19 октябралъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул депутатазул собраниялъул анлъабилеб ах1иялъул т1оцебесеб сесия. Депутатал гурелги сессиялда г1ахьаллъана районалъул ва росабазул бут1рул, райадминистрациялъул юрист, цогидал жавабиял хъулухъалъул х1алт1ухъаби. Сессиялда данделъаразул хал гьабиялде росун рук1ана «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул Уставалда хиса-басиял», «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул депутатазул собраниялъул председатель вищи» г1адал ва районалъул г1умруялда к1вар бугел цогидалги суалал. Байбихьуда сессия бачине председательлъун вищана Буц1ра рищиязул округалдасан райсобраниялде депутат Г1абдулвагьабов Гъазимух1амад. К1алъазе вахъарав райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Юсуповас депутатазда баркана халкъалъ гьезде гьабураб божилъи ва киналго ах1ана гьебги рит1ухъ гьабун район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебе бачине цадахъ рекъон х1алт1изе. Хадусеб иргаялда к1алъарав райадминистрациялъул юрист Г1абдулаев Х1асаница депутатазул лъай-хъвай гьабуна халгьабиялде босараб т1оцебесеб суалалъулгун, бицана гьелъул к1варалъул. Гьоркьоб лъураб суалалдасан жидерго пикраби загьир гьарун к1алъана цо-цо депутатал. Гьез киналго разилъун гьоркьоб лъураб суалалъе рекъон кколеб х1укмуги къабул гьабуна.
Байбихьана депутатаз жидедаго гьоркьоса райсобраниялъул председателасда ц1ар ч1валеб заман. К1алъазе вахъарав Гьамишт1а рищиязул округалдасан райсобраниялде депутат Мух1амадов Г1абдусаламица цеве вук1арав райсобраниялъул председателасул х1алт1уе лъик1аб къимат кьуна ва гьеб хъулухъалде гьаб нухалъги жинда Хваджаев Хважал кандидатура лъик1аблъун бихьанилан абуна. Г1абдусаламил предложениялъул рахъ ккун к1алъана Саг1ид Юсупов, лъег1елдерил депутат Мусаев Г1али, Буц1раса Г1абдулвагьабов Гъазимух1амад. Предложение бач1ана гьеб бак1алдаго рагьараб гьаракь кьеялъеги лъун Хважа райсобраниялъул председательлъун вищейилан, г1ахьаллъарал киналго депутатал гьелдаги разилъун квералги рорхана. Гьедин, к1иабилеб нухалъги Х1ариколо рищиязул округалдасан райсобраниялде депутат Хваджаев Хважа гьелъул спикерлъун вахъана.
Р. Х1амзатов.
|