Четверг, 25.04.2024, 10:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Январь » 27 » РАК1АЛДЕЩВЕЙ «АХ1УЛГОХ1» Г1АММАБ КЪИСМАТ.
21:03
РАК1АЛДЕЩВЕЙ «АХ1УЛГОХ1» Г1АММАБ КЪИСМАТ.

20 январалъ Унсоколо районалъул Г1ашилт1а росда аск1об рохелгун пашманлъиги, нилъер цебесеб тарихияб рак1алдещвейги жубараб ах1вал-х1алалда Дагъистаналъул т1алъи, динияб идараялъул вакилзаби, бат1и-бат1иял г1уц1абазул х1алт1ухъаби, росабазул жамаг1аталги г1ахьаллъун т1обит1ана «Ах1улгох1» культуриябгун тарихияб, г1аммаб рак1алдещвеялъул ва г1аммаб къисматалъул мемориалияб комплекс рагьиялъул тадбир. XIX г1асруялъул Россиялъул тарихалда аслияб бак1 ккола Кавказалъул рагъалъ. Г1асруялъул ункъил бут1а-25 соналдасаги ц1ик1к1араб заманалъ халат бахъана гьеб маг1арулазе. Гьеб рагъалъ гъорлъе рачана кавказалъулалги г1урусалги, ай т1олабго улкаго. Рагъ байбихьиялъе аслиял г1иллабилъунги Турция, Персия ва Россия г1адал к1удиял улкабазул Кавказалъулгун Каспиялъул раг1аллъабазул ракьазда кверщел гьабизе бугеб къасдал рук1ана. 1813 соналъ хъвараб Гюлистаналъулаб ракълилаб къот1и-къаялда рекъон Дагъистан Россиялде гъорлъе ана. Амма пачаясул х1укуматалда дагъистаниязул мурадазде данде кколеб политика г1уц1ун бажарич1о доб мехалъ. Гьез х1исабалде босич1о дагъистаниязул аслияб бут1а эркенал жамаг1атазул узденал рук1ин ва т1адтарал ханзабазеги бегзабазеги гьел мут1иг1лъизе гьеч1олъи. Гьелъул х1асилалда лъугьана пачаясул аскарги бак1алъулал ханзабиги цо рахъалде ва г1адатияб халкъ цогидаб рахъалде ккараб к1ирикьи. Байбихьана раг1и дандеккунгут1и, дандеч1ей.

Г1урус армиялъе Кавказалъул рагъ бук1ана кьурич1ого пачаясул амру т1убазабилъун. Маг1арулазейин абуни, гьеб бук1ана пачаясул зулмуялдаса ц1унизелъун, чияда рараллъун гьеч1олъиялъе, жидерго эркенлъиялъе г1оло гьабулеб ц1об гьеч1еб рагълъун. Кват1ич1ого г1урусазул офицерзаби дворяназда, х1атта мухъилал солдатазда бич1изе лъугьана гьеб ах1вал-х1ал ва гьезул рахъ кквезе лъугьана гьелги. Доб заманалъ Дагъистаналда вук1арав декабрист Александр Бестужев-Марлинскияс хъвалеб буго:

«Рагъизеян рит1ана-вацлъи лъазабулел руго»,-ян. Амма рагъуца цере лъун рук1ана жиндирго кьварарал законал-т1алабал. Кавказалъул рагъ бук1ана к1иябго рахъалъе балагьаблъун. Муг1рузул шарт1азде ругьунлъич1ел г1урусазе кколел рук1ана ч1ах1иял камиял. Камиял рук1ана маг1арулазулги. Къокъаб заманалда жаниб Шамилида к1вана ч1ара-хьараб Имамат пачалихъ г1уц1изеги гьелъул рак1лъун Ах1улгох1 гьабизеги. Ах1улгох1да х1ет1е ч1езегицин бак1 гьеч1ин абула гъазизабазул бица белъинч1еб. Маг1арулазул бах1арчилъиялъе г1орхъи бук1инч1о гьениб. Гьезул бихьинчилъиялъулги къох1ехьеялъулги бицен Россия тун къват1ибги т1ибит1ун бук1ана. Раг1ана гьеб пачаясдаги. Гьенир рагъулел рук1ана бихьинал-руччаби, херал-г1олилал бат1а гьарич1ого, х1атта т1убарал хъизамалгицин. Кинабго рахъалъ парсаз сверун ккураб Ах1улгох1да бук1инч1о гьекъезе лъимцин. 40-50 метраялъул борхалъуде, гъоба г1урухъа баччулаан гьенибе лъим. Цояб гох1даса цогиялде нахъе къазе ккарал маг1арулал харулел рук1ана кварил гьабураб малиялдасан. Киналго рахун лъуг1идал, цо ч1ужуг1адан уна хадур лъугьарал г1урусазе теларилан кварил мали къот1изе, амма гьей мурадалде щвеч1о. тушманасул гуллица ракьалде щапизаюна гьей. Гьеб бихьарав гьелъул васас гьарула жив виччайин гьеб къот1изеян. Лъукъарав херас васасухъе кьола жиндирго ханжарги т1ок1алъ гьаб жиндие х1ажалъизе гьеч1илан. Парсиве к1анц1арав васас мали ккола ва къот1араб гьебгун гьалагаб г1урул карачалабаз вахчизавула абадиялъе. Гьеле бах1арчилъиялъул гьит1инабго мисал. Гьединал дагьалищ гьенир ккарал, хвасарлъиялде хьулго гьеч1ел, г1умруялъул ахирисел лах1затаз муридзабаз ирсилазе нахъе тарал.

Кавказалъул рагъул г1асилъиялъулги, гьелъул г1ахьалчаг1азул бах1арчилъиялъулги г1емерал нуг1зал руго Дагъистаналдаги чачаналъги. Ах1улгох1 гьезул аслияб ккола. Халкъиял биценалъ ва тарихиял хъвай-хъваг1аязда бук1ун гуреб, доб заманалъул бах1арчилъиялъеги къох1ехьеялъеги бараб памятник бук1инч1о жеги. Жиндир заманалда Кавказалъул рагъул къурбанал рак1алдещвеялъул мемориал г1уц1иялъул пикру рит1ухъ гьабун бук1ана улкаялъул президент Владимир Путиницаги. Г1ашилт1а мемориалияб комплекс базе байбихьана 2016 соналъул февраль моц1алъ. Гьениб кьуч1 лъолаго дуг1а гьабуна Дагъистаналъул муфтий шайих Ах1мал-х1ажица, мах1ачхъалаялъул ва Грозныялъул епископ Варлаамица. Гьеб баялъул х1алт1и т1аде босун бук1ана «Таврия» ООО-ялъ. Мемориал бан буго инвесторазул ва г1адамаз садакъаде кьураб г1арцухъ.

17 метр борхалъиялъул сиги выставкабазул залги гъорлъе бачуна комплексалъ, аск1обго буго мажгитги. Гьабсаг1аталда выставкабазул залалда лъун буго машгьурав художник Франц Рубоца бахъараб «Ах1улгох1де гьужум» абураб сурат-панорама ва кавказалъул рагъул церехъабазулги пачалихъиял х1аракатчаг1азулги портретал. 

Просмотров: 702 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz