Районалъул школаздасан харбал
Харахьи гьоркьохъеб школалда
Ц1алдохъабазул Ват1аналде рокьи бижизабиялъул, гьел нилъер улкаялдаса ч1ух1иялъул х1урматалда г1емерал пайдаял тадбирал т1орит1ула Харахьи гьоркьохъеб школалда. Гьединаблъун бук1ана Дагъистаналъул нек1сияб шагьар-Дербенталда, гьеб шагьаралъ 2000 сон т1убаялъул х1урматалда школалда т1обит1араб тарихалъулаб дандеруссинги. Нилъер тарих-гьеб ккола нилъер араб заман. Гьелда бараб бук1уна нилъер бук1инесебги. Цебесеб лъаялъ нилъее кумек гьабула г1умру гьабизе, бит1араб нух т1аса бищизе. Гьедин, школалъул директор Зубаиров Мах1ачица ц1алдохъаби ах1ана нилъерго тарихги, г1адаталги, г1амалалги лъазаризе.
Т1ануси гьоркьохъеб школалда
Школалъул администрациялъул г1ахьаллъиялдалъун т1обит1ана анкьил х1алт1ул план ва ц1алулгун методикияб ишалъул суалал данд ралеб совещание. «Дица кьела ЕГЭ» абураб программаялъул кьуч1алда диагностикияб х1алт1и т1обит1ана математикаялъул ва обществознаниялъул предметаздасанги.
*** *** ***
Мах1ачхъалаялда бугеб республикаялъулаб урологиялъул централдасан рач1арал врачазул къокъаялъ хал гьабуна школалъул ц1алдохъабазул. Гьелъул мурадлъун бук1ана лъималазул урологиялъулал унтаби цереккунго загьир гьари. Школалъул дирекциялъ рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьеб централъул директор Г1ахьалч1и росулъа Дибир Пазлуевичасе.
Хунзахъ лицеялда
Дунялалдаго ц1ар раг1арав аваразул поэт Расул Х1амзатов гьавураб къоялъул х1урматалда школалда т1обит1ана гьесул творчествалдасан вечер. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна учительзабазги ц1алдохъабазги.
Т1агьада гьоркьохъеб школалда
Цолъиялъулъ буго къуват
Анц1ила микьабилеб г1асруялъул бакьулъ, Ираналъул к1удияв полководец Надир-шагь вач1уна Кавказалде 100 азарго чиясдасан яргъид г1уц1араб армияги бачун. Гьесул хьул бук1уна ц1акъго бигьаго 2 к1удияб колонаги гьабун цо рахъалдасан Дербент, Хайдакъ, Тарковскиясул шамхаллъиялдасан Мехтулинский ханлъиялъул тахшагьар-Жунгуталде, цогидаб рахъалдасан Шагь-Дагъ-Могу-даре-Кази-Кумухалдасан Хунзахъе рач1ун Дагъистан жиндиего мук1ур гьабизе.
Гьеб заманалда Дагъистаналъул киналго миллатал цолъун щущахъ риххизарула Надир-шагьил планал. Гьеб лъугьа-бахъиналъул х1урматалда, киса-кибго Дагъистаналдаго г1адин, нилъер республикаялда т1оцебесеб нухалда к1одо гьабулеб Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо к1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда т1обит1ана Т1агьада г1аммаб гьоркьохъеб школалдаги. Гьеб байрамалде школалъул ц1алдохъабаз ва учительзабаз цебеккунго х1адур гьабун бук1ана миллияб рет1ел-хьит: аваразул, лакцазул, лъараг1азул, лезгиязул, нугъаязул ва г1емерал цогидалги миллатазул рук1а-рахъин бихьизабулел церерахъинал, кьурдаби, куч1дул, г1адатал рихьизарулел рукъалъул т1аг1ел-г1уч1, миллиял квенал, инсценировкаби.
*** *** ***
К1удияб ч1аголъиялда ана школалда Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатовас 92 сон т1убаялъул х1урматалда т1обит1улеб шаг1ирасул куч1дул рик1к1иналъул конкурсги.
*** *** ***
Школалда лъик1аб багъа-бачари гьабуна 11 классалда т1орит1изе ругел обществознаниялъул ва г1урус мац1алъул ЕГЭязде цебеккунго х1адуриялда хурхунги.
Х1ариколо гьоркьохъеб школалда
Щибаб школалда бук1ине ккола педагогаздаги ц1алдохъабаздаги гьоркьоб демократиял гьоркьорлъаби г1уц1улеб школалъул самоуправление. Гьеб мурадалда гьал къоязда организатор Х. Хваджаевалъул ва пионервожатая Жамалудиновалъул жигарчилъиялдалъун 5-11 классазул ц1алдохъабазда гьоркьоса т1аса рищана ц1алдохъабазул самоуправлениялде лъимал. Ц1алдохъабазул ихтияр бук1уна школалъул ресазухъ, интересазухъ, г1адатазухъ балагьун школалъул суалал жидецаго т1уразаризе, ц1алдохъабазул ихтиярал ц1унизе, цоцазухъа лъай ва х1албихьи босизе, жавабчилъи бугеллъун рук1ине.
|