Суббота, 20.04.2024, 14:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 28 » РАК1АЛДЕЩВЕЙ.. КЪАНИКЬ РУКЪАНИГИ КЪАДРУ ХОЛАРО.
20:41
РАК1АЛДЕЩВЕЙ.. КЪАНИКЬ РУКЪАНИГИ КЪАДРУ ХОЛАРО.

Г1умруялъул берцинаб лъалк1ги нахъе тун 2016 соналъул 2 декабралъ нилъедаса ват1алъун абадияб рокъове ана Малламух1амадов Камил Х1ажиевич. Гьев вук1ана бажари бугев г1уц1арухъанги, махщел т1ок1ав педагогги, г1адамазда гьоркьоб къадру-къимат бугев, бег1ераб ва гъваридаб лъаялъул, унго-унголъунги лъик1ав инсан.

К. Х1. Малламух1амадов гьавуна 1930 соналъул 27 июналъ. 1944 соналъ ц1алун лъуг1изабула Гьамущи 7 сонилаб школа ва гьебго соналъ х1алт1изе лъугьуна росулъ рагьараб изба-читальнялъул заведующийлъун. 1946-1948 соназ х1алт1ула байбихьул классазул учительлъун гьебго росулъ. 9-10 классазда ц1алана Болъихъ рагьараб гьоркьохъеб школалда. Гьениб школаги лъуг1ун 1953 соналъ Камил Х1ажиевич ц1ализе лъугьана Краснодар краялъул Ейск шагьаралда бугеб рагъулабгун авиациялъул училищалде. Цо лъаг1елалъ гьенив ц1алидал, гьев комиссовать гьавула чорхол сахлъиялда бан. Гьенисан т1ад вуссингун гьебго соналъ гьев ц1ализе лъугьуна Буйнакскиялъул аварпедучилищалде.

Лъик1ал х1асилалгун гьебги лъуг1ун т1ад вуссарав Камил х1алт1изе т1амула Болъихъ районалъул Рик1к1вани росдал 7 сонилаб школалде директорлъун. Гьенив х1алт1улев заманалда Камил Х1ажиевич ах1ула Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. 3 сонги гьениб бан, Ват1аналда цебе т1адаб налъиги т1убан т1ад вуссарав гьев х1алт1изе лъугьуна добго Болъихъ районалъул Ансалт1а росулъ учительлъун. Гьенисаги гьев вачуна Кьохъ росдал микьго сонил школалде. Кьохъ школалда х1алт1улаго гьесул лъай-хъвай ккола жиндир йик1инесей г1умрудул гьудул, Москваялдаса Дагъистаналде х1алт1изе йит1ун яч1арай г1урус учительница Ермолаева Нина Георгиевналъулгун. Доб бук1ана улкаялдаго т1адег1анаб лъай бугел г1адамал къанаг1ат гурони гьеч1еб заман. Лъай гьеч1олъиялде данде къеркьолеб, ц1и-ц1иял мактабал рагьулеб гьенир х1алт1изе учительзаби х1ажатаб мех. Т1адег1анаб лъай бугел г1олилал СССРалъул бокьараб бак1алде рит1улел рук1уна х1алт1изе. Гьедин Дагъистаналде бит1араб цо къокъаялда гьоркьоса рикьулаго Кьохъ росулъе ккола Нина Георгиевнаги. Кьохъ г1уц1ула гьез ц1ияб, берцинаб хъизанги. Гьенивго х1алт1улаго заочно Камил Х1ажиевичас ц1алун лъуг1изабула Дагъистаналъул пачалихъияб университет. 1961 соналъ хъизангун цадахъ гьев вуссуна г1агараб Гьамущиб росулъе ва х1алт1изе байбихьула 8 сонил школалъул завучлъун. К1иго соналъ гьабула гьебго школалъе директорлъиги. 1964 соналъ гьев вищула «Баг1араб октябрь» колхозалъул председательлъун. Колхозалда х1алт1улеб заманалда г1адамазул рук1а-рахъин лъик1лъиялъе, росдае х1ажатал г1емерал лъик1ал х1алт1аби гьаруна Камил Х1ажиевичас. Доб заманалда жеги росулъе бук1инч1о шагьра нух Харахьиса Гьамущибе 5 км. манзилалда бахъана машинаби хьвадулеб нух. Росулъе Харахьиса бачана ток, бана пекарня. Гьедин колозалъул ишал т1уразарулев Камил вугеб заманалда бажарун ва г1уц1адго школалъе директорлъи гьабулеб бук1ана Нина Георгиевналъ.

1966 соналъ колхозалъул х1алт1иги тун Камил т1ад вуссуна школалде г1уц1арухъанлъун. Т1уразарулаан жамг1иял х1алт1аби. Гьелдаса нахъе 1984 соналде щвезег1ан гьев х1алт1ана школалъул г1уц1арухъанлъун. Гьесул педагогикияб стаж бахуна 45 соналде. К1удияб бут1а лъуна Камил Х1ажиевичасги Нина Георгиевналъги г1ун бач1унеб г1ел лъайгин тарбия кьун куцаялъулъ цох1о нижер Гьамущи-Мущули гуребги, Рик1к1вани, Ансалт1а, Кьохъ росабалъги. Гьел росабазул г1адамаз гьезул ц1ар адаб-х1урматгун рехсола гьаб жакъаги.

Школалъул х1алт1и таралдаса Камил Х1ажиевичас к1удияб бут1а лъуна росдал жамг1ияб г1умруялъулъги. Рак1 бац1адго т1уразарулаан т1адкъарал ишал, вук1ана Гьамущи колхозалъул ревизионнияб комиссиялъул председательлъунги. Камил Х1ажиевичасул жигаралда ва нухмалъиялда бараб буго жакъа нижер Ц1ияб Гьамущи бугеб мажгит ва аск1обго мадрасаги. Доб бук1инч1о гьаб жакъаг1адин ресалги ругеб садакъабиги г1емераб заман. Г1емераб г1акъуба бихьун жигар бахъана гьелъиеги гьес. Т1адег1анас азариде бахинабеги г1адамазе лъик1лъиялъе, г1аммал ишазе гьес бакъараб квер. Кинабго гьабунщинаб хъвазе х1ал к1веларо гьезул хъизамалъул х1акъалъулъ. Гьел рук1ана кинаб рахъалъ росаниги мисалияб хъизан. Т1олабго г1умру школалъе, г1ун бач1унеб г1ел бит1араб нухдаса шурич1ого церехун ине куцалаго анин абизе бегьула Нина Георгиевналъулги. Гьелъул г1акъиллъиялъулги г1ужилаб, х1акъаб каламалъулги бицен хут1ана росдаего. Бац1адго бицунаан маг1арул мац1, балаан как, ц1алана Къуръанги. Гьединай къадруяй, къо-ас ц1унарай Написатица босун бук1ана исламияб динги. Цадахъаб г1умруялъул 58 сонги бан, 2015 соналъул 17 ноябралъ къанщана берал гьей къанаг1атай т1абиг1ат-г1амалалъул г1адан Нина Георгиевналъ (Написат). Лъаг1ел гьоркьоб бахъун, 86 сонил г1умруялда ана Камил Х1ажиевичги абадияб рокъове.

Алжан кьун роххун ратаги. Амин!

Просмотров: 442 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz