула,

Жеги дур къоял инч1ин,

Амма дол къункърабаца

Дуй бак1 къач1алеб бугин.

 

 

Гьанже гьаб дир гьоко эхебе ана, -

Ахириял ц1аял г1асрудал гъасда.

Дихъе хвел бит1уге хасало, Аллагь, -

Хабада дир гьудул квачазе гурин.

Дихъе хвел рещт1унге г1урччинаб ихдал, -

Аваралъ ч1ег1ераб ч1инч1у т1ад ч1вазе.

Дун хвезе виччаге, мех ц1араб бертин

Ц1ада г1олохъабаз нахъ т1амиледухъ.

Т1адег1анав Аллагь, хвезе виччай дун,

Цох1о лъиданиги лъалареб куцалъ.

Гьудул пашманлъич1еб, тушман вохич1еб

Ахир цо машгьураб гьеч1еб гьабе дий.

Биччай дун рехараб чу х1их1идизе:

«Х1амзатов сапаралъ анин, вуссини».

Нуха дандч1вараца дун гьикъанани,

«Рокъов танин абе, хехго вач1инин».

Абе, сардалги ч1ван, сариналги хъван,

Свакарав цодагьалъ кьижун вугилан;

Гьаб ц1ад къот1арабго, къо бач1арабго,

Гъов «рорч1амийилан» вач1ине вугин...

Дун анилан абе Мадинаялде,

Муг1рул имамасул хабаде щвезе.

Яги бице, танин дун Карпаталда

Цо кавказиясул кагътал ц1алулев.

Дун вугеб бак1 лъазе поэтал ц1ехе,

-Гьел кир рук1аниги, дир росдал чаг1и.

Ц1ехе дун ватизе гьайбатал ясал, -

Гьел к1очараб къоялъ дун къаникь вугин.

Индонезиялда, Мозамбикалда,

Доб Мексика, Куба - киб бук1аниги...

Кодоб ккураб бокал, гьелда ц1ехе дун,

Доб Ц1ада росулъа чи лъаларищан.

Ц1ехе, ватила дун... Амма ц1ехоге

Гьал-дол собраниялъ, гьегьал сессиялъ.

Гьениб дунги кеч1ги нек1ого хвана

Яги дун хисарав, бат1ияв вуго.

Гьанже гьаб дир гьоко эхебе ана, -

Ахирияб хведер г1асрудал гъасда...

 

Кьоге дихъе чагур

Кьоге, кьоге, кьоге дихъе гьеб чагур, -

Чоца г1ypy г1адин, танин гьаб г1умру.

Т1оге, т1оге, т1оге т1ок1аб гьеб чагъир, -

Чашкаялъул т1инда бихьулин загьру.

Замана - техтеро... Гъугъадулеб зоб,

Гъулдузде бараб ц1ад, ана дир гlacpy.

Г1урччинаб рохалил пашманал хурдул

Хабазда шуршула, лъуг1ана шиг1ру.       

Лъукъарал дир къасдал, къоринир ккарал,         

Къват1ире харизе кварго кварилан.

Дихъе рехараб квар кколаго т1ола,

Т1аде харулев дун г1одой вортула.

Дир г1ищкъул х1исабал, х1орда ц1ерги т1ун,

Гъоре т1инде арал, - кверго кверилан.

Дихъе бегьараб квер кколеб борч1ула,

Дун, гамач1 кинигин, ахаде уна.

Мун ккураб оцалъул лълъурдул рекунищ?

Лъутун унеб буго унтараб дунял.

Рагьунги ч1оларел, къанги ч1оларел,

Даим къиркъидулел къарнудал нуц1би.

... Кьоге, кьоге, кьоге дихъе гьеб чагур, -

Чоца гlypy г1адин, тана гьаб г1умру.

TIoгe, т1оге, т1оге т1ок1аб гьеб чагьир, -

Чашкаялъул т1инда бихьула загьру.

 

 

 

 

 

Просмотров: 1460 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz