Четверг, 28.03.2024, 20:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Январь » 29 » РАК1АЛДЕЩВЕЙ.. БОЖИ КОДОСЕВ ПОЭТ.
16:56
РАК1АЛДЕЩВЕЙ.. БОЖИ КОДОСЕВ ПОЭТ.

(Дагъистаналъул Халкъияв шаг1ир Заид Х1ажиевас 120 сон т1убаялде)

Т1оцебесеб нухалъ «Дагъистаналъул Халкъияв шаг1ир Заид Х1ажиев дида вихьана-1957 соналъул сентябрь моц1алъул ахиралда Хунзахъ росулъ. Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса 78 сон т1убай т1обит1изе Хунзахъе рач1ун рук1ана Мах1ачхъалаялдаса Дагъистаналъул машгьурал ва г1олохъанал поэтазул ва хъвадарухъабазул к1удияб къокъа. Гьезда гьоркьор рук1ана Расул Х1амзатов, Заид Х1ажиев, Х1ажи Залов, Мух1амад Сулейманов, Г1абут1алиб Гъафуров ва гь. ц. бат1и-бат1иял миллатазул поэтал ва хъвадарухъаби. Гьеб роххалилаб данделъи т1обит1улеб бук1ана Хунзахъ росдал к1удияб клубалда. Данделъиялде рач1ун рук1ана районалъул бат1и-бат1иял росабалъа, ва сверухъ ругел районаздаса г1емерал г1адамал. Клуб занк1ун ц1ун бук1ана. Хадур-цере Х1амзатил х1акъалъулъ к1алъазе рахъана поэтал ва хъвадарухъаби. К1алъазе раг1и кьуна Заид Х1ажиевасеги. Гьесул к1алъайги бук1ана г1емер халатаб гьеч1еб г1одове виччараб, маг1наяб ва гъваридаб г1енеккаразул рек1елъе бортулеб. Гьеб къоялъ дида бич1ч1ана Заид г1одове виччарав, х1еренав, г1акъилав ва пагьму бугев поэт вук1ин.

Т1оцебесеб нухалъ Заид Х1ажиевасулгун дир лъай-хъвай ккана 1961 соналъ Мах1ачхъалаялда. Гьеб заманаялда дун ц1алулев вук1ана Дагъистаналъул медицинаялъул институталда, т1оцебесеб куралда гьесул яс Зулх1ижатил бет1ергьанчи кколаан дир к1удияв вацг1ал. Гьезул хъизанги бук1ана Заидида цадахъ Мах1ачхъалаялда. Т1оцебесеб нухалъ вацг1алгун цадахъ, гьезухъе щвезе унаго нухда т1оцеве дандч1вазе вугев халкъияв поэтасдаса нечон, щиб гьабилебали лъаларого вук1ана дун. Дир х1алги бич1ч1ун, вацг1ал Мах1ачица абуна: «Мун расги нечоге. Заид вуго ч1ух1и гьеч1ев, г1адатияв чи, дудаго вихьила»-ян. Лъай-хъвай ккараб мехалда, Заид ва тана ц1акъ х1еренав, разияв, велъун гурони к1алъаларев, ц1одораб раг1ул, г1емер калам гьеч1ев чи. Заидил ч1ужу Г1абидатги йик1ана кидалго разияй, гьуинаб каламалъул, г1аданлъи бугей г1адан. Кида щваниги дир бугеб х1ал, ц1алул иш-кинабго ц1ехолаан гьес. Литература, поэзия гуребги гьесда лъик1 лъалаан Дагъистаналъул историяги. Заидица г1емераб бицунаан цебе бук1араб заманаялъул, Дагъистаналда бук1араб граждан рагъул, баг1арал партизаназул доб заманаялда Хунзахъ т1алъиялда бук1араб ах1вал-х1алалъул ва цойги бат1и-бат1иял лъугьа-бахъиназул. Дие гьесухъ г1енеккизе ц1акъ бокьулаан.

Дида кидаго к1очон толаро гьесул г1акъилал раг1аби. Дун тохтурлъун ц1алулев вук1индал цо-цо нижеда гьоркьоб бицен кколаан медицинаялъул суалазда т1асанги. Цо къоялъ Заидица абуна: «Тохтурасе лъик1аб лъай-махщел бугеб г1оларо, гьев вук1ине ккола рит1ухъав, г1едег1ич1ого г1адамазухъ г1ин т1амулев, ч1ух1и гьеч1ев, рак1 гурх1лев к1вах1 гьеч1ев чилъун. Тохтурасул берцинаб каламги рак1 батулеб раг1иги унтаразе лъик1аб дарулъун ккола, гьединавлъун вук1ине жигар бахъе дуцаги»-ян. Гьесул сипатги бук1ана ц1акъ рек1елъ босулеб, г1адатияб. Гьесухъ балагьараб мехалъ кколаан гьав чиясул киданиги ццинго бахъун батиларилан. Цо-цо ц1алудаса рег1ич1ого халат бахъун гьесухъе инч1ого хут1араб заманги кколаан дир. Цо къоялъ дун щвараб мехалъ Заидица абуна: «Гьале гьабсаг1ат дур бицунев вук1ана дун дурго гьав вацг1аласда-вах1, щайдай гьаб заманаялъ ваккич1ев, рехун танин дуца ниж»-ан. «Экзаменазул сессияги бук1ун вач1ине щвеч1о, т1аса лъугьа»-ян абуна дица. «Экзаменазда гьоркьобги х1алхьи гьабизе ккола»-ян абуна поэтас. Дун щиб абилебали лъач1ого бет1ерги г1одобе къулизабун вуц1ух1ун ч1ана. Доб сордоялъ цо чанго саг1ат Заидидаги ва вац1г1аласда аск1обги бан нахъе унев мехалъ киг1ан х1еренав чи вук1аниги поэтас дида кьварун лъазе гьабуна.

«Нахъойги мун вач1инч1они дица мун чилъунцин рик1к1ине гьеч1о, дида мун дирго васлъун гурони вихьуларо»-ян. Цо къоялъ гьезухъе щвезе араб мехалъ дица Заидиеги,Мах1ачиеги ц1алана т1оцебесеб нухалъ дица хъвараб «гьекъолдухъанасде» гьабураб кеч1. Ц1алун бахъарабго Заид к1ар-к1арун велъана, цинги коч1олъ ратарал цо-цо гъалат1алги рит1изаруна (чанго соналдасан гьеб кеч1 печаталда бахъун бук1ана)…

Институт лъуг1ун хадуб Гъизилюрт районалде х1алт1изе вит1араб мехалъги, Мах1ачхъалаялде кида щваниги дун Заидихъеги, вацг1ал Мах1ачихъеги щвеч1ого ч1олароан. Гьес гъираялда ц1ехолаан Гъизилюрт шагьаралда вацлъиялда г1умру гьабун ругел бат1и-бат1иял миллатазул, Хунзахъ районалъул Гъизилюрталъул зонаялда ругел гъутабазул ах1вал-х1алалъул, доб заманаялда жеги бан лъуг1ун бук1инч1еб Чиркей гэсстроялъул ва гь. ц. Гьеб заманаялда Заидица дие кьун бук1ана сайигъаталъе «Баг1араб отряд» абураб т1ехьги. Т1арамагъадисеб нухалъ дида поэт вихьана 1971 соналъул август моц1алда.

Дун гьанжего-гьанже ячарай лъадигун цадахъ унтарав Заидихъе ваккизе щвана. Киг1ан унтун вук1аниги х1ал лъазе биччач1ого, х1алимго ва разиго нижеда ригьинги баркун рахьи бана гьес. Гьелдаса хадуб г1емер мех бач1ого поэт г1умруялдаса ват1алъана….

Заид Х1ажиев вук1ана Дагъистаналъул бищун лъик1ал халкъиял поэтаздасан цояв. Гьес нахъа тана берцинаб ва г1адатияб г1умруялъул нух. Гьесул куч1дул, харбал руго ц1алдолезул рек1елъе рортулел гъваридаб маг1наялъул Заидил цойгидал асаралго г1адин дие рек1ее г1уна «Баг1араб отряд» абураб къисса. Гьелда бицунеб буго маг1арухъ Х1оцоса Нажмудинил бандазда данде Атаев Муслимил отрядал ва Баг1араб армиялъул частаз гьарурал рагъазул. Гьеб къиссаялъ рак1алде щвезабула маг1арулаз нахъа тараб рагъулаб ва ц1адулаб нух, кумек гьабула маг1арулазул г1ун бач1унеб г1елалъе жидерго умумузул бах1арчиял ишал лъазаризеги.

Т1алх1ат Ахъбердиев, Гъизилюрт шагьар.

Просмотров: 690 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz