Пятница, 29.03.2024, 00:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Январь » 18 » РАК1 РАГЬАРАБ ГАРА-Ч1ВАРИЯЛДА.
21:45
РАК1 РАГЬАРАБ ГАРА-Ч1ВАРИЯЛДА.

16 январалда Шагьрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул ц1ивищарав бет1ер Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич Задиевасул живго х1алт1уде вач1ун араб лъаг1алил 6 моц1алда жаниб гьарурал х1алт1абазул х1асил гьабулеб ва 2019 соналда цереч1арал масъалабазул бицунеб г1ат1идаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул учреждениязулгин организациялъул нухмалъулез, росабазул администрациязул бут1руз, депутатаз ва цогидалги гьелда г1ахьаллъи гьабизе гъира бугел районалъул г1уц1абазул ва жамг1ияталъул цо-цо вакилзабаз.

Районалъул нухмалъулесул х1асил кьеялъулаб цевевахъин бук1ана гъваридго гъорлъе ваккун киналго г1уц1абазе къимат кьураб, хадубккун гьаризесел х1алт1абазе мух1канал рихьизариял бугеб.

Х1исаб кьеялъулаб к1алъай гьес т1оцебе байбихьана киназдаго мисал бихьизабизе кколеб г1уц1и бугилан райадминистрациялдасан.

Т1оцебе дун х1алт1уде вач1араб мехалда,-ян бицана Н. Махсут1х1ажиевичас,-районалда т1ад батанила 200 миллионалде г1агарараб налъи. Кин гьелдаса рорч1илел, щиб гьабунидай гьеб налъи бец1изе к1велеб абураб суал бук1анила цебе лъураб к1вар бугеб масъалалъун. Киг1анго зах1матаб суал гьеб бук1аниги, дагь-дагь ккун кьолеб къаг1идаялде бачун, кредиталъул реструктуризация гьабун жидеда гьеб т1убазабизе к1ванила, харжил налъи хут1ич1ого дандч1ванила ц1ияб соналдаги. Г1иц1го Мах1ачхъалаялде отчет кьезелъун къот1и-къаялги хъван, администрациялде росун рук1арал 21 х1алт1ухъан х1алт1удаса эркен гьавунила.

-Киг1анго г1емерал зах1малъаби дандч1ваниги, гьарурал х1алт1абиги дагьал гьеч1о районалда. Физкультура ва спорт цебет1езабиялъе г1оло Ц1ада ва Г1обода росабалъ рагьана воркауталъул площадкаби, ремонт гьабуна чанго спортивияб залалъе. Лъаг1илухъ росулъ рагьана ясли-ах ва гьелъул х1асилалда 2 сменаялда школалде хьвадулел ц1алдохъаби цо сменаялде рачине к1вана. Рак1алда буго ц1ияб ц1алул соналде школа рагьизеги. Нилъер бук1инесеб лъимал кколелъул, нилъеца бажарарабщинаб гьабизе ккола гьезул г1умру цебет1езабиялъе, гьезие ц1ализегин лъай босиялъе рук1ине кколел шарт1ал ч1езариялъе. Райадминистрациялъ рес батана, г1арац бук1ун гуро, бук1инч1ониги, 4 миллионги 200 азарго гъурущ ясли-ахазе, 4 млн гъурущ школазе канцтоварал, оргтехника ва цогидабги х1ажалъиялъе, 1 млн гъурущ ясли-ахазе ремонталъе кьезе. Цо-цо нухмалъулезул бичча-бихъан теялъ г1емераб г1арац гьоркьоб унеб буго нилъер. Иргаялда лъимал ясли-ахазде росизе электронияб хъвай-хъваг1ай бук1инабизе ккола ясли-ахазул нухмалъулез. Амма гьезул х1алт1и мух1канаб гьеч1олъиялъ, райадминистрациялда вук1ине кколев вуго гьезул х1алт1уда хадуб хъаравуллъи гьабулев чи. 150 лъимер босун батана ясли-ахалде жидет1е бач1унеб ирга щвезег1анги ч1еч1ого. Гьелъул х1асилалда, райадминистрациялъул казнаялде бач1унеб бук1араб 2 млн гъурущ гьенибе бач1ун гьеч1о.

Районалда къойидаса-къойиде к1вар кьолеб буго ц1и-ц1иял бак1ал рагьиялде, спорт цебет1езабиялде, чанго бак1алда рагьана футболалъул майданал, ремонтал гьаруна ругезе. Районалъул щибаб росулъ руго спортивиял залалги, футбол, волейбол х1азе спортивиял майданалги. Лъил ругел нилъер г1адинал берцинал, щибго х1ажатабщинаб жаниб бугел лъай кьеялъул школалги, ясли-ахалги, спортивиял школалги? Амма гьезда рекъараб рахъи кьолеб х1алт1и гьеч1о. Кир ругел нилъер кибго ц1ар раг1арал спортсменал? Щай гьел къойидаса-къойиде дагьлъулел ругел? Щай гурелъул, лъималазе бокьулеб гьеч1о спортивиял залазде хьвадизе, гьез т1аса рищулел руго телефонал, компьютерал, телевизорал. Районалъул спорткомитеталда т1адаб буго цогидаб х1алт1иялда цадахъго, кин школазда физкультураялъул дарсал кьолел ругелали хал гьабизе. Районалъул цониги школалда гьеч1о физкультураялъул учителас гьабизе кколеб беговая дорожка, к1анц1изе гвенд ва гь.ц.

Районалъул лъай кьеялъул бицани, кагътида кинабго роц1ун буго, амма х1акъикъаталда гьеб гьедин гьеч1о. жакъа школазул директорзабаз бицунеб буго школалда предметазулал муг1алимзаби г1олел гьеч1илан. Щайха нилъер школаз къват1ире риччарал ц1алдохъабаз т1аса бищулареб муг1алимасул хъулухъ. Гьабсаг1аталда школазда х1алт1улел руго г1емерисел 30-40 соналъ цебе х1алт1улел рук1арал педагогал. Щиб нилъеца гьабизе бугеб гьелги х1алт1удаса нахъе ани? Кир ругел нилъер Расул Х1амзатовал, Шахрудин Шамхаловал, Мух1у ва Шамил Г1алиевал ва гьел гурел г1емерал цойгидалги. Лъималазул умумузе ургъел гьеч1о лъималазул ц1алиялъул. Чан эмен вач1унев умумузул собраниялде? Умумузе гьеч1еб лъималазул ц1алиялъул ургъел, муг1алимзабазеги гьеч1о. Гьезги лъималги толел руго телефоназде руссун, жалгоги гьедин рук1унел руго. Абухъего, чахъабиги ч1аго руго, бац1алги г1орц1ун руго.

Беццилеб х1ал гьеч1о росабазул администрациязул бут1рузул х1алт1улги. Гьезие бокьун буго щивалиго жидее г1олон х1алт1изе. Гьез абулеб буго, жидер г1арац гьеч1ин гьабги, добги, добцоябги гьабизеян. Г1арац бугони, дидаги к1ола гьоркьохъаби гьеч1ого кинабго дицаго гьабизе, г1арац хвезабизе. Х1ажат буго росабазул администрациязул бут1рузе цин жалго х1алт1изе. Кварталда жаниб цо нухалъг1аги росабазул г1адамалгун дандч1вазе, бугеб гьеч1еб, х1ажатаб тараб гьезда бицине, данд базе. Жамаг1аталъ вищун ватани гьев, жамаг1атгун рекъон х1алт1изе. Росабазул г1адамал рач1уна райадминистрациялде г1арзалги росун, кумек т1алаб гьабун. Гьел рач1инароан бак1алда х1ажат т1убалебани. Бегавул ккола райадминистрациялъул вакил, гьев отчетал кьезе гурев, г1адамазда гьоркьоб х1алт1и гьабизе вищарав вуго.

Разилъи гьеч1олъи загьир гьабуна районалъул бет1ерас росдал маг1ишаталъул СПКаяздаса, районалъул централияб больницаялъул х1алт1иялдасаги. Киб бугеб нилъер муг1рузулаб Дагъистаналдаго, х1атта республикаялдаян абунигицин, нилъер г1адинаб больница.

Кинал раг1аби абизе бегьулел кабинеталъул к1алт1а унтаравги тун, чай гьекъолел рук1унел, унтараздехун хъач1лъи биччалел врачазда?

Хадубги районалъул бет1ерас бич1изабуна, жив х1алт1уде вач1арав вугила х1алт1улел бак1ал къокъ гьаризе гурев, х1алт1и цебехун бачине. Жиндиеги г1езег1ан зах1мат бугила штатал къокъ гьаризе. Киг1ан, кин бугониги, нилъ къеркьезе кколила, киналго цадахъ цолъун район цебет1езабизе, гьелъул цебе бук1араб г1адаб ц1ар ц1идасанги бач1инабизе, гьеб борхатго ц1унизе. Гьеб цо къоялъ, цо лъаг1елалъ гьабун бажарулеб х1алт1и гурила, гьединлъидал, х1ажат бугила цадахъ цолъун х1алт1и бачине, жив-живас жиндаго т1адаб х1алт1и рак1 бац1ц1адго т1убазабизе.

Н. Задиевас жавабал кьуна г1одорч1араз кьурал суалазеги. Жаваб кьезе санаг1алъи ккеч1ого хут1аразул бицинеги жив бокьараб мехалда х1адурав вугилан лъазабуна гьес.

Гьедин, рак1 рагьараб, цоцада рич1ч1иялъулаб ах1вал-х1алалда ана районалъул бет1ерасулги г1енеккаразулги данделъи.

Н. Г1алиева

Просмотров: 457 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz