Рак1алде щвеялъул турнир
Арал г1одоркъояз Ц1ада росулъ т1обит1ана мунагьал чураяв Х1ажи Къурамух1амадов рак1алдещвезавиялъул волейболалъул рахъалъ турнир. Турниралда г1ахьаллъи гьабуна Хунзахъ № 1, Хунзахъ № 2, Шамил, Болъихъ, Унсоколо ва Гъуниб районаздаса командабаз.
Т1оцебесеб къоялъул х1алуцарал къецазул х1асилазда рекъон финалалде рорч1ана Хунзахъ ва Гъуниб районазул командаби. Лъабабилеб ва ункъабилеб бак1алъе г1оло х1ана Болъихъ ва Шамил районазул командаби. Гьениб дандиязда т1ад бергьенлъи босана Шамил районалъул командаялъ. Х1алуцарал къецаздаса хадуб, киналго х1аязул х1асилал гьаридал бергьана Хунзахъ районалъул команда, к1иабилеб бак1 щвана Гъуниб районалъул командаялъе. Турнир лъуг1игун бергьаразеги призеразеги кьуна кубок, дипломал, медалал ва г1арцулал сайгъатал.
Х1. Къурамух1амадов рак1алде щвеялъул турнир к1одо гьабизе, гьелъул чемпионазда бергьенлъи баркизе рач1ун рук1ана Россиялъул промышленносталъул мустах1икъав х1алт1ухъан, Хунзахъа Ах1мадов Халилбег, Мах1ачхъалаялъул Ленинский районалъул бет1ер Дарбишев Х1ажияв, гьединго Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялде депутат Мачаев Г1абдулх1алим ва цогидалги.
Гьенирго рихьизаруна турниралъул бищун лъик1ав игрок Х1усенов Шамил (Хунзахъ), бищун лъик1ав гьужум гьабулев Г1абдуразакъов Мурад (Гъуниб), бищун лъик1ав защитник-Гъайирбегов Мах1ач (Хунзахъ), бищун лъик1ав пас кьолев-Г1алилмух1амад Г1алиев (Шамил район), турниралъул бищун лъик1ав тренерлъун рик1к1ана Г1абдулхаликъов Мух1амад (Т1ануси), «Приз зрительских симпатий» щвана Т1ануси росулъа Хат1ипов Мух1амадие, гьединго гьеб турниралда Дагъистан республикаялъул волейболалъул федерациялъул президент Аджиев Муслимица гьеб турнир г1уц1арал Ах1мадов Патах1ие ва Къурамух1амадов Мух1амадие кьуна къиматал сайгъатал. К1очон теч1о турнир г1уц1аразда волейболалъул ветераналги. Гьезиеги рук1ана рак1алдещвеялъулал сайгъатал. Гьединго г1уц1ун бук1ана гьобол-гьудуласе квана-гьекъеялъе столги. Г1аммаб къаг1идаялъ босани къецал ана г1уц1адго ва балагьаразе интерес ц1ик1к1араб х1алалда. Нилъецаги баркула нилъерго волейболистазда гьезул бергьенлъи. Жеги ч1ах1и-ч1ах1иял бергьенлъаби щун рохаги нуж г1олохъаби. Баркала турнир берцинго иналъе квербакъаралщиназе.
|