Араб анкьалъ райадминистрациялда т1обит1ана ракьул реформабазда хурхун семинар-совещание. Данделъиялда г1ахьаллъана Дагъистан республикаялъул Бет1ерасул муг1рузул территориалияб округалда вугев вакил Зайнулг1абидов Мух1амадх1ажи, республикаялъул Пачалихъияб мал-мулкалъул министр Г1имран Х1усенов ва Хунзахъ районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов. Гьединго данделъиялда г1ахьаллъизе рач1ун рук1ана муг1рузул территориалияб округалде гьоркьоре унел районазул бут1рузул агропромышленнияб комплекс цебет1еялъул жавабчилъи жидеда т1аде кколел заместителалги.
Данделъи рагьана Мух1амадх1ажи Зайнулг1абидовас. Гьес бицана нилъер республика аграрияб бугониги, г1езег1ан г1унгут1аби ругин республикаялъул ва хасго муг1рузул районазул агропромышленнияб комплексалдаян. 100 азарго гектар ракьул бугила рехун тун, гьединго иш лъик1 гьеч1ила ахал ва овощал г1езариялъулъги.
Г1имран Х1усеновас бицана жакъа республикаялда ракь х1алт1изабиялда цере ч1арал аслиял масъалабазул. К1вар буссинабуна республикаялъул маг1ишатаз ракьул участкабазул арендаялъухъ кьезе кколеб г1арац к1ванаг1ан хехго кьезе ккеялде ва росдал маг1ишаталъе к1вар бугел ракьазул г1урхъаби ч1езариялде. Республикаялъул Пачалихъияб мал-аулкалъул министерствалъул отделалъул начальник Гьарунов Арсеница бицана Дагъистаналъул муг1рузул районазул маг1ишатазул ракьул участкабазул арендаялъухъ кьезе кколеб г1арац 30 миллион гъурущалде бахун бугилан. Нилъер районалъул маг1ишатазул налъи бахун бугила 2 миллионалде, гьезда гьоркьоса бищун ц1ик1к1араб налъулаллъун кколел руго «Ц1ияб г1умру» ва «Тельманил» ц1аразда ругел СПКаял. Росдал маг1ишаталъул к1варалъул ракьазул г1урхъаби ч1езариялъул план 47 % т1убазабун буго нилъер районалда. К1алъаялъул ахиралда Арсен Гьаруновас лъазабуна налъи кват1изе тарал маг1ишатазул ракьал аукционалда лъезе ругилан. Г1одор ч1араз кьуна жидерго суалалги. Данделъиялъул ахиралда Саг1ид Юсуповас баркала кьуна киназего ва ах1ана цадахъ рекъон х1алт1изе. Х1акъикъаталдаги республикаялъулги районалъулги аслияб бет1ербахъи росдал маг1ишаталдасан бугелъул, хьул буго иш т1аде кколез данделъиялда рехсарал г1унгут1аби т1аг1инариялде ц1ик1к1араб к1вар кьелилан.
И. Мух1амадов.
|