Четверг, 28.03.2024, 16:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 11 » РАК1АЛДЕЩВЕЯЛЪУЛ ТУРНИР.
19:42
РАК1АЛДЕЩВЕЯЛЪУЛ ТУРНИР.

2-3 апрелалда г1адатлъун лъугьахъе Хунзахъ т1обит1ана «Мужество» орденалъул кавалер, нилъер ч1ух1и ва унго-унгояв бах1арчи Х1усейнов Мух1амад рак1алде щвезавиялъул мурадалда бат1и-бат1иял соназ росдал гьоркьохъеб школа лъуг1ун арал выпускниказда гьоркьоб волейболалъул турнир. Гьеб турнир т1обит1улеб буго районалда 1995 соналдасан байбихьун, 2003 соналдаса нахъе гьеб бухьинабун буго Мух1амадил ц1аралда.

Цереселго г1адин, исанасеб турнирги г1уц1ун бук1ана бах1арчиясда цадахъ ц1алараз, х1алт1араз ва гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ. Исанисеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анц1го командаялъ. Гьезда гьоркьор рук1ана гьал г1агарал соназ школа лъуг1арал г1исинал г1олилалги к1икъоялда анц1илъа сонал арал волейболалъул ветераназде г1унт1унги бат1и-бат1иял г1елазул командаби.

Турниралъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун, гьеб рагьана аслияв судья Малачиев Шамилица. Бах1арчиясул классцоязул рахъалдасан к1алъай гьабуна Г1алиханов Расулица.

Гьединго, турниралъул г1ахьалчаг1азе бит1ккейги гьарун, к1алъазе вахъана районалъул волейболалъул ветеран Хочоев Г1арип. Гьес г1олохъаби ах1ана гьанжесел г1олилазда гьоркьор т1ирит1ун ругел гьекъел-мехтел ва наркотикал х1алт1изари г1адал заралиял жалаздаса рик1к1адги ч1ун, спорталде к1вар кьезе, хасго районалда гьелъие лъик1ал шарт1ал г1уц1ун ругелъул. Турнир рагьи берцин гьабун бук1ана Расул Г1амирхановас куцарал г1исинал акробатазул церерахъиналъги.

Хадуб байбихьана х1аязде. К1иго къоялъ халат рахъарал х1аязул х1асилалда финалалде рорч1ана 2003 ва 2011 школа  лъуг1арал выпусказул командаби. Х1алуцараб, кор боркьараб х1аялда 2-0 х1исабгун, дандиязда т1ад бергьенлъиги босун, 2003 соналъул команда бахъана чемпионлъун. Лъабабилеб бак1алъе мустах1икълъана 2012 соналъ школа лъуг1аразул команда. Турнир къалаго, гьелъул г1ахьалчаг1азе баркалаги загьир гьабун, к1алъазе вахъана бах1арчиясул вац Х1усейнов Дибир. Т1оцебесеб бак1 ккураб командаялъе баркиялгун сайгъатал гьаруна хундерил бегавул Т1алх1атов Хизрица ва Хунзахъ т1оцебесеб школалъул завуч Г1алибегов Мух1амадица. Призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок ва медалалгун г1арцулал сайгъаталги. Гьединго хасал сайгъатал кьун к1одо гьаруна щибаб номинациялда бищунго х1аракатал игрокалги: бищун лъик1ав игрок-Г1умаров Зубайир (2003 с.); бищун лъик1ал гьужумалъулал-Гъайирбегов Гьит1ин (2011 с.) ва Хъайнтмазов Мух1удада (2012 с.); бищун лъик1ав защитник-Гьит1инов Мух1амад (2006 с.); балагьаразул рак1ал асир гьариялъул приз кьуна Гъайирбегов Гьит1иние (2011 с.).

Абизе ккола, чанги махщел камилал игрокал дора-гьанир рук1ун, х1алт1удасан ва ц1алудаса рач1ун бажарич1ониги турнир анин т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялдаян.

И. Мух1амадов.

 

Просмотров: 561 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz